Руго хвасар гьариялъул хъулухъал: 01, 02, 03… ва буго Дагъистан, 05

Къого соналъ цебегӏанго дадал гӏарцуца къватӏисеб хӏукуматалда гӏумру гьабизе ворчӏарав «цӏияв дагъистанияс» хъван букӏана «Щай дие дагъистаниял рокьуларел?» абураб жиндирго ватӏаналде «лагӏараб» макъала. Гьелда ничгьечӏица жужахӏалъул къавмалъулгӏанги рехсечӏеб гӏунгутӏи тун букӏинчӏо Мугӏрул Улкаялъул гӏадамазул.

Амма дагъистанияз (СВОялда, ракълилаб гӏумруялда, тӏабигӏияб балагьалъул къохӏехьеялда…) рихьизарулел бахӏарчиял гьунараз, яхӏ бугел ишаз къойил кьарияб мугьру чӏвала дов хиянатчияс абуралъул гӏаксалда иш букӏиналда тӏад.

28 март лъугьана Дагъистаналъе тохлъизарураб ва захӏматаб хӏалбихьилъун — 107 соналъ букӏинчӏеб гӏадаб гучаб тӏабигӏияб балагьалъул асирлъуде ккана чанго росу, аза-азар мискин-пакъир, мацӏ лъалареб боцӏи. Метеорологаз моцӏие бегьулеблъун бихьизабураб цӏадал къадаралдаса 417 % цӏикӏкӏун бана гьеб, Аллагьасул хӏалкӏолъиялдалъун, цо сордо-къоялда жаниб. Ралъад тӏун бараб цӏадал гучал иххаз риххизаруна кьоял, нухал, маххул нухал, лъелги токалъулги мухъал. 800 хъизам хутӏана гӏумруялъ данде гьабураб гӏарцухъ бараб мина-картги гьечӏого, гъанкъана 1200 ах-хур, рикӏкӏен къосинебгӏан гӏемер рукъалъул боцӏи-панз. Канлъигун бухьен гьечӏого хутӏана бащдаб миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи. Дир гӏадатаб халкъалъе ккараб зиян политиказ борцунеб буго миллиардаз.

Амма дие жакъа гьелъул гуро бицине бокьун бугеб. Цӏоб Гӏатӏидав Аллагьасде жидерго бугеб мутӏигӏлъигун, ракӏразилъи-имангун къулчӏана ватӏанцояз тӏаде бачӏараб къварилъи. Гьале, машинабиги ричун гумузда хьвадизе, лъеда тӏад гӏумру гьабизе ругьун гьарилилан махсараби гьарулелцин дир аваданал ватӏанцоязул цо-цоял….

Жакъа бицине бокьун буго сундухъ дие гьаб халкъ хирияб бугебали.

Гьеб батизе бегьула, къанагӏатаб унтуца хвалил кӏичӏикье ккарал лъимал хвасар гьариялъе анкьида жаниб жидерго мукъсанаб «бищунго гӏодобегӏанаб харжил роценалдаса» 230 млн гъурущ бакӏаризе кӏолеб цолъиялъухъги.

Жидерго гӏумруялъе хӏинкъигун бехе унеб гьалагаб гӏурулъе катитӏанчӏи хвасар гьаризе рортулеб «гӏалхулаб» бахӏарчилъиялъухъги.

Тӏабигӏияб балагьалдаса хадур жиде-жидер рокъоре, гостиницабазде гьоболлъи базе гӏадамал ахӏулел, лъадал балагьалдалъун машинаби, техника хваразул гьеб къачӏазе, бихха-хочи ккараб бакӏалдаса кьищни нахъе босизе, насосалъ лъим цӏузе хӏадурал ругин ахӏи барал рикӏкӏен гӏемерал лъазабияздасан бихьулеб квергӏатӏилъиялъухъги.

Хасаб тахбакӏ дир рекӏелъ гьал гӏажаибал гӏадамаз ккун батила дол чӏегӏерал къояз рокъоса къватӏире рахъине санагӏат гьечӏел херал-беццазе рокъо-рокъобе къваригӏараб-тараб босун ун бихьизабураб гурхӏел-цӏобалъги.

Узухъда, хъизамалда цогӏаги сурукъ гьечӏого хутӏуларин абухъе, камуларо жал думалъго гьанир хутӏизеги ругин, сиратӏалъул кьоги ришватги кьун бахинин ракӏалде кколел хъантӏелалги. Гьединалха доб гьекъолеб лъел щуго литралъухъ 170-180 гъурущ ахӏулел даранчагӏиги, гьадаб гӏалагъважаялда гьоркьоб нухлул хӏакъ анцӏго нухалъ цӏикӏкӏун босарал таксисталги. Гьединазе нилъеца тела рогьоялъул хъорщода бакӏ.

Реццалъул хъорщодайин абуни чӏвала «Тооба» рахӏмуялъулаб кумек бакӏарулеб платформаялда чвахунцӏадаздалъун зарал ккаразе 30 млн гъурущ, цӏарги бахчун, садакъа гьабурав «Египетский мангуст» сахаватчи. Ялъуни 1957 соналдаса нахъе Хасавюрт районалде бахъараб хунздерил гӏадамаздасан гӏуцӏараб Шагьада росулъа свак лъаларев экскаваторщик Гӏалисканди. Гьев гӏолохъанаб гуреб ригьалъул чи я жиндаго, я жиндирго техникаялда барахщичӏого, сордо-къоялъ хӏалтӏун вуго росуцоязул буголъи хвасар гьабизелъун. Шегьдерил росулъ бащдаб къадар рукъзабазул гъанкъичӏого хутӏун буго гьесул захӏматалдалъун. Жив халкъалда лъазе мустахӏикъав вуго Шодродаса Хатӏиб абурав бахӏарчиги. Жиндирго кӏитӏалаяб рукъ лъеда гъоркье ун къварилъиялда вугев гьесул къуват гӏун буго лъабго лъималгун эбелалъул гӏумру хвасар гьабун, гъанкъулеб бугеб жидерго рокъоса, решеткаги хъухъан, гьел къватӏире рахъизе.

Рокьиларел кинха дагъистаниял, Цӏияб Цӏиликь росулъ гӏадал гӏолохъаби жанир ругеб? Кодор ккун гьанжего гьанже гьарурал бачал-кьагӏигун риччарал ракъвачӏо гьел гьал захӏматал къояз. Боцӏудацин гьезул гурхӏелалъул гучалъ лъил ракӏха чучилареб?

Рецциларел кин, росдал имамасул ахӏиялда хадур рилълъун, ункъо сагӏаталда жаниб анлъго «Газель» гьекъолеб лъел цӏезабун къварилъи ккаразе битӏарал Хунзахъ росдал гӏадамал…

Жеги чанго гьумер цӏун рехсезе бегьилаан сундухъ дие дагъистаниял рокьулелали, щай дун гьезда гьоркьоса йикӏиналдаса чӏухӏулеяли. Амма щай? Киназдаго бихьидал гьазул гурхӏел бугел ракӏалги бахӏарчияб гӏамалги, яхӏ буголъигун чилъиги, къварилъиялда сверухъ букъараб зар гӏадин цолъиги?!

Хьул буго гьезул гӏамалалдаги къохӏехьеялдаги рекъараб кумек пачалихъалдасан Дагъистаналъул халкъалъе щвезе букӏиналде ва жидерго къварилъигун гьел рехун тунгутӏиялде.

Расул Хӏамзатовас, жиндирго ватӏаналъул бицунаго, абулаан Дагъистаналъул лъабго хазина: ракь (мугӏрул, гӏатӏиракьал), лъим (Каспий ралъад, хӏорал) ва хутӏарабщинаб ругилан.

Жакъа нахъе вукӏаравани, ракӏчӏун абизе кӏола, шагӏирас Дагъистаналъул аслияб ва хиси гьечӏеб хазиналъун гьелъул гӏадамал рикӏкӏинаан.

Ф. Мухӏамадова, «Росдал захӏматчи» газеталъул бетӏерай редактор