2026 соналъул 13 марталда Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул Педералиял цӏех-рехазул централъул Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб мацӏазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталда букӏараб битӏунхъваялъул комиссиялъул магӏарул группаялъул гӏалимзабазул данделъиялда, мацӏалъулъ ккарал хиса-басиялги хӏисабалде росун, хӏукму гьабуна магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъул Къагӏидабазул цӏияб дандебоси газеталда кьезе. Нижеца гьеб кьолеб буго щибго хиси гьабичӏого. Гьелда тӏасан нужерго пикраби нижехъе ритӏани бокьилаан.
Россиялъул гӏелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул Педералиял цӏех-рехазул централъул Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб мацӏазул, литератураялъул ва искусствоялъул институт
Цеберагӏи
Магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъул къагӏидабазул гьаб цӏияб ва камиллъизабураб дандебосиялъе кьочӏое босана 1941 соналъ Ш.И. Микагӏиловас хӏадур гьабураб ва басмаялда бахъараб битӏунхъваялъул къагӏидабазул тӏехь. Гьеб тӏехьги ва гьелда цадахъ лъураб гьитӏинабго словарги (кинабниги щуазарго рагӏи) бахъун букӏана аслияб къагӏидаялда школазда пайда босиялъул мурадалда, ва кӏудияб хис-басго гьабичӏого, гьеб къватӏибе биччана 1955, 1966, 1978, 1989 соназдаги. 2021 соналъ къватӏибе биччана магӏарул мацӏалъул битӏунхъваялъул кӏудияб гӏелмияб словар (И.А. Исхӏакъов, М.Гӏ. Мухӏамадов, М.Ш. Халилов). Гьелда жаниб цодагьалго хиса-басиял гьарун руго цере рукӏаразда тӏаде.
Чара гьечӏеблъун лӏугьун буго, магӏарул мацӏалъул киналго рахъазулаб цӏех-рех гьабун, гъваридго ва мухӏканго лъазабиялъул кьучӏалда битӏунхъваялъул къагӏидаби камиллъизариялъул иш. Битӏунхъваялъул къагӏидабазул дандебоси гӏуцӏиялъ цӏакъго цӏикӏкӏараб пайда кьезе буго жакъа цӏалдохъабазеги, студентазеги, журналистазеги, вузазул ва гӏелмиял институтазул гӏалимзабазеги – къокъго абуни, магӏарул мацӏалда кӏалъалел ва хъвадарулел тӏолалго магӏарулазе.
Гьебги хӏисабалде босун, Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Мацӏазул, литератураялъул ва искуствоялъул институталъ планалде босана цереккун къабул гьарун рукӏарал къагӏидабазул кьучӏалда, аслияб куцалда гьезде мугъчӏвайги гьабун, нилӏер мацӏ загӏиплъулеб ва тӏагӏун унеб букӏинги хӏисабалде босун, жакъа къоялда хӏалтӏизабулеб литературияб мацӏалда рекъараб цӏияб битӏунхъваялъул къагӏидабазул дандебоси хъвазе.
Гьеб мурадалде щвезелъун Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Мацӏазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъул хӏалтӏухъабаз цӏидасан халгьабуна битӏунхъваялъул къагӏидабазул, ралагьана гьенир ругел гӏунгутӏаби, рукӏалиде ккезаруна ва камиллъизаруна цо-цо къагӏидаби.
Тӏоцебесеб иргаялда, мацӏ цӏунизе ккани, чияр мацӏаздаса рачӏарал рагӏаби (кинаб мацӏалдаса рачӏарал ругониги, батӏалъи гьабичӏого) магӏарул мацӏалъул къануназда рекъон хъвазе ккола. Амма жакъа къоялда жаниб гьеб тӏалаб тӏубазабизе цӏакъ захӏмалъизе букӏиналда бан, нижеца бихьизабулеб буго чияр мацӏалдаса рачӏарал рагӏаби гьеб мацӏалда ругел гӏадин хъвазе, цого-цо магӏарул мацӏалда гьечӏел гьаркьалги данде кколел магӏарул гьаркьаз хисун (порма, словар, лижаби ва гь.ц.) Гьелъ рес кьезе буго нилӏер хъвай-хъвагӏай жакъа нилӏер бугеб мацӏалде гӏагар гьабизе ва гьеб бигьалъизабизе. Хъвараб жо гъалатӏ ккечӏого цӏализе бажариялъул кӏудияб кӏвар буго гӏун бачӏунеб гӏелалда битӏараб мацӏ лъаялъе. Кӏиабизеги, магӏарул мацӏалда ругел киналго понемаби алпавиталде росизе ккола.
Республикаялъулаб битӏунхъваялъул комисиялъул магӏарул группаялъ гьоркьобги лъун, гьенир гьарурал хиса-басиязул кьучӏалда гьаб Дандебосиялъул проект хӏадур гьабуна М.Гӏ. Мухӏамадовас.
Цо-цо хӏарпазул битӏунхъвай
1. Мукъулукъалъул ахадасан бахъулеб рагьукъаб ъ гьаракь цо-цо рагӏабазулӏ хъвала рагӏул бакьулӏги ахиралдаги. Масала, гьуърул, Муъминат, масъала, вабаъ, дуъдуи, Гӏайнаъ. Гӏемерисеб мехалъ гьеб гьаракь хъвачӏого тола. Масала, рии, роое (хъвазе кколаан риъи, роъое ва гь. ц). Гӏурус мацӏалдаса рачӏарал рагӏабазулӏ ъ ишара хӏалтӏизабула гьенибго гӏадин цо рагӏиялда жаниб гьаркьикъаб гьаракь хадуб бачӏунеб рагьараб гьаркьидаса тӏезабун абулеблъи бихьизабизе, масала: съезд, субъект, объект.
2. Й хӏарпалъ гьаркьикъаб гьаракь бихьизабула. Гьеб хӏарп хъвала рагӏул авалалда и, о хӏарпазда цебе кколеб бугони: йилизе, йигьине, йокьизе, йорчӏизе, йолка.
3. Я, Ю хӏарпал хъвала гьезда жаниб жинсияб гӏаламат гьечӏони, масала: ярагъ, ярагьине, баян, вачӏаная, юргъан, каюта, вахӏю. Жинсияб гӏаламат бугони, гьезул бакӏалда йа, йу хъвала: йачӏана, йуссана.
4. Кӏирекъараб хх хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: биххизе, махх, раххан, ххвел, ххине, ххезе, ххам, буххизе, ххвезе, ахх.
5. Кӏирекъараб сс хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: бессизе, буссине, руссун, ссан, сси.
6. Кӏирекъараб лълъ хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: релълъине, малълъ.
7. Кӏирекъарал кк, кӏкӏ ва чч хъвала литературияб мацӏалда рагӏулебщинаб бакӏалда. Гьел рагӏаби словаралда кьун руго.
8. Кӏирекъараб цц хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьезул цогидал формабазулъ: беццизе, ицц, ццин.
9. Кӏирекъарал цӏцӏ ва чӏчӏ хъвала гьал хадур рехсарал рагӏабазул кьибилазулъ ва гьездасан лъугьунел рагӏабазул цогидал формабазулъ: бацӏцӏине, бецӏцӏизе, буцӏцӏине, цӏцӏе, бечӏчӏизе, чӏчӏвад, речӏчӏизе, ричӏчӏ, бичӏчӏизе, мачӏчӏ.
10. Ш, щ гьаркьал рагӏулебщинаб бакӏалда хъвала: шагьи, шал, шар, щар, щагӏир, щамат, щиб, щигӏру, щуго, вачӏанищ ва гь. ц. Литературияб мацӏалда гӏемерисеб мехалда ш гьаракь дандчӏвала цоги мацӏаздаса рачӏарал рагӏабазулӏ.
11. лӏ гьаракь рагӏулебщинаб бакӏалда хъвала: лӏар, лӏутизе, рилӏине, нилӏ, нолӏ (гьеб гьаракь хъвазе кколел рагӏаби битӏунхъваялъул словаралъул ахиралда батӏагоги кьун руго).
12. Пӏ хӏарп хъвазе кколеб рагӏи литературияб мацӏалда цо буго (гьопӏа), гьединлъидал гьеб хӏарп алпавиталда скобкабазда жаниб кьолеб буго.
13. Залим, калам, цӏам, цӏум, жулам, хам, лъим, тӏом гӏадал рагӏабазул ахиралда м хъвала.
14. Намус, накъит гӏадал рагӏабазул бетӏералдаги чаран, керен, гӏадан, чан гӏадал рагӏабазул ахиралдаги н хъвала.
15. Хъ хӏарп кьибилазулӏ бугониги, супиксазулӏ ва ахиразулӏ бугониги, литературияб мацӏалда рагӏулебщинаб бакӏалда хъвала.
16. Кӏутӏби цере цӏутӏизарун абизе кколел (лабиалиял) гьаркьал вхӏарпалъул кумекалдалъун рихьизарула: квар, къверкъ, кьватӏел, щвезе, квине. Жалго жидедаго чӏарал гьаркьал (понемаби) кколарелъул, гьел алпавиталде росун гьечӏо.
17. Падежазде сверулаго, гӏемерлъул порма лӏугьунаго, цо-цо рагӏабазул кьибилалъул м гьаракь н гьаркьиде сверула, цогидазул — гӏаксалда сверула. Масала, гамачӏ — ганчӏил, ганчӏал, эмен — инсул; чаран — чармил, хъазан — хъазмил.
Предметиял цӏаразул битӏунхъвай
18. Кули, нус, муч, хӏуби гӏадал рагӏаби падежазде хисизарулаго, кьибилазулӏ бугеб у гьаракь о гьаркьица хисула: колол, носол, мочол, хӏобол.
19. Гӏор абулеб рагӏи падежазде хисулаго, кьибилалъулӏ бугеб огьаракь у гьаркьица хисула: гӏурул.
20. Рокъоб, зодоб, бокьоб гӏадал рагӏабазулӏ о хъвала.
21. Ударение тӏоцебесеб слогалда бугел ва ахиралда у, о хъваялъулӏ щаклъи кколел предметиял цӏаразул ахиралда у хъвала: гӏе́лму, гӏа́кълу, щу́кру, гӏа́зу, па́гьму, ро́су, гьо́цӏу.
22. Кӏиабилеб слогалда ударение бугел рагӏабазул ударениялде гъоркье кколеб рагьараб гьаракь рагӏухъе хъвала: хоно́, гьоло́, мачӏу́, рахъу́, накку́, чахъу́, гьоцӏо́.
23. Лъабго слогалъулал рагӏабазул ахиралда о яги у хъваялда щаклъи ккани, кибго о хъвала: кьохо́рхо, мого́ро, хӏала́хӏо, хӏеле́ко, ма́диро, месе́до.
24. Кӏиабилеб слогалде ударение кколел, тӏоцебесеб слогалда у яги о хъваялъулӏ щаклъи кколел рагӏабазулӏ у хъвала: гьуме́р, гӏурхъи́, тӏухьи́, гурде́, хӏухье́л, жуба́й ва гь.ц.
25. Гӏаммал ва хасал цӏаразул кьовул падежалъул ва рачӏул падежазул (жинде, жиндихъе, жиндилӏе, жиндикье) ахиразда, цолъул ва гӏемерлъул порма батӏалъи гьечӏого, е хӏарп хъвала, гӏакдае, Гӏалие, гӏакдаде, рукъалъухъе, рукъзабазухъе, салулӏе, ганчӏикье.
26. Жидедалъун цӏиял предметиял цӏарал лӏугьунел: -хъан, -лъи, ро, -ен, -ел, -кӏо, -ко, -гьан абурал супиксал литературияб мацӏалда рагӏухъе хъвала: хӏалтӏухъан, хӏалтӏухъаби, хъухъадиро, ретӏел, релъен, расанкӏо, расанкӏаби, чия́кӏо, хӏелеко, гьабигьан. Чи, чагӏи, чӏужу, руччаби абурал рагӏаби супиксаллъун ва журарал рагӏаби лӏугьинаризе хӏалтӏизарун ругони, рекӏун хъвала: зулмучи, бахӏарчӏужу, гьунарчагӏи, къоролруччаби.
27. Кӏиго рагӏи цоцаде жубан лӏугьунеб тӏубараб цо магӏна бугеб предметияб цӏар жубан хъвала: квербацӏцӏ, хӏотӏочӏел.
28. Журарал рагӏаби лӏугьунаго, хаслъул падежалъул супикс лгӏемерисеб мехалда гьоркьоб биччала: бачибокь, сологӏучӏ, хӏамизаз, билигъуд, къоркъотӏамах, гӏабкӏитӏамах, гьакибер, цӏороберал, цидурукъ, бакъанимех, рогьалимех.
Баян: Цӏцӏелмегеж, чолхӏетӏе, цидулквачӏ (хурдузда цӏарал), цӏадалхӏама гӏадал рагӏаби хаслъул падежалъул супикс л цӏунун хъвала.
29. Прилагателноялъул аслуялде тӏаде предметияб цӏар жубан лӏугьарал предметиял цӏарал рекӏун хъвала: багӏаргӏеч, багӏармесед, Чӏегӏергӏор, чӏегӏеркару, чӏегӏергьоло, багӏаргьоло, чӏегӏерхӏайван, хъахӏмикки, гӏурччинхер, хъахӏибил, чӏегӏерракь ва гь. ц.
30. Предметияб цӏар предметияб цӏаралде жубан лӏугьарал ва жалги бакӏалъул хасал цӏараллъун ругел рагӏаби рекӏун хъвала: Кьилимегӏер, Гьирикъварилъи, Хӏаригабурлъи, Гӏарахъмегӏер (Сулахъ гӏор, Волга гӏор, Хъазан шагьар батӏатӏун хъвала).
31. Гӏадамазул ва бакӏазул хасал цӏарал абулеб къагӏидаялда хъвала, кӏиго рагӏудасан лӏугьарал ругони, журанги хъвала: Хӏажи, Загьид, Мухӏамад, Гӏали, Гӏабдухаликъ, Махӏачхъала, Лъаратӏа, Болъихъ, Хъахӏабросу, Жалалудин, Хӏажимухӏамад, Гъазимухӏамад, Гӏалигъалбацӏ, Кӏудиябросу, тӏадинхо, Тӏасачӏугӏли.
32. Кӏиго рагӏи цоцаде жубан, гӏага-шагараб магӏна лӏугьунеб цӏияб рагӏи гьоркьоб деписгун хъвала: хур-хер, гӏанкӏу-хӏелеко, росу-ракь, боцӏи-панз, азбар-къоно.
33. Кӏиго рагӏудасан гӏуцӏараб ва гӏага-шагарлъи магӏна кьолеб жубараб рагӏуда гьоркьоб депис лъола: мада-гъадар, ахӏвал-хӏал, гура-сурун, хинкӏ-минкӏ ва гъ. ц.
Прилагателноязул ва
причастиязул битӏунхьвай
34. Росабазул цӏараздасан, наречияздасан, глаголаздасан лӏугьунел: салтӏасев, салтӏасей, салтӏасел, гьоркьохъеб, гьоркьохъей, гьоркьохъев, гьоркьохъел, абулев, абулей, абулеб, абулел, абулареб, абуларел гӏадал рагӏабазул ахиразда -ев, -еб, -ей, -ел хъвала.
Баян: Цо-цо росдал гӏадамазул гӏаммал цӏарал -в, -ав, -яв, -иявсупиксазул кумекалдалъун лӏугьуна: датунав, дилимав, гунияв, чӏохъияв, кьохъияв, кӏахъияв, чӏикьияв ва гь. ц.
35. Араб, бачӏунеб ва гӏахьалаб заманалъул причастиялъул гьечӏолъиялъул пормаялъул бищун хадусеб рагьараб гьаракь ехӏарпалдалъун хъвала: гьечӏеб, абичӏеб, абилареб, абулареб, букӏинчӏеб, букӏинареб, букӏунареб, лъечӏеб, лъелеб, лъолеб.
36. Прилагателноязул ва причастиязул кьовул ва рачӏул (жинде, жиндихъе, жиндилӏе, жиндикье) падежазул ахиразда цолъул ва гӏемерлъул пормабазулӏ батӏалъи гьечӏого, е хӏарп хъвала: рекӏарасе, рекӏарасде, рекӏарасухъе, рекӏарасукье, хъахӏасе, хъахӏасде, хъахӏасухъе, хъахӏасукье ва гь. ц.
37. Кьибил такрарлъун лӏугьунел прилагателноял ва причастиял депис лъун хъвала: багӏа-багӏараб, цӏакъа-цӏакъаб, чӏегӏе-чӏегӏераб, боса-босараб, вачӏа-вачӏарав.
38. Журарал прилагателноязул магӏнаялъул чучлъи, ялъуни кутаклъизаби бичӏчӏизабулел кӏкӏуяб, ккараб, кьераб, хӏалаб, чараб гӏадал бутӏаби рекӏун хъвала: чӏегӏеркӏкӏуяб, багӏарккараб, бихьинмахӏаб, чӏегӏерчараб.
39. -гӏан, -гӏадин абурал дандекквеялъул союзал гьоркьор риччан ругони, гьединал рагӏаби лахӏ, гӏазу, цӏо, бил, кан гӏадал рагӏабазда рекӏун хъвала: лахӏчӏегӏераб, гӏазухъахӏаб, цӏохъахӏаб, билбагӏараб, кантӏогьилаб ва гь.ц.
40. Рикӏкӏеналъул кьибилалда тӏаде -гъатаб, -тӏалаяб, -багьаб, -бокӏонаб гӏадал рагӏаби журан лӏугьарал прилагателноял рекӏун хъвала. Мисал: кӏигъатаб, лъабтӏалаяб, кӏибагьаб, лъабокӏонаб ва гь. ц.
41. Предметияб цӏаралде, къокъаб прилагателноялде -махӏаб, -хӏалаб, -кьераб, -ккараб жубан лъугьарал журарал прилагателноял рекӏун хъвала: оцмахӏаб, салихӏалаб, хъахӏилкьераб, гьитӏинккараб.
42. Хаслъул падежалъул пормаялда тӏаде -аб супикс жубан прилагателноял лъугьуна магӏарул мацӏалъул рагӏабаздасанги (цӏадал-аб, тӏогьол-аб, хӏурул-аб), чияр мацӏаздасан рачӏарал рагӏабаздасанги (кислородалъул-аб, коллективалъул-аб, баркалаялъул-аб).
43. Чияр мацӏаздасан рачӏарал рагӏабазда тӏаде -б, -ияб супиксал журанги лӏугьуна цӏиял прилагателноял: комедия-б, кооператив-ияб, капиталист-ияб. Гьел прилагателноязул лӏугьин цо букӏинги хӏисабалде босун, гьел киналго словаралда кьолел гьечӏо.
Цӏарубакӏазул битӏунхъвай
44. Ниж, нилӏ, нуж абурал цӏарубакӏал аслу цӏунун хъвала: нижер, нилӏер, нужер, нижее, нилӏее, нижее, нижеца, нилӏеца, нужеца ва гь. ц.
45. Жиб, жив абурал цолъул пормаялъул цӏарубакӏаз киналго аслиял гурел падежазул кьибилазулӏ бугеб рагьараб гьаракь хисизабичӏого цӏунула; аслиял гурел падежазулӏ бугеб кӏиабилеб рагьараб гьаракьги и буго: жиндир, жиндие, жиндица (жинца абун хъвазеги бегьула). Гьел цӏарубакӏазул гӏемерлъул пормаялъул аслияб гурел падежазулӏ бугеб тӏоцебесеб рагьараб гьаракь и буго, кӏиабилеб е буго: жал — жидер, жидее, жидеца.
46. Цӏарубакӏазул кьовул ва рачӏул (жинде, жиндихъе, жиндилӏе, жиндикье) падежазул ахиразда е хӏарп хъвала: лъие, лъихъе, сундухъе, лъилӏе, сундулӏе, лъикье, сундукье, дие, диде, дихъе, нижее ва гь. ц.
47. Цӏарубакӏазул аслу такрарлъун лӏугьунел рагӏабазда гьоркьоб депис хъвала: жив-жив, жиде-жидер.
Рикӏкӏеназул битӏунхъвай
48. Къадар бихьизабулел рикӏкӏеназул (цо, кӏиго, лъабго, ункъго, щуго, анлӏго, анкьго, микьго, ичӏго, анцӏго, нусго, азарго) ахиралда о хъвала: кӏиго тӏехь, лъабго тетрад.
49. Жубараб рикӏкӏеналъул (кӏиго яги цӏикӏкӏун кьибилалдасан гӏуцӏараб) кьибилалда хадуб бугеб рикӏкӏен рекӏун хъвала: кӏинусго, лъабазарго, анцӏазарго.
50. Гӏуцӏарал рикӏкӏенал батӏатӏун хъвала: кӏикъоялда анцӏила ичӏго; микьнусиялда лъабкъого, къоло кӏиго.
51. Гӏага-шагараб къадар бихьизабулел рикӏкӏенал гьоркьоб деписгун хъвала: кӏиго-лъабго, ункъо-щуго.
52. Чан-чан цадахълъи бихьизабулел рикӏкӏенал гьоркьоб деписгун хъвала: кӏи-кӏи, анцӏила щу-щу, кӏинус-нус.
53. Иргадул рикӏкӏеназе хӏалтӏизабулеб -абилеб частица рекӏун хъвала: кӏиабилеб, лъабабилеб, ункъабилеб ва гь. ц. Гьединал рикӏкӏенал гӏараб ципрабаздалъун хъвалел ругони, гьоркьоб деписги лъун, хъвала: 2-абилеб, 3-абабилеб, 5-абилев. Румазул ципрабазалъул хъвалел ругони, -абилеб частица хӏалтӏизабуларо, масала: XХӀ гӏасру, II бетӏер ва гь.ц.
54. Рикӏкӏеналде тӏаде журалел -цӏул, -гъатаб, -ккун абурал пормантал рекӏун хъвала: кӏицӏул, лъабцӏул, ункъгъатаб, цо-цоккун, кӏи-кӏиккун, лъаб-лъабккун.
55. Цо пуланаб къадаралдаса пуланаб къадаралде щвезегӏан къадар бихьизабулел рикӏкӏеназда гьоркьоб тире лъола, масала: 15-17 тонна.
56. Прилагателноял гӏадал рикӏкӏеназул кьовул ва рачӏул (жинде, жиндихъе, жиндилӏе, жиндикье) падежазул ахиразда е хӏарп хъвала: кӏигоясе, кӏигоясде, кӏигоясулӏе, кӏигоясухъе, кӏигоясукье.
57. Прилагателноял гӏадал рикӏкӏеназул хаслъул падежалъул ахиралда -ул хъвала: кӏигоясул, лъабгоясул; лъабасулго.
33. Дробазулал рикӏкӏеназулъ щибаб рагӏи батӏатӏун хъвала:
0,1 — анцӏго бутӏа гьабун цо бутӏа,
1/8 — микьго бутӏа гьабун цо бутӏа,
1,5 — цогин бащдаб;
2,5 — кӏигогин бащдаб;
8,3 — микьгогин анцӏилӏа лъабго,
7,4 — анкъгогин анцӏилӏа ункъо,
8,09 — микьгогин нусилӏа ичӏго.
Глаголазул битӏунхъвай
58. Глаголиял цӏаразул ахиралда гьал хадур рихьизарурал супиксазул цояб хъвала: -и, -ин, -ей, -ай, -ой, -уй (ахӏи, аби, букӏин, седей, кӏалъай, кьолой, цуй, туй).
Баян: Щакал бакӏал ккани, глаголиял цӏаразул ахиразда хъвазе кколеб супикс битӏунхъваялъул словаралде балагьун лъала.
59. Глаголалъул мурадияб пормаялъул ахиралда кидаго е хӏарп хъвала: абизе, букӏине, седезе, кӏалъазе, кьолозе, пузе.
60. Глаголалъул тӏалабияб пормаялъул ахирал гьадин хъвала:
а) ахиралда -ей, -и бугел глаголиял цӏаразулӏ кьибилалде тӏаде -ежубала: лъей — лъе, тей — те, седей — седе, лъедей — лъеде, ахӏи — ахӏe, кӏанцӏи — кӏанцӏе.
Баян: Ахиралда -и, -ей бугел цодагьал глаголиял цӏаразул кьибилалде тӏаде -а жубанги лӏугьуна: ворти — ворта, щвей — щва, чӏей — чӏа;
б) ахиралда -ин бугел глаголиял цӏаразул кьибилалде тӏаде -а жубан хъвала: букӏин — букӏа, вачӏин — вачӏа.
Баян: Ахиралда -ин бугел цо дагьал глаголиял цӏаразул кьибилалде тӏаде -е жубанги лъугьуна: бачин — баче, мерхьин — мерхье;
в) ахиралда -ай, -ой, -уй бугел глаголиял цӏаразул пормаги тӏалабияб пормаги цoхӏo буго: хъвай, кьолой, пуй;
г) глаголазул кӏиго тӏалабияб порма бугони, словаралда кӏиябго кьун буго: гьуинлъизе, -ула, -ила, -ана, -е, -а; унтизе, -ула, -ила, -ана, -е, -а; хӏеккине, -уна, -ина, -ана, -е, -а.
61. Ахиралда -и бугел глаголиял цӏаразул тӏалабияб глаголалъул гьечӏолъиялъул порма лӏугьуна кьибилалда тӏаде -уге жубан: абуге, кьабуге, ахӏуге.
62. Ахиралда -ин бугел глаголиял цӏараздасан гьечӏолъиялъул тӏалабияб порма кьибилалда тӏаде -унге жубан лӏугьуна: лӏугьин — лӏугьунге, букӏин — букӏунге.
63. Ахиралда -ей бугел глаголиял цӏаразул тӏалабияб глаголалъул гьечӏолъиялъул порма, кьибилалда тӏаде -оге жубан лӏугьуна: седей — седоге, рекъей — рекъоге, лъей — лъоге, щвей — щоге.
64. Ахиралда -ай, -ой, -уй бугел глаголиял цӏаразул гьукъиялъул порма кьибилалда тӏаде -аге, -оге, -уге жубан лӏугьуна: кӏалъай — кӏалъаге, кьолой — кьологе, пуй — пуге.
65. Тӏалабияб глаголаллъул гьарул порма тӏалабияб глаголалъул буголъиялъул букӏа, гьечӏолъиялъул букӏа пормаялде тӏаде -ги жубан лъугьуна: гьабе — гьабеги, гьабуге — гьабугеги, букӏа — букӏаги, букӏунге — букӏунгеги.
66. Кьолболаб у бугел цо слогалъул масдарияб ва тӏалабияб пормаялъул глаголазул ахиралда -й бугони, гьеб -ги, -го, -гун, -гӏан, -дал союзал ва частицаби тӏаде журан лъугьарал пормабазулъги цӏунула: пуй — пуйги, пуйго, пуйгун, пуйгӏан, пуйдал; суй — суйги, суйго, суйгун, суйгӏан, суйдал; цуй — цуйги, цуйго, цуйгун, цуйгӏан, цуйдал; цоги батӏиял пормабазулъ цӏунуларо: пузе, пула, пуна; сузе, сула, суна; цузе, цула, цуна.
67. Кьолболал у, о гьечӏел кӏиго ва цӏикӏкӏун слогалъул масдарияб ва тӏалабияб пормаялъул глаголазул ахиралда -й бугони, гьеб -ги, -го, -гун, -гӏан, -дал союзал ва частицаби тӏаде журан лъугьарал пормабазулъги цӏунула: квачай — квачайго, квачайгун, квачайгӏан, квачайдал; кӏалъай — кӏалъайги, кӏалъайго, кӏалъайгун, кӏалъайгӏан, кӏалъайдал; седей — седейги, седейго, седейгун, седейгӏан, седейдал.
68. Кьолболал у, о гьечӏел кӏиго ва цӏикӏкӏун слогалъул гьарул ва цогидал пормабазулъ цӏунуларо: квачай — квачаги, квачазе, квачала, квачаге; кӏалъай — кӏалъаги, кӏалъазе, кӏалъала, кӏалъаге; седей — седеги, седезе, седола, седоге.
69. Тӏалабияб глаголалъул гьесизарул пормаялъул ахиралда -инхъвала: цӏализин, хъвазин, абизин, букӏинин, боржинин.
70. Вуго, йиго, руго ва гьечӏо абурал глаголазул ахиралда о хӏарп хъвала.
71. Ахиралда -ин бугел глаголиял цӏараздасан гӏахьалаб заманалъул глаголал кьибилалда тӏаде -уна жубан лӏугьуна: букӏин — букӏуна, лӏугьин — лӏугьуна.
72. Гӏахьалабги, арабги, бачӏунебги заманалъул глаголалъул гьечӏолъиялъул пормаялъул ахиралда о хӏарп хъвала: гьабичӏо, гьабуларо, гьабиларо.
73. Гьабизе глаголалъул кумекалдалъун лӏугьунеб гьабизабул глагол гьадин хъвала: лъазабизе, кваназабизе, бачӏинабизе, букӏинабизе. Лъазе гьабизе, кваназе гьабизе, бачӏине гьабизе, букӏине гьабизе хъваниги битӏун буго.
74. Кьибил такрарлъун лӏугьунел глаголазул кӏиябго кьибилалда гьоркьоб депис лъола: лъе-лъезе, щве-щвезабизе, тӏе-тӏезе, борт-бортизабизе, кьаб-кьабизе.
75. Гьаби масдаргун цадахъ хӏалтӏизарулел рагӏаби, гьез цо магӏна кьолеб бугониги, батӏаго хъвала: кӏодо гьаби, пикру гьаби, хӏисаб гьаби ва ц.
Наречиязулги деепричастиязулги битӏунхъвай
76. Гьоркьоб, гӏодоб, кодоб ва гь. ц. наречиязулӏ кӏиябго рагьараб гьаракь о хӏарпалдалъун хъвала.
77. Жаниб, къватӏиб гӏадал наречиязул ахирияб рагьараб гьаракь и хӏарпалдалъун хъвала.
78. Журарал наречиял рекӏун хъвала. Масала: кӏалагъоркъе, чехьатӏаде, гьабсагӏат, чӏванкъотӏун.
79. Ахиралда -и, -ин бугел глаголиял цӏараздасанги, гьединго цо слогалдасан гӏуцӏарал ахиралда -ей бугездасанги деепричастие лӏугьуна -ун супиксалъул кумекалдалъун: ахӏи — ахӏун, букӏин — букӏун, пуй — пун, лъей — лъун, щвей — щун, чӏей — чӏун.
80. Ахиралда -ай, -ой бугел глаголиял цӏараздасан деепричастие лӏугьуна -н супиксалъул кумекалдалъун: хъвай — хъван, чӏвай — чӏван, бай — бан, кьолой — кьолон, сорой — сорон.
81. Ахиралда -ей бугел глаголиял цӏараздасан деепричастие лӏугьуна -он супиксалъул кумекалдалъун: седей — седон, гьекъей — гьекъон.
82. -аго супиксалъул кумекалдалъун лӏугьарал деепричастиязул буголъиялъул пормаялъул ахиралда букӏа, -ого супиксалъул кумекалдалъун лӏугьарал гьечӏолъиялъул пормаялъул ахиралда букӏа охӏарп хъвала: абулаго, букӏунаго, гьабичӏого, букӏинчӏого, абуларого, букӏунарого.
83. Букӏунедухъ, абуледухъ гӏадал наречиял хъвалеб норма буго:ахирияб рагьараб гьаракьалъе у, цебехун е.
84. Абухъе, букӏухъе, чӏовухъе, товухъе, седохъе, кьолохъе, лъедохъе гӏадал наречиязул ахиралда е хъвала.
85. Жиндир кумекалдалъун деепричастие лӏугьунеб -дал супикс рекӏун хъвала: аби — абидал, букӏин — букӏиндал, лъай — лъайдал, седей — седейдал, кьолой — кьолойдал, пуй — пуйдал.
Союзазул, хадурегӏелазул ва частицабазул битӏунхъвай
86. Амма, ва, ялъуни, гьединго, гӏадин, гӏадаб, я абурал союзал, гьединго гӏоло абураб хадурегӏел батӏа тӏун хъвала: мун а, амма дун инаро; Дов гӏадин цӏалани, мунги вукӏина отличник; Гӏали, гьединго Гӏумар тӏаде ана; Гӏали ва Гӏумар рокъор руго; Я мун, я дун; Дие гӏоло тӏубай дуца гьеб иш, мун киниги дун регӏун гьечӏо; Кинниги вачӏунги вугелъул, жаниве лӏугьа.
87. -ги абураб союзги, -го, -гин, -лъила, -али, -ха, -ни, -цин, -лъуни, -лъунни, -лъидал, дай, -ин, -али, -ниги, -я (гьеб частицаялъул бакӏалда хӏалтӏизабун бугони), -ан, гӏан, -хъин, -ани, -щинаб, -гониябабурал хадурегӏелал ва частицаби цере ругел рагӏабазда рекӏун хъвала. Мунги дунги; мунго вачӏа; дунгин цадахъ; гьадав чи Гӏалилъила; Дунали вачӏинин, дуца щиб гьабизе бугеб? Гӏумарниги витӏе рохьове; Щайха мун вачӏинчӏев? Дунни вачӏинин, мун вачӏинищ? Гӏалицин вачӏинчӏо; Я дун, ялъуни мун ине ккола гьенире; Мунлъунни бокьиларо дие; Щибдай гьадаб? Гӏумарлъидал гъов вукӏарав; Лъидадай дов кӏалъарав; Мун ватилин вукӏана дун, гурев вукӏун вугоха; Дунали рокъове унев вуго; Щибниги лъаларо досда; Гьанибе босея гьеб; Довгӏан гӏезе дуе лъабго сон буго; Хӏалтӏизехъин вуго дов; Нухда гӏарац цӏикӏкӏун босарабани лъикӏан; Гьанив вугевщинав чи къватӏиве лӏугьа; Гьабгонияб тӏехь кисадай гьасие щвараб?
88. Цоцаз, цоцазе ва гьединго гьезул цогидалщинал пормабиги гьоркьоб депис лъечӏого, цохӏо рагӏи гӏадин хъвала; гьезул тӏоцебесеб рагьараб гьаракьги о буго.
89. Цитатиял частицаби -ан ва -ян цебе бугеб рагӏуда рекӏун хъвала. Амма чияр калам батӏа гьабизелъун кавичкабазде жанибе бачунниги, тиреялъ батӏа гьабунниги бугони, гьел супиксал батӏа хъвала: «Жакъа данделъи буго», — ян лъазабуна председателас.
Междометиязул битӏунхъвай
90. Ле, огь, я, ия, ияхӏ, вай-вай, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, о ва гь. ц. междометиял аскӏор ругел рагӏабаздаса ратӏаго хъвала, гьездаса запятаяздалъунниги, ахӏул ишараялдалъунниги, суал ишараялдалъунниги ратӏа гьарула; гьезул цо тайпа тӏадехун бихьизабураб куцалда гьоркьоб деписгун хъвала.
Батӏиял мацӏаздасан рачӏарал рагӏабазул битӏунхъвай
91. Чияр мацӏаздасан рачӏарал рагӏаби хъвала магӏарул мацӏалда гьечӏел гьаркьалги гьезда данде кколел хӏарпалги хъвачӏого. Магӏарул мацӏалда гьечӏеб ф хӏарп хисун п хӏарп хъвала, ы хӏарпалъул бакӏалда и хӏарп хъвала, ь хӏарп хъвала гь, кь, хь кӏирекъарал хӏарпал лъугьине: пабрика, председател, параграп, пакъир, пиргӏавн, виговор, вимпел, виставка, учителница, учител, модел, гьаб, хьит, кьабизе.
92. Ахиралда -а бугел рагӏабазул гьеб -а нахъе рехизе бегьуларо я аслиял, я цогидал падежазда: смета — сметаялъул, схема — схемаялъул, коммуна — коммунаялъул, каюта — каютаялъул, вахта — вахтаялъул.
93. Ахиралда -ие бугел рагӏабазул аслияб падеж гьел ахиралги цӏунун хъвала, амма цогидал падежазда ахирияб -е хисун -я бачӏуна: заседание — заседаниялъул, собрание — собраниялъул.
94. Школа, пабрика, аптека, почта, газета абурал рагӏабаз аслияб падежалъул ахиралда а цӏунулеб бугониги, гьезул цогидал падежазде хиси гьаркьикъаб гьаракь бугезул гӏадин лъугьуна: школа — школалъул, пабрика — пабрикалъул, газета — газеталъул; школаялъул, пабрикаялъул, газетаялъул хъвазеги бегьула.
95. Ахиралда -ство, -ск супиксал ругел гӏурус рагӏаби ахиралда рагьараб гьаракь бугел магӏарул рагӏабазул къагӏидаялда хисула: производство — производствоялъул, министерство — министерствоялъул; Буйнакск — Буйнакскиялде, Минск — Минскиялде; ахиралда -изм супикс бугел ахиралда гьаркьикъаб гьаракь бугел магӏарул рагӏабазул къагӏидаялда хисула: социализм — социализмалъул.
Кӏудиял хӏарпазул битӏунхъвай
96. Кӏудиял хӏарпал гьал хадур рехсарал бакӏазда хъвазе ккола:
а) предложениялъул бетӏералда (тӏанкӏалда, суалияб ва ахӏул ишарабазда, гӏемер тӏанкӏазда хадур);
б) кӏиго тӏанкӏалда хадур, цитата бачӏунеб бугони;
в) кочӏол щибаб мухъил бетӏералда;
г) хасал геограпиял цӏаразул бетӏералда;
гъ) учреждениязул хасал цӏаразул бетӏералда;
гь) журналазул, газетазул, тӏахьазул, асаразул хасал цӏаразул тӏоцебесеб рагӏул бетӏералда;
д) праздниказул цӏаразул тӏоцебесеб рагӏул бетӏералда.
е) орденазул ва медалазул опициалиял цӏаразул бетӏералда;
ж) чанго рагӏудасан гӏуцӏарал учреждениязда лъурал цӏарал хъвалаго, бищун цебесеб рагӏул бетӏералда кӏудияб хӏарп хъвала, цогидал рагӏаби гьитӏинал хӏарпаздалъун хъвала: Гӏелмабазул академия, Школазул институт;
з) киналго абревиатураби (рагӏабазул бетӏерал хӏарпал росун гӏуцӏарал рагӏаби) чӏахӏиял хӏарпаз хъвала хъвала: ЮПО, РП, РД, США.
Баян: Гьезда хадур рачӏунел падежиял супиксал рекӏун хъвала: ЮПОялъул.
Цо мухъидаса цоги мухъиде рагӏи бикьун боси
97. Рагӏаби цо мухъидаса цоги мухъиде слогазде рикьун росула, цебесеб хӏарпалдаса батӏа гьабичӏого: ща-къи, щакъи-тӏел.
98. Цо хӏарп цо мухъалда тезеги, цогидаб мухъалде бачинеги бегьуларо. Ияхӏ, мун, ябу, ина.
99. Цо мухъидаса цоги мухъиде рагӏи бикьун босулеб мехалъ, кӏутӏбузулал (лабиалиял) гьаркьазул в хӏарпги, гьединго ъ, ь ишарабиги цере ругел хӏарпаздаса ратӏа гьаризе бегьуларо: ба-къвана, макъ-ала, багь-ана. Кӏирекъарал абулел хӏарпазул (с, х, ц, лъ, кк, кӏкӏ, цӏ, чӏ) гӏаламаталги цоцаздаса батӏа тӏезаризе бегьуларо. Ъ хӏарп гьаракь бихьизабизе хӏалтӏизабун бугони, гьеб хадуб бугеб хӏарпалда цадахъ цоги мухъиде бикьун босула, масала: мас-ъала, гьу-ърул. Рагьул ахиралда бугони, цебе бугеб хӏарпалда цадахъ цоги мухъиде бикьун босула, масала: ваб-аъ.
100. Цогидал мацӏаздаса рачӏарал рагӏабазулӏ рукӏунел кӏирекъарал хӏарпал цо мухъидаса цоги мухъиде росулаго, цоцадаса ратӏа гьаризе бегьула: про-грам-ма, ком-му-нист, кас-са, хӏат-та.
Пунктуация
Тӏанкӏ
101. Тӏанкӏ лъола хабарияб предложение лӏугӏараб бакӏалда. Кӏудияб ахикь дирго бокьулеб гъветӏ бихьула дида. (P.ХӀ.).
102. Цо-цо баянал, ричӏчӏулел-лъалел рагӏаби къокъ гьарун тараб бакӏалда, ва гь. ц. (ва гьел гурел цогидалги).
103. Гӏодоре риччан абулеб тӏалабияб предложениялъул ахиралда. Мун метер гьаниве вачӏинчӏого чӏоге.
Суалияб ишара
104. Суалияб ишара лъола суалияб предложениялъул ахиралда. Щайдай дун гӏадамазда гьадин рихарав? (М.М.).
105. Суалияб магӏнаялъул битӏараб каламалъулӏ авторасул рагӏабазда цебе. «Дунищ дуе къваригӏарав?» — ан гьикъана васас гьалмагъасда. (М.Ш.).
Ахӏул ишара
106. Ахӏул предложениялъул ахиралда ахӏул ишара лъола. Ватӏаналъул эркенлъиялъе гӏоло хварал бахӏарзазе абадияб рец!
107. Гьари, ялъуни буюри жинца бичӏчӏизабулеб предложение ахӏул интонациягун абулеб бугони, гьелъул ахиралдаги ахӏул ишара лъола.
Дуе нух битӏаги, тӏадмагӏарул вас,
Тӏадегӏанал ракьал цӏунизе унев! (3.ХӀ.).
108. Ахӏул интонациягун абулеб бугони, хитӏабалда, междометиялда, гьединго у ва гуро абурал рагӏабазда хадуб. Гӏашура! Мун сваканги ятила, Супагун цадахъ дур кӏущтӏа рокъобе щвезабилищ! (Р.Хӏ.).
Огь! Дидаги лъала, лъимги гьечӏони,
Бакъги рекъечӏони, гъветӏ бакъвалеблъи. (Р.Хӏ.).
Гуро! Гьеб дие кидаго бокьуларо.
Запятая
Запятая лъола:
а) Тайпа цоял членал цоцаздаса тӏезаризе:
1) союз гьечӏел тайпа цоял членал: Салман тӏаде вахъана, рахъ-рахъалде валагьана. (М.М.);
2) союзгун ругел кӏигоялдаса цӏикӏкӏарал тайпа цоял членал цоцаздаса ратӏа гьаризе: Ахӏмадги, Салманги, Сурхайги ахикьехун ана;
б) ахӏул интонациягун абулареб хитӏаб батӏа тӏезабизе: Биччай, Пидел, гӏебал гьел дур гъуждузде гъалараб буртина тӏаде рехизе (Р.Хӏ.). Хӏасан-даци, рохел бицун, щиб кьелеб? (М. С.);
в) бутӏал ялъуни тире лъун тӏезаруларел гьоркьор кколел рагӏаби ва предложениял ратӏа тӏезаризе: Бицанихъе, гьав чи Мусал гьобол вуго;
г) ахӏул интонация гьечӏого абулел междометиял ратӏа тӏезаризе: Вахӏ, гьаниб телепоналъухъе бакӏарун бугила халкъан гурищ дида абураб? (М.С.) ;
гъ) «у» ва «гуро» батӏа тӏезабизе:
— Мун самолеталдайищ вачӏарав?
— Гуро, дун поездалда вачӏана.
— Нилӏ жакъайищ экскурсиялъ рахъинел?
— У, жакъа рахъина;
гь) батӏалъизабураб определение тӏезабизе: Нилӏеда гъоркьов Гӏабдула вуго, жакъадго тӏад вусине кколев;
гӏ) батӏалъизабураб цадахълъел тӏезабизе: Нилъер Ватӏан, Росиялъул Педерация, дунялалда бищун кӏудияб улка буг;
д) деепричастиял гӏуцӏиял ратӏа тӏезаризе: Тӏад хинаб ретӏелги ретӏун, чуги кьолон, Ризван сапаралде вахъана;
е) заманлъун ва бакӏлъун ругел ратӏалъизарурал хӏалал ратӏа гьаризе: Нилӏер гьаниб, Дагъистаналъул ракьалда, хасел цӏакъго квачараб букӏунаро. Гьанже, гьутӏби тӏегьалеб гӏужалда, нилӏер ах цӏакъго берцинго букӏуна;
ж) гьоркьоса рахъилъун ругел сверелал ратӏа гьаризе: Киналго лъимал, Мансур хутӏизегӏан, школалде щун ругоан;
з) союзгун бугеб жубараб сокӏкӏараб предложениялъулӏ гӏадатал предложениял цоял цояздаса ратӏа тӏезаризе: Цӏад чӏана, ва ниж сапаралъ рахъана;
и) союзал ва союз рагӏабигун ругел тӏаджурарал предложениял бетӏерал предложенияздаса ратӏа гьаризе: Кватӏичӏого цӏад базе бегьула, щайин абуни милъирщаби гӏодорегӏанисан роржунел руго;
к) бетӏераб предложениялъул жинца баян кьолеб рагӏуда хадуб ккун бугони, определениелъун тӏаджубараб предложение батӏа гьабизе: Жакъа нижеца къед лӏугӏизабуна, сон Гӏумарица кьучӏ лъураб;
къ) хӏалаллъун тӏаджурарал предложениял бетӏераб предложениялдаса ратӏа гьаризе: Гӏусман, нижехъе тӏехьги кьун, рокъове ана. Цӏцӏе кӏанцӏаралъусан, бурутӏги кӏанцӏула. (К.) Абакар вачӏинегӏан, Ибрагьим кьижичӏо. Гӏамир кватӏидал, Султан рахӏат хун вукӏана;
кь) шартӏиял ва уступителниял тӏаджурарал предложениял бетӏерал предложенияздаса ратӏа гьаризе: Мун вачӏунарев ватани, нижеда хабар лъазабе. Сардил квачараб заман букӏаниги, гьалмагъзаби кьижун ратичӏо.
Тӏанкӏгун запятая
Тӏанкӏгун запятая лъола:
109. Тайпа цояллъун ругел тӏиритӏарал членал, хасго гьезда жанир запятаялги ругони, ратӏа тӏезаризе: Бецӏлъуда дида цере гьадалго чӏегӏерал, щалали лъаларел жал чӏана; дагьаб добегӏан бугеб хъарахъ добе-гьанибе хьвагӏулеб бугеблъун кколаан; зобалда бадире чол гӏундул кколаан цоцаздаса рикӏкӏадегӏан эхетарал, рорхатал мугӏруллъун.
110. Союз рагӏабиги гьечӏого журарал сокӏкӏарал предложениязул бутӏабилъун ругел предложениял цӏакъго тӏиритӏарал ругони, гьезда жанир запятаялги ругони, ялъуни магӏнаялъулӏ гьел гӏураб къадаралда жалго жидедаго чӏарал ругони, гьел ратӏа гьаризе: Нижеда гӏагарлъухъ гьайбатал мокъокъал къвакъвадулел руго, цо-цоял хъирщадун хӏурги бахъинабун, хъудулел, доре-гьанире цӏаруцӏахъдилел ругоан; тириял, тохал, цидалал гьезие щибго лъазе къваригӏун, сундаго гозо кӏутӏизе бокьун бугоан, ва иргаялда гудраца кквезе руго гьел.
111. Тайпа цоял тӏиритӏарал тӏаджурарал предложениял, жанир запятаялги ругони, цоцадаса ратӏа гьаризе: Тӏинкӏун унеб кӏверкъи тӏегьалеб мехалъ; махил гьотӏол букӏдул рихъулеб мехалъ; гӏинтӏидул хъархъаз букӏкӏараб тӏамах тӏибитӏизабулеб мехалъ; гъулдузда гӏурдал дахӏаялъул багӏараб, хъахӏилаб, хъахӏаб ва тӏогьилаб кьералъ чарал тӏансаби тӏамураб сурат цебе чӏезабулеб мехалъ; кутакалда рекьуде бараб халкъ гӏадин, цоцахъ балагьичӏого, доре-гьанире наял роржанхъулеб мехалъ, гьалдейищ дун регӏун вукӏарав.
Гӏемертӏанкӏал
Гӏемертӏанкӏал лъола:
112. Бицунеб жо лӏугӏичӏолъи бичӏчӏизабизе: Жакъа школалда… нилӏ метерги рихьизе руго.
113. Цо кинаб бугониги гӏиллаялдалъун, кӏалъалесул, я хъвалесул виха-хочиялъ предложение тӏубачӏого гьоркьоб къотӏун букӏин бичӏчӏизабизе: Вилӏа Кубаялде… дора дир кверал Куркьбазде руссана, воржунев вуго. (Р.Хӏ.).
114. Росарал рагӏабазулӏ цитатал тӏуран гьечӏолъи 6ичӏизабизе: «Эбел, нолӏ нилӏеде вачӏун вукӏарав… гьобол щив…» (Цӏ.Хӏ.).
Тире
115. Тайпа цоял членазда хадуб гӏамлъул рагӏуда цебе: Расулги, Басирги, Мухӏамадги, Ахӏмадги — киналго устарзаби жакъа къебелъухъ данделъана.
116. Союз гьечӏого жубараб сокӏкӏараб предложениялъулӏ:
а) хехаб хиси ккей бихьизабулеб бакӏалда. Пири пирхана — сверухълъиго гвангьана;
б) гӏаксаб магӏнаялда кколеб бугони: Нилӏ Гӏалихъе унел руго — Гӏали къватӏиве унев вуго.
117. Составияб сказуемоялъул связка гьоркьоб биччараб бакӏалда: Щуцӏул щуго — къоло щуго.
118. Битӏараб каламалъул репликабазда цебе:
— Дуда цӏар щиб?
119. — Гьоркьор ккарал предложениял ратӏа гьаризе: Дов — Къурбаницаги бицунаан, — дагьав кӏвахӏалав вукӏана.
120. Битӏараб каламалъулӏ авторасул рагӏаби ратӏа гьаризе: «Дуцайищ дун ахӏарав?» — ан абуна Къадица.
Кӏитӏанкӏ
Кӏитӏанкӏ лъола:
121. Гӏамлъул рагӏуда хадуб тайпа цоял членал ругони: Кидаго: къадги къасиги — чвахулеб лъадал гьаракь рагӏулеб букӏуна.
122. Союз гьечӏеб жубараб сокӏкӏараб предложениялъулъ:
а) цебесеб предложениялъулӏ бицунеб жоялъе гӏилла бихьизабулеб хадусеб предложение бугони: Нижеца кӏудияб цӏа бакана: ниж кутакалда квачан рукӏана;
б) цебесеб предложениялъул магӏна баян гьабулеб кӏиабилеб предложение бугони: Гьанже нижер росу берцинго бихьула: сверухъ ахал гьарун руго, росулӏе канлъи бачун буго;
в) тӏоцебесеб предложениялъулӏ бицараб жо кӏиабилелъ тӏаде цӏикӏкӏинабулеб бугони, кӏиабилеб предложениялда цебе: Дун гӏенеккун вуго: дида чол рекӏаразул гьаракьги сасги рагӏулеб буго.
123. Битӏараб каламалъулӏ авторасул рагӏабазда хадуб: Тӏайгибица гьалмагьасда абуна: «Мун хӏадурлъунищ вачӏарав?»
Бутӏал (скобкаби)
Бутӏал лъола:
124. Тӏиритӏарал гьоркьор ккарал предложениял ратӏа гьаризе: Цо нухалда хъутаналдаса рачӏунаго (гьеб букӏана 1964 соналъул ихдал заман) нижеца Шишиликӏалда сордо базе ккана.
125. 81б. Батӏи-батӏиял тӏаде магӏна кьезе кьурал рагӏаби жанире рачине: Ботаникаялъул (хурдузул хӏакъалъулӏ гӏелмуялъул) Сагӏадулагъица гьитӏинаб мехалъго хӏисаб гъабулаан.
Малъал (кавичкаби)
126. Абзацал гьечӏого бугеб битӏараб калам батӏа гьабизе: «Нилӏ гьанже гьанир чӏела», — ян абуна Идрисица дида.
127. Цитатал цоцаздаса ратӏа гьаризе: Магӏарулазул аби буго: «Инсул гьоболги тоге, умумузул нухги тоге», — ян абун.