Марталъул ахиралда, апрелалъул байбихьуда Дагъистаналда ккараб тӏабигӏияб къварилъиялъ батӏи-батӏиял пикраби гьаризе тӏамулел руго нилъ. Тӏоцебесеб иргаялда, гьел хурхарал руго халкъазул, миллатазул гӏаданлъиялъул гьоркьорлъабазда. Кигӏанго вахӏшияб, инсанас инсанасдехун гьабулеб адаб-хӏурмат гьечӏеб капитализм гӏуцӏулел ругониги, бихьулеб буго гӏадамазул гӏаданлъиялъул, къо ккаралъуб кумек гьабизе хӏадурал рукӏиналъул хасиятал нилъелъа тӏуранго хун гьечӏолъи.
Дунялалдаго ва гьединго Дагъистаналъул халкъазда гьоркьорги кколел гӏиси-бикъиназдаса чӏахӏиязде щвезегӏан, цо-цо бакӏазда цоцазда ричӏчӏунгутӏиялъул, ракӏжубай гьечӏолъиялъул, жалго жидедаго чӏун гӏумру гьабизе хӏаракат бахъиялъул хӏужаби гӏезегӏанго рукӏана. Цоцазухъе тӏаде-гъоркье раккун, гьоболлъухъе унеб къагӏида, цебе гӏадаб ракӏжубай дагьго букӏанин абизе бегьула.
Дагъистаналъул батӏи-батӏиял районазда ва шагьаразда ккараб балагьалъул хӏасилалда аза-азар мина-карталъе кӏудияб зарал ккарал къоязда дагъистаниязда бичӏчӏана нилъ жалго хутӏун гьечӏеблъи. Гӏицӏго Махӏачхъала шагьаралда лъелъ тӏерхьана 3700-гӏанасеб рукъ. Гьабсагӏаталда унеб буго гьезул хӏисаб гьаби, лъие кигӏанасеб зарал ккун бугебали мухӏкан гьаби.
Гьеб къварилъи бигьа гьабизе кумек гьабулеб буго Россиялъул батӏи-батӏиял субъектаздаса гурелги, къватӏисел пачалихъаздасацин рачӏунел гӏадамаз.
Нилъехъе рачӏана ва рачӏунел руго Аштархан, Владимир, Свердлов, Орел областаздаса Адыгеялдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Калмыкиялдаса, Кубаналдаса, Ингушетиялдаса, Саха-Якутиялдаса, Чачаналъа ва цогидалги бакӏаздаса гӏадамал кумекалъулаб квергун. Гьез дагъистаниязе кьолеб буго гьекъолеб лъим, ретӏел-хьит, чадрал, кванил нигӏматал, дараби, ток гьабулел, гьединго хинлъи кьолел генераторал, резиналъул чакмаби, бензиналъул хъухъадираби ва цогидабги хӏажатаб алат.
Дагъистаналдехун бугеб лъикӏаб бербалагьи Россиялъул президент В. Путиница иргадулаб нухалдаги бихьизабуна, ккараб къварилъиялъул суалги гьоркьоб лъун, федералиял хӏакимзабазул данделъи тӏобитӏиялдалъун. Гьениб гӏуцӏараб хасаб комиссиялъул членаз, бакӏалдеги рачӏун, Дагъистаналъул нухмалъулелгун цадахъ, чӏванкъотӏараб хӏалтӏи гьабулеб буго иш рукӏалиде ккезабиялъул мурадалда.
Къварилъи ккедал къватӏисел пачалихъазги кумек гьабиялъ бихьизабулеб буго Дагъистаналъул халкъазул гьез къимат гьабулеб букӏин. Масала, Казахстаналъул вакилзаби щвана Хасавюрт, Гумбет ва Бабаюрт районазде. Гьениб ккараб заралалъул, гьезие къваригӏаралъул хӏисабги гьабун, рахӏму-цӏобалъул фондаздасан кумек гьабулеб буго.
«Кумекалда гӏорхъи лъаларо!» абураб ахӏиялда гъоркь гьениб жидерго бутӏа лъолеб буго Туркменистаналъул Дагъистаналда цӏалулел ругел студентазги.
Гӏаданлъиялъулаб борч
Лъицаниги буюрухъ кьечӏониги, республикаялдаса, Россиялъул цогидал бакӏаздаса рачӏун, жидерго гӏаданлъиялъулаб борч тӏубазабулеб буго жамгӏиял гӏуцӏабаз ва аза-азар волонтеразул къокъабаз. Гьезда гьоркьор дагьал гьечӏо «Россиялъул халкъазул ассамблея» пачалихъиябгун жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏаракатчагӏиги. Гьез хвасар гьаруна гӏадамал, рукъалъул хӏайванал ва буголъи, Мамедхъалаялда, Махӏачхъалаялда, Хасавюрталда ва цогидал бакӏаздаги кумек гьабулеб буго рищни-къулалдаса рукъзал, къватӏал рацӏцӏад гьаризеги. Волонтеразда гъорлъ руго Запорожьеялдаса, Донецкиялдаса гӏолохъабиги.
Хӏажатаб кумек бакӏаризе, гьеб цойиде ккезабун, къварилъи ккаразухъе щвезабиялъулъ лъикӏаб хӏалтӏи гьабулеб буго рахӏму-цӏобалъул батӏи-батӏиял фондазги. Гьезда гьоркьор руго «Инсан», «Народный фронт», «Почёт», «Доктор Лиза», «Чистое сердце», «Ният», «Закят» ва цогидалги фондал. Гьез бакӏарараб гӏарац унеб буго хӏажатаб къайи босизе.
Гӏадатиял гӏадамазул ишалъулаб кверчӏвай
Батӏи-батӏиял идарабаз ритӏун, хӏакимзабазул амруялда рекъон гуреб, жидерго намусалъул тӏалабалда рекъон, Россиялъул гӏемерал гӏадамаз гӏарцудалъун букӏа, цогидаб къагӏидаялда букӏа кӏудияб кумек гьабулеб буго зарал ккарал гӏадамазе. Масала, Мамедхъалаялдаса тренерлъун хӏалтӏулев кӏудияб хъизамалъул инсуе Халкъазда гьоркьосеб боксалъул ассоциациялъул президент Гӏумар Кремлевас гьабуна кӏудияб кумек. Василий Вакуленкоца миллион гъурущ кьуна «Надежда» фондалде. Кочӏохъан Жасминица, телеведущая Ида Галичица, блогер Виктория Боняца ва цогидазги цо-цо миллион гъурущ кьун ва цогидаб хӏажатаб кумек гьабун рохизаруна мина-карт гьечӏого хутӏарал дагъистаниял. Нальчик шагьаралдаса вачӏун, бугеб ахӏвал-хӏал бихьарав гӏолилас живго рекӏун вукӏараб мотоцикл кьуна «гьабги бичун, гӏадамазе кумек гьабеянги» абун. Нижневартовск шагьаралдаса нилъер ракьцояз бакӏарун, Дагъистаналъул фондалде кьуна 500 азарго гъурущ гӏарац. Анкьго сон барав Ф. Алхасовасцин, дагьа-макъаб бугониги, жиндир букӏараб гӏарац фондалде кьураб мехалда, кинха абилеб нилъер гӏадамазул гӏаданлъи хун бугин абун.
Дида ккола нилъее гьабулеб кумек бугин жиндир заманалда дагъистаниязги батӏи-батӏиял субъектазе, гьезул гӏадамазе къоккараб заманалда гьабураб кумекалде данде гьабулеб жавабилан. Гьединлъидал гӏаданлъи киданиги хвезе тезе бегьуларо. Тавпикъ кьеги нилъее кумек гьабуразеги гьезие квербакъи гьабурал нилъееги.
З. Ильясов