Исана 100 сон тӏубала гӏалимчи Хӏажи Хӏамзатов гьавуралдаса. Гьелда бан ДРялъул хӏукуматалъ хӏукму гьабуна Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул филологиялъул рахъалъ Северияб Кавказалъулго тӏоцевесев академикасул юбилей гӏатӏидго тӏобитӏизе. Гьесул хӏурматалда республикаялда гӏуцӏизе руго батӏи-батӏиял тадбирал. Гьединаблъун ккола 28-30 апрелалда Федералиял гӏелмиял цӏех-рехазул Дагъистаналъул централда (ДФИЦ) тӏобитӏараб халкъазда гьоркьосеб гӏелмияб дандеруссинги.
Гьелда гӏахьаллъана Россиялъул регионаздаса ва къватӏисел улкабаздаса рачӏарал гӏалимзаби. Хӏурматиял гьалбаллъун рукӏана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Ризван Гъазимухӏамадовги РАНалъул академик, ДФИЦалъул тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏелмияв нухмалъулев Хизри Гӏамирхановги. Данделъи нухда бачана РАНалъул академик, ДФИЦалъул директор Ахъай Муртазаевас. Данделъиялъул гӏахьалчагӏазде саламалъул хитӏабги гьабун, гьез ракӏалде щвезавуна Хӏажи Хӏамзатов – инсан, гӏалимчи ва жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда, бицана Дагъистаналъул гӏелмияб идара гӏуцӏиялъулъги республикаялда маданиятгун гӏелму цебетӏезабиялъулъги гьес лъураб бутӏаялъул хӏакъалъулъ.
Хӏажи Хӏамзатов гьавуна 1926 соналъул щуабилеб маялда Хунзахъ районалъул Цӏада росулъ Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатил хъизамалда. 1943 соналда лъугӏизабуна Гӏараниб росдал школа, 1948 соналда – Дагъистаналъул пачалихъияб институталъул физикаялъулгун математикаялъул факультет ва 1960 соналда – КПССалъул ЦКялда цебе бугеб Партиялъул тӏадегӏанаб школалъул журналистикаялъул отделение.
Авар адабияталъул классикаллъун рахъарал эмен Хӏамзатилги вац Расулилги шигӏрияб гьунаралъ кӏудияб лъалкӏ тана вукӏинесев академикасул гӏумруялъулъ. Физикагун математикаги жибго тун, Хӏажи Хӏамзатов машгъуллъана адабияталъул гӏелмуялде, ва 1970 соналда гьес цӏунана филологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. Гьеб хъван букӏана «Цӏадаса Хӏамзатил гӏумрудул ва творчествоялъул нух: революциялдаса цебесеб заман» абураб темаялда. Ичӏго соналдасан цӏунана филологиял гӏелмабазул докторлъиялъе диссертация (1979). 1984 соналда вахъана СССРалъул Гӏелмабазул академиялъул член-корреспондентлъун ва 2000 соналда Россиялъул Гӏелмабазул академиялъул академиклъун.
1943-1949 ва 1957-1962 соназда Хӏ. Хӏамзатов хӏалтӏана Дагъистаналъул СМИязда, радиоялда ва телевидениялда. Вукӏана Дагъистаналъул Министрзабазул советалда цебе букӏараб Радиовещаниялъулгун телевидениялъул комитеталъул председательлъун (1962-1970) ва ДАССРалъул культураялъул министрлъун (1970-1972). Лаборанталдаса байбихьана Хӏ. Хӏамзатовасул гӏелмияб нух. Болъоялда хадуб болъо толаго, гьес нахъа тана батӏи-батӏиял хъулухъал ва ахирги ккана РАНалъул Дагъистаналъул Гӏелмияб централъул президиумалъул председателасул тахиде. 1972-2005 соназда вукӏана ИЯЛИялъул директорлъун ва 2005 соналдаса – гьелъул гӏелмияв нухмалъулевлъун.
Академикасул гӏумрудул ва гӏелмияб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицана Мацӏалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Абусупян Акамовас. Дагъистаналъул адабияталъе пайдаяб хӏаракатлъун рехсана гьес академикасул таржамачилъиги. «Хӏ. Хӏамзатовас магӏарул мацӏалде руссинаруна Михаил Лермонтовасул «Кӏиго вац» абураб драма, Максим Горькиясул «Херав», Алексей Островскиясул «Доходное место», Борис Лавреневасул «Голос Америки», Михаил Кильчичаковасул «Медвежий лог», Поль Бомаршел «Безумный день, или Женитьба Фигаро», Лопе де Вегал «Фуэнте Овехуна» абурал пьесабиги, Ю. Фучикил «Репортаж с петлей на шее» ва Гӏабдула Каххарил «Милые матушки» абурал къисабиги. Гьединго гӏурус мацӏалде буссинабуна Цӏадаса Хӏамзатил «Хьитазул устар» абураб пьесаги», — ян бицана А. Акамовас.
* * *
Гьебго къоялъ Махӏачхъалаялда, Гӏурус театралда данделъун рукӏана академик Хӏажи Хӏамзатовасул 100 сонилаб юбилей кӏодо гьабизе. Тадбиралъул гӏахьалчагӏазда гьоркьор рукӏана академикасул хъизан-лъимал, гӏагарлъи, росуцоял, цадахъ хӏалтӏарал, Дагъистаналъул хӏукуматалъул вакилзаби.
Дагъистаналъул бетӏер С. Меликовасул рахъалдасан Хӏ. Хӏамзатовасул юбилей баркана ва гьесул бечедаб гӏелмияб ирсалъул хӏакъалъулъ бицана Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Муслим Телякавовас:
— Хӏажи Хӏамзатовас рикӏкӏунаан культураги лъайги кколин жамгӏият цебетӏеялъул аслулъун. Гьесул рикӏкӏен гӏемерал монографиялги сайгъат гьарун рукӏана гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул культура, адабият церетӏезариялъе шартӏал гӏуцӏиялъе. Хас гьабун кӏвар кьолаан гьес халкъияб кӏалзул гьунаралдеги. Гьев хутӏана дунялалдаго Хӏамзатовазул машгьураб тухумалъул мустахӏикъав вакиллъун. Хӏ. Хӏамзатовичас дунялалъего бихьизабуна Дагъистаналъул интеллигенция жиндирго умумузул кьалбаздаса киданиги тӏолареблъи, — ян абуна гьес.
Гьединго дандеруссиналда кӏалъана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевги. Гьес гӏаммаб къагӏидаялда цоги нухалда ракӏалде щвезабуна Дагъистаналъул маданиятги адабиятги церетӏеялъул нухал. Бицана Хӏ. Хӏамзатовасул заманалда республикаялъул культураялда ва адабияталда ккарал церетӏеязул ва хиса-басиязул хӏакъалъулъ.
Гьединго баркиялъулал кӏалъаял гьаруна Хунзахъ районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевас гьебго районалъул бетӏерлъун вукӏарав, гьабсагӏаталда Приморский краялъул бетӏерасул заместительлъун хӏалтӏулев вугев Сагӏид Юсуповас, ДФИЦалъул директор Ахъай Муртазаевас.
Тадбиралда цере рахъана «Кочӏолаб Чӏарада» бихьиназул хор, «Молодость Дагестана» кьурдул ансамбль, Дагъистаналъул мустахӏикъал артисткаби Гӏайшат Тажудинова ва Хиринду Султӏанова, Белек ва Салман Гӏабасовал, Гӏурус театралъул актерал. Данделъи нухда бачана Дагъистаналъул халкъияв артист Алексей Тимохиница.
КАВСАРАТ СУЛЕЙМАНОВА,
ШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА