Киса-кибего гӏадин, Казбек районалдаги рарал цӏадаз чанго бакӏалдаса нухал хвезаруна.

«Дагъавтодоралъул» комиссиялъ, райадминистрациялъул ва проекталъулаб гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъабазгун цадахъ, зарал ккарал бакӏазухъ хал-шал гьабуна ва, гьелъул хӏасилазда рекъон, районалъул нухал цӏигьаризе хӏукму ккана.

Дилим-Гъостала-Ичкӏа-Миякьо росабалъе унеб нух ччукӏун бачӏун, Хубар росулъе рачӏунеб нухдасан, кӏудияб свериги гьабун, хьвадизе кколел рукӏана.

Гъостала росдал бегавул Гъиримсултанил вас Абакарил цебегоялдаса нахъе пикру букӏана умумузул нух цӏигьабизе. Районалъул нухмалъиялда дандги бан, байбихьана хӏалтӏи гьабизе.

— Абакар, умумузул нух цӏигьабизе тӏоцебе лъил пикру ккараб?

— Битӏараб бицани, гьеб пикруялде вачӏарав чи вукӏана дунго. Гъоркьиса, 19 июналда, гьенисан нух къан букӏана ва Хубаралдасан свериги бахъун хьвадизе кколаан. Гьелъул хӏакъалъулъ бицана районалъул нухмалъулев Хӏажимурад Мусаевасда. Ниж кӏигониги нухалда щвана гьенире ва гьес абуна бажарараб кумек жинцаги гьабилин, байбихьейилан.

Росдал гӏолохъабаздаги дандбана ва гьелги разилъана. Гьедин байбихьана нух гьабизе.

— ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Камилпаша Гӏумахановги вугелъул гьединаб бакӏалда хӏажаталъув ватулев чи, гьесул рахъалдасан кумек щванищ?

— Камилпашаца ахӏун бачӏана щиб къваригӏаниги абеян, бокьараб къоялъ къватӏибе бахъине хӏадурго кӏиго грейдер бугилан. Кӏудияб баркала буго гьесие.

— Росдал гӏолохъабаз гьабун буго кӏудияб кумек…

— Валлагь, гьабуна. Аллагьас кирилъун хъван батаги. «ШАХ» аптекабазул бетӏергьан Апанди Шахӏабасовас абуна жинцаги кӏвараб кумек гьабизе тӏаде босулин абун. Беркиханов Мухӏамадица рачӏана жанисан лъим биччалел маххул рогӏрал. Гьудул-гьалмагъзабазе ва киналго кумек гьабуразе буго кӏудияб баркала.

Гьанжеялде лъугӏун руго аслиял хӏалтӏаби, хутӏун руго гӏиси-бикъинал жал. Гьава-бакъ лъикӏлъарабго гьелги лъугӏизаризе руго.