Иххица хвезабуна анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун мина-рукъ, школа, гӏадамазул рагӏи-хер

7 апрелалда «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабаз сапар бухьана чвахунцӏадалъ зарал гьабурал росабазул цояблъун кколеб, Хасавюрт районалда бугеб Цӏияб Цӏиликье. Апрелалъул тӏоцересел къояз республикаялде рарал гьалагал цӏадаз гӏадамазе ккараб къварилъиялъул киса-кибего рагӏана. Гӏемерав чиясул мина-рукъ лъелъе ккун гъанкъана. Гӏумруялъ данде гьабун букӏараб магӏишат минатахъ щущазабуна.

Гьеб рахъалъ бищунго цӏикӏкӏун кьаби щвезабуна Хасавюрт районалъул Къадиротар, Гӏадилотар ва Цӏияб Цӏиликь росабазда. Цӏияб Цӏиликь ккола Гумбет районалъул Цӏиликь росдал жамагӏаталъул гӏодоблъиялда бугеб росу.

Ихдалил бакъуца берцин гьабун букӏана лъарагӏлъи. Гьанжеялдего хергӏурччинлъун ругел харибакӏазда щущан букӏана гӏачиязул рехьед, тӏела-тӏелал гьарун кваналел рукӏана гӏиял рехъаби. Рогьалил щубида тӏад кенчӏолел бакъул чӏораз гӏажаибго берцин гьабун букӏана сверухълъи.

Кӏиго анкь гьоркьоб иналде тӏатӏалаго бараб чвахунцӏадалдаса хадуб бакъуе гьимулеб регьелаб ракьалдаса берги гӏорцӏуларого, кӏиго сагӏаталдасан ниж щвана Къадиротар росдада цере. Росулъе рачӏунеб бакӏалда, заманаялъулаб пунктги рагьун, вугоан чанго чи. Самоварги лъун, хъазминиб белъунеб букӏана пловги. Гьезда гьоркьор рукӏана тӏад багӏараб хъанчил гӏаламат бахъарал гурдал ретӏарав чангоявги. Грозныялда бугеб «Красный Кресталъул» вакилзаби ругин жалилан бицана гьез, къварилъи ккаразе кумекалъе рачӏарал.

Кумек гьабуна Дагъистаналъго

Цӏилкьадерил хъутаналде щвана къадекак ахӏулеб заманалда. Мажгиталда цебе бугоан гӏадамазул читӏир. Нижеда дандчӏвай гьабуна Гумбет райадминистрациялъул вакил ва райсобраниялъул депутат Давудхӏажиев Гӏалиханица.

Какал ралалде цебе кваназеги рачана мажгиталда аскӏобго бараб рокъоре. Гьениб лъай-хъвай ккана Гумбет райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель Мухтарахӏмад Ахӏмадовасулгун. Гьесул нухмалъиялда гъоркь чанго чиги вугоан гьениве вачӏун, ккараб заралалъухъ балагьизе ва росдал жамагӏаталъе гьабулеб кумекалъе квербакъизе. Нижедаго цадахъ гӏадин, гьенире щун ругоан Аргъвани росдал жамагӏаталъул вакилзабиги. Росдал бегавул Хӏосен Гӏусмановасул нухмалъиялда гъоркь, саламатаб къокъа букӏана Цӏияб Цӏиликье щун.

Росуцояз, районцояз ва гьединго тӏубараб республикаялъго жидехъе кумекалъулаб квер бегьичӏев чи хутӏичӏин бицана Давудхӏажиев Гӏалиханица

5 апрелалда гьенире щун рукӏана республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги, Халкъияб Собраниялъул вице-спикер Сайгидахӏмад Ахӏмадовги.

— Къварилъи ккарал гӏадамазе хӏукуматалъул рахъалдаса кверчӏвай букӏине бугин абуна гьез зарал ккаразулгун букӏараб дандчӏваялда, — ян бицана Гӏалиханица. Гьабсагӏаталда Цӏияб Цӏиликь хӏалтӏулеб буго хасаб комиссия. Щибаб минаялде щун, ккараб заралалъухъ балагьун, борца-къотӏун, киналъего къимат кьун хӏасил гьабизе буго гьез. Гьелда рекъон, щивасе ккараб заралалъул къадаралъухъ балагьун кьезе буго рецӏалил гӏарацги.

Амма, цогидал хъутабазда ругел гӏемерисел росабазулго гӏадин, Цӏияб Цӏиликь росдалги гьечӏо росу букӏин чӏезабулеб хасаб статус. Гьединлъидал гӏемерисел гӏадамазул минабазул «зеленкаби» гьечӏолъиги буго квеш ккараб жо. Амма, гьелъухъ балагьичӏого, хӏукуматалъул рахъалдаса гӏарцулаб кумек щвезе бугин кинавго чиясеян абуна премьер Гӏ. Гӏабдулмуслимовас ва росабазул статус кьеялъул суалалда тӏадги хӏалтӏизе ругин абун тӏаде жубана гьес, — илан бицана Гӏ. Давудхӏажиевас.

— Тӏуранго риххизарурал минаби ругищ?

— Тӏубанго гъанкъарал ва цӏидасан разе кколеб хӏалалда буго гӏага-шагарго 13-14 мина. Гьезул мухӏканаб къадар загьирлъизе буго лъим нахъе индал, комиссиялъул хӏалтӏи лъугӏидал.

Цӏияб Цӏиликь буго кинабниги 156 цӏараки. Гьезда гьоркьоса 80-гӏан мина-карталъе зарал ккана. Гӏемерисел минаби рукӏана хӏарщул кирпичалъ рарал.

— Минаби рехун тезе ккарал гӏемерисел Хасавюрталда хӏебтӏун ругин бицана…

— Киналго гьенире гочинаруна. Лъим кӏанцӏараб къоялъго, хехаб куцалда, гьел нахъе рачине тадбирал гьаруна нижеца. Тӏабигӏияб балагь нилъеда гьукъизе кӏоларелъул, тохлъукьего бачӏараб къварилъиялъул хабар киса-кибего рагӏун, гӏемерав чияс битӏун бачӏана садакъа. Лъим, квен-тӏех ва ретӏел-хьиталде гӏунтӏун. Цохӏо республикаялдаса гуребги, Краснодар, Ставрополь, Ростов ва цогидалги регионаздаса, хӏатта Казахстаналдасацин бачӏана гуманитарияб кумек.

— Лъим, ток, газ бугелъул бищун хӏажатаб жо, гьелъул рахъалъ къварилъи бугищ?

— Ток гьечӏого лъабгогӏаги къоялъ рукӏана. Газ буго. Гьекъолеб лъел рахъалъги гьабсагӏат къварилъи гьечӏо. Бакӏ-бакӏаздаса битӏун бачӏана. Цогидаб жоялъе хӏалтӏизабизе артезианалъул лъимги буго кӏудиял къалал цӏун.

— Школалда дарсал кьей гьоркьоб къотӏанищ?

— Школалъул минаги ккана лъеде гъоркье. Амма дарсал гьоркьор къотӏизе течӏо. Нижер гьаниб букӏараб мадрасаялъул кӏиго минаялда жанир цӏализарулел руго лъимал. Гьединго нижехъе вачӏун вукӏана републикаялъул лъай кьеялъул министр. Гьесги рагӏи кьуна гъоркь букӏаралъул бакӏалда цӏияб, модулалъулаб школа базе.

Нижехъе рачӏиналде батулеб Гӏадилотар росдае ккана бищунго кӏудияб зарал. Гьенибе лъим кӏанцӏун букӏин лъарабго, гьениса бачӏунеб ихх цогидаб рахъалде чвахизабизе тадбирал гьаруна росдал гӏолохъабаз. Нижее хӏалае рачӏана Сивухъ росдал гӏолохъабиги. Баркала буго киназего ва щивасдаса Аллагьги разилъаги.

Мелъелтӏаса ва цогидалги росабалъа ракьцоязул кумек

— Райадминистрациялъул рахъалдасанги бажарараб кумек гьабизе бугин бицана районалъул нухмалъулесул заместитель Мухтарахӏмад Ахӏмадовас.

— Жакъа гьаниб хӏалтӏулеб буго районалъул комиссия. Гьелде тӏадеги, кинабго лъим нахъе ун хадуб, росабалъа волонтералги ракӏарун, щибаб мина-рукъалъе кумек гьабизе, къадал эхетизе, тӏохал разе чагӏи рукӏине руго гьанир. Киназулго минаби рукӏалиде ккезаричӏого гьаниса нахъе ине гьечӏо. Гьединаб буго районалъул бетӏер Гъалип Гъалиповасул тӏадкъай.

— Администрациялъул рахъалдасан гӏарцудалъун кумекги гьабизе батиларищха?

— Зарал ккарав щивав чиясе районалъул нухмалъиялъ кумек гьабизе буго. Гьелда течӏого, щибаб росдацаги бакӏарулеб буго гӏарац. Гьединго гӏарац бакӏарулеб буго «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъги. Гьезда хъвачӏого, щибаб росдал будун-дибирзабаз мажгиталдаги рагьун буго къварилъи ккаразе садакъаде гӏарац кьезе хасаб счет. Гьадинаб балагьалда цере кинавго чи цолъун, цоцазе кумекалъе гъункулеб гӏадат буго нилъехъе умумуздасанго бачӏараб. Гьеб жакъа нилъецаги рехун тун гьечӏо. Аллагьас хъван батани, гьалдаса хадубги хадур рачӏунезги цӏунила гьеб гӏадат.

«Гьаб кӏочараб бихьугеги… Хутӏараб бигьаяб жо»

Тӏубанго лъеца мина-карт хвезабуразул цояв ккола Цӏияб Цӏиликьа Гӏалихъиличев Исмагӏил. Мажгиталдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, цо къватӏ бахун добехун буго гьесул мина. Тӏад резиналъул чакмаялги ретӏун лъугьана ниж, жеги хӏабургъараб лъеца цӏун бугеб гьесул азбаралъуре.

— 1984 соналда гочана дун Цӏияб Цӏиликье, Хӏалтӏана механизаторлъун. Дирго квералъ бараб мина букӏана гьаб. Цогидазулго гӏадин, саманалъул кирпичалъ гьарурал къадал рукӏана дирги. Амма бищун кӏудияб гъалатӏ биччан батана, мина балаго, гьелъул кьучӏ борхизабун букӏинчӏолъи. Гьединлъидал, жакъа дица цогидаздаги рагӏизе букӏине абулеб буго, гӏатӏиракьалда ралел минаби кӏванагӏан цӏикӏкӏун кьучӏ борхатаб гьабун райилан.

Цебесеб къоялъ гӏумраялдаса руссун рукӏана дунги хъизанги гьаб кинабго ккелалде. Доб сордоялъги нижерго тухум-кьибилалъул чагӏи ахӏараб кӏудияб мавлид букӏана дир гьаниб. Сордо бан гьелги гьанирго чӏун рукӏана. Лъим кӏанцӏун бугин ахӏи бахъиндал, хехаб къагӏидаялъ цин гьел рахинаруна машинаялде. Хадуйго хъизанги йитӏана Хасавюрталде, — ян бицана Исмагӏилица.

— Битӏараб бицани, нижерго мина рукъ гъанкъиялъул ургъел кӏоченабуна, сордо бан гьанир рукӏарал гӏагарлъиялъул чагӏи рорчӏилародаян абурал пикрабаз, — ан бицана гьесул хъизан Патӏиматицаги. — Гьел сах-саламатго рорчӏанин абураб хабар рагӏидал, гӏемер йохиялъ макьуго щвечӏо доб сордоялъ.

Гӏажаибго рекӏее гӏуна нижее, бихьараб къварилъиялда къуркьизаризе кӏвечӏел, ракӏ разиял гьурмалгун, гӏадатго нижеда гара-чӏварулел рос-лъади рихьидал. Жамагӏаталъулго хӏажат тӏубалев чи вукӏанин Исмагӏилилан абуна нижеда цадахъ вукӏарав райадминистрациялъул заместитель Мухтарахӏмадицаги. Исмагӏилги гьевги цадахъ цӏалулелги рукӏун руго.

Гьале гьаниб букӏанин гьесул мастерскаялъул рукъилан, азбаралъуре рачӏунаго тӏоцебе батулеб, хӏарщулги кьищни-къулалъулги цӏун бугеб цо рукъги бихьизабуна гьес.

Чанго соналъ росдал депутатлъунги бегавуласул заместительлъунги хӏалтӏун вуго гьев.

— Гьале ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ гьесие кьун рукӏарал шапакъаталги Баркалаялъул кагъаталги, — ян рихьизаруна Патӏиматица, хӏарщулъе ккун рукӏарал гьелги кодоре росулаго. — Гьаб цояб рокъор, нижгун цадахъ гӏумру гьабун рукӏана ясги гьелъул лъималги.

Цогидаб къайи-цӏаялда гьоркьор ругоан нахъе босизе заман гӏечӏого гьенирго хутӏарал расанкӏабиги.

— Нижго гӏадин, мина-карт биххарал хъизамал жеги руго Цӏияб Цӏиликь, — ан абуна Патӏиматица хадубги. — Доле доб мина бихьулищ, гӏурччинаб махх тӏад ккураб, цояб рахъалде гьетӏун буго доб. Долъул бетӏергьаби жеги гӏумраялдаса руссинчӏо.

Цӏияб Цӏиликь гӏумру гьабун руго Дагъистаналъул муфтилъун вукӏарав Сайидмухӏамад-хӏажи Абубакаровасул гӏагарлъиги. Хасмухӏамад-хӏажил кӏиго яцгӏалги йигин жидедаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏогоян бицана Патӏиматица. Гьезулги минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялъубе кӏанцӏун бугоан лъим.

— Гьаб кӏочараб бихьугеги, Аллагьасул цӏобалдалъун гӏадан-чиясе къварилъи ккечӏелъул, щукру-рецц гьабун рукӏине ккела нилъ. Минаяли цӏидасан базе бегьула, — ян абуна Исмагӏилица, къо-лъикӏ гьабизе нижер квералги росулаго. — Нужее кӏудияб баркала, Аллагь разилъаги гьанире щвезегӏан рачӏарал нужедаса, — янги абун, нижее гьара-рахьи гьабулев тана ракӏ лъикӏав гьев инсан.

Гьединал, иманалъул жаниса ругӏун цӏурал чагӏазул баракаталъ цӏунун хутӏун ратила нилъ дагьабги кӏудияб балагьалде ккечӏогоян хӏисаб гьабуна дица, Цӏияб Цӏиликьа къватӏире лъугьунаго. Гьединал чагӏи жеги чӏаго рукӏиналъухъ Бетӏергьанасе щукру буго, гьел ругебгӏан мехалда гьезул гьениб гӏумруги цӏилъила. Дир рагӏаби тасдикъ гьаризего гӏадин, цо азбаралъуб хӏелекоги гӏегӏедана, чодул пунхъиги чахъабазул гъадиги рагӏун, сверухълъи чӏаголъун бачӏана…

Бакъаникак ахӏулев будунасул гьаркьида гъоркь къо-лъикӏ гьабуна нижеца гӏатӏиракьалда бугеб гьеб магӏарул росдалгун.

Ашахан Юсупов, Махӏачхъала-Цӏияб Цӏиликь