Дагъистан нахъеги асир гьабуна лъеца
Анкь гьоркьоб иналде цӏидасанги республикаялде бараб цӏадалъ цӏи-цӏиял заралал гьаруна гӏадамазе.
Дербент районалда лълъелъ тӏерхьун буго 500-ялдасаги цӏикӏкӏун мина-рукъ. Гӏадамал гьениса нахъе гочинаруна. Цӏадаца гӏураб зарал гьабуна Хайдакъ районалъеги. Кирки абураб росулъа цо гӏадан лълъелъ гъанкъун ятана. Дербент ва ДагъОгни шагьаразда киналго ясли-ахалги школалги къан руго.
Гъоркь букӏараб кӏочон телалде, кӏиабизе бараб цӏадаца нахъеги лъетӏа босана Махӏачхъалаги. Лъеца рацана шагьаралъул Редукторазул ва Сепараторазул поселокал.
Гьеб кинабго кӏочон тезабуна цӏияб автостанциялда аскӏоб, Перова къотӏноб бугеб минаялъул гӏадамазе ккараб къварилъи бихьидал. Лъеца кьучӏги жагъал гьабун, расуда бараб жо гӏадин цояб хьолбодеги гьетӏун чӏана гьениб чанго тӏалаялъулаб мина. Гьенир рукӏарал гӏадамал нахъе гочинаруна. Гьатӏан къоялъ, 5 апрелалда къварилъи ккараб бакӏалде ва гӏадамалгун дандчӏвазе вачӏун вукӏана республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовги.
Биххун иналда хӏинкъи бугеб бакӏалда мина базе ихтияр кьурал хӏакимзабиги ралагьун, гьел тамихӏалде цӏазе ругин лъазабуна бетӏерас,
Нахъисеб къоялъ, 6 апрелалда, хӏукуматалъул минаялъуб букӏараб данделъиялда Сергей Меликовас лъазабуна гӏурумухъда тӏад гӏемертӏалаяб мина баялда хурхун цӏех-рехалъул тадбирал байбихьанин абун.
«Цогидал минабиги ран руго гӏурумухъ унеб бакӏалда, — ян абуна данделъиялда С. Меликовас. — Халгьабиялъулал тадбирал унел руго, гӏайибияв тамихӏалде цӏазе ккола. Амма дие гьаниб абизе бокьараб жо буго гьадинаб. Сон-церекъад цӏияб хъулухъалде тӏамурав чи, 10-15 соналъ цебе букӏараб жоялъухъ жаваб кьезе тӏамуни, гьеб битӏун букӏинаро. Гьединлъидал, бокьилаан чанго соналъ цебе гьеб мина базе изну кьурал гӏадамазда хурхунги тӏобитӏизе гьеб халгьаби ва щивав чияс жавабги кьезе», — ян абуна республикаялъул нухмалъулес.
Гӏорал руго хъудулел, жал хъуб гьарулел ругин
Араб анкьалда чвахунцӏадалдаса хадуб Махӏачхъала лъеца лъалъаялъе гӏиллалъун ккола Тарнаирка абураб гӏорда тӏад низам гьечӏого рарал бакӏазул гӏалагъважа.
Республикаялъул Экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул рахъалъ министерствоялъ гьабураб халгьабиялдаса хадуб тӏатинабуна гьеб хӏужа. Гьез бицухъе, Тарнаирка гӏорда тӏад батун буго къануналда дандекколареб хӏалалъ бараб 20 бакӏ. Гьезда гьоркьор руго гӏадамаз гӏумру гьабулел минабиги. Гьедин гӏадлу гьечӏого рарал бакӏаз буго кинабго хвезабун ва цӏад банщинахъе гьел сабаблъун лъеца гъанкъизабулеб буго тӏолабго сверухълъи.
Цӏех-рехалъ бихьизабуна гьедин бакӏазул хӏинкъи букӏин. Марталъул ахиралда бараб цӏадалъ биххизабуна нусгогӏанасеб рукъ, канлъи гьечӏого хутӏана 500 азарго чи. Гьеб кинабго ккола, къануналда тӏасан галиги тӏамун, Тарнаирка гӏорда гӏагарлъухъ рарал бакӏазул «баракат».
Халгьабиялда рекъон гьабураб цӏех-рехалъул материал Махӏачхъалаялъул администрациялде кьун буго жавабиял идарабаз. Шагьаралъул нухмалъи хӏадурлъулеб буго гьелъул иск судалде кьезе ва хадурккунги гьединал гӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал-хӏалал ккунгутӏизе, низам гьечӏого гӏорда тӏад рарал бакӏал щущазаризе.
Тарнаирка ва Черкес-Озень гӏорал рацӏцӏад гьаризе ругин бицана 6 апрелалда журналистазе республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас.
— Гьел гӏурумухъазда тӏад минаби ран рукӏинчӏелани, гьабгонияб балагь ккелароан букӏараб гӏадамазе. Нижеца халги гьабун, гӏайибияв щивали лъазабизе буго. Нижеца тӏатинабизе буго лъица ва кида лъелмухъалда тӏад гӏемертӏалаял минаби разе изну кьурабали. Гьел рарал ва гӏадамазул гӏумруялъе зарал ккезе квербакъарал чагӏаз къануналда цебе жаваб кьезе буго, — ян абуна бетӏерас.
Ашахан Юсупов