Марталъул ахирисел ва апрелалъул тӏоцересел къояз рарал гучал цӏадаз гӏемерал росабазе зарал ккана. Гӏумруялъ данде гьабураб магӏишат хвана, минабазул къадал риххана. Гӏатӏиракьалда ругезе гуребги, къварилъи ккана магӏарухъ ругел росабазеги. Масала, Унсоколо районалъул Гьаракӏуниб росдае. Амма республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалги бихьун, гьерекӏ руцӏцӏун чӏана, чанго къоялъ токги лъимги букӏинчӏониги, гьезул рахъалдасан гӏарзал рукӏинчӏо. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, «Хӏакъикъаталъул» хӏалтӏухъабаз сапар бухьана рехсараб росулъе, гьениб бугеб хӏалги бихьизе, гӏадамаз бицунелъухъги гӏенеккизе.
Росулъе буго кӏиго нух: заводалдасан росутӏараде унеб басрияб. Нижин абуни ана басрияб нухдасан. Гьенисан унаан цебе заманалда гӏадамал гӏатӏиракьалде. Гьанже гьенисан ине хӏинкъараб хӏал буго, чӏунтун буго нух ва бокьараб мехалъ гьарчал рачӏинеги рес буго.
Нижеда данде вачӏана росдал бегавуласул заместитель Шамил Гӏалиев. Гьес рихьизаруна чвахунцӏадаз зарал гьабурал рукъзал, бицана росулъ бугеб хӏалалъул ва гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.
— Марталъул ахирисел ва апрелалъул тӏоцересел къояз рарал чвахунцӏадаз цӏакъ кӏудияб зарал гьабуна росдал жамагӏаталъе ва гьезул буголъиялъе. Бищун цӏикӏкӏун къварилъи ккана кӏиго минаялъе. Цояб рокъоса анлъго хӏайван ана иххица. Аллагьасе рецц, гӏадан-чиясе къварилъи ккечӏо. Гӏиси-бикъинаб бугониги зарал ккана 40-50-гӏан чиясе. Анкьалъниги букӏинчӏо росулъ я лъим, я ток. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гӏолохъабаз ток бачиналъе. Гьабсагӏаталда гьеб бачун буго Рихьуниса. Гьединго, цогидал авалаздаса баччун чӏезабуна лъимги. Райадминистрациялъул рахъалдасан бачӏана КамАЗ цӏураб лъим. Кӏудияб кумек щвана «Инсан» фондалдаса. Хӏалтӏухъабигун цадахъ, чедги лъимги босун вачӏана Унсоколо районалда бугеб ТЦЗНалъул нухмалъулев Рашид Мухӏамадгӏалиев. Кумек гьабулеб буго цогидал росабазул гӏадамазги, — ян бицана Ш. Гӏалиевас.
Риххарал минаби къачӏан тӏуралеб хӏал бугищ яги гӏадамал цогидал бакӏазде рахъинейищ ккезе ругелилан гьикъидал, Шамилица абуна минаби цӏигьаризе бажарунгутӏи букӏинарила, амма кумек хӏажалъилин абун.
— Къварилъаби ккун руго, амма, талихӏалъ, гӏадан-чиясе зарал ккечӏо. Кумек гьабизе бокьарал гӏадамалги гӏезегӏан руго ва бакӏарулеб буго жамагӏатазул рахъалдасан гӏарцулаб кумекги, — ян бицана рузманалде ине гӏедегӏарав росдал имам Мухӏамад Гӏумаровас.
Гьаракӏуни росдал къватӏахъан хьвадулелъул, бихьулеб букӏана ккараб зарал гьитӏинаб гьечӏеблъи. Гъоркьгоги къваридал, хьвадизе санагӏат гьечӏел нухал хвезарун руго. Цо минаялъул биххараб къедалъ чанго чиясул азбар-къоноялъе гьабун буго зарал. Кӏиго-лъабгониги минабазул къадалъан рукъзабахъе баккулеб буго лъим ва гӏекколел руго тӏохал. Ганчӏал тӏаде рортун, шифер гъурарал минабиги камун гьечӏо.
Тӏадруссунелъул ниж лъалхъана Шамилхъалаялда ва щвана райадминистрациялде. Гьаракӏуни росулъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицунаго, районалъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Хӏамзатовас абуна:
— Чвахунцӏадал раялдалъун зарал ккана гьеб росулъа ичӏгониги чиясе, жеги хал-шал гьабулебги буго. Росулъе бугеб цояб нухдасан лъел цӏураб машина битӏана, ток гьечӏого пекарня хӏалтӏулеб букӏинчӏелъул, чедги битӏана. Бульдозерги цогидаб техникаги ва кумекалъе бихьиналги ун рукӏана Гьаракӏунире. Палхӏасил, токги лъимги чӏезабуна росдае.
Зарал ккараб щибаб бакӏалъул гьабулеб буго акт ва гьелъул хӏасилалда щивасе гьабизе буго гӏарцулаб кумекги. Районалъул имамасда цадахъ лъугьун, чвахунцӏадаз зарал гьабурал цогидал росабазеги, кумек гьабиялъул мурадалда гӏарац бакӏарулеб буго. Баркала буго районалъул тӏолабго жамагӏаталъе. Гьедин бакӏарараб гӏарцул рахъалдасан гьерекӏдериеги гьабизе буго кумек, нижеца тӏадеги жубан. Нухалги къачӏала, токгун лъимги чӏезабила.
Диеги бокьун буго гьерекӏдерил росдал жамагӏаталъе баркала кьезе. Кутакалда сабру бугел гӏадамал ратана. Чанго къоялъ ток гьечӏого ругониги, Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалги бичӏчӏун, гьезул цонигияс гӏарз гьабичӏо. Баркала буго тӏолабго районалъул жамагӏаталъеги гьабураб кумекалъухъ.
— Республикаялъул гӏемерал бакӏазе зарал ккун бугелъул, районалъул рахъалдасан щиб кумек-квербакъи гьабураб ва гьабулеб бугеб?
— Унсоколо районалдаса гӏезегӏан волонтерал ана кумекалъе. Кӏвараб кумек гьабуна Хасавюрт районалъе. Жамагӏаталъ бакӏарана 1400 000 гъурущ ва гьединго хӏажатаб къайи-цӏа.
Ниж тахшагьаралде щун рукӏинчӏо, росдал бегавуласул заместитель Шамил Гӏалиевас ругьел бачӏана «Инсан» фондалъул Унсоколо районалда бугеб филиалалъ лъабнусазарго гъурущ бачӏанин абун.
«Хӏакъикъаталъул» социалиял гьиназдасан тӏибитӏизабураб видео сабаблъунги, гьерекӏдерида гурхӏарал гӏадамаз битӏун бачӏун буго 120 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гъурущ.
Гьаракӏуни росдал жамагӏаталъ ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьолеб буго жидеда аскӏоб гӏаданлъи гьабунщинасе.
Аллагьас балагьаздаса цӏунаги киналго.
Надира Гӏамирханова