26 апрелалда Махӏачхъалаялда, Лъарагӏ театралда ракӏалде щвезавуна Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев. (Гьесул гӏумруялъул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ хӏужаби нижеца рехсон рукӏана газеталъул 12-абилеб номералдаги).

Дандеруссиналда гӏахьаллъана хъвадарухъанасул гьудулзаби, шагӏирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, росуцоял, гӏагарлъи. Тадбир нухда бачана журналист, фотограф ва режиссер Юлия Майоровалъ. Хъвадарухъанасул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Марина Ахӏмадовалъ, «Гьудуллъи» журналалъул бетӏерав редактор Мурад Ахӏмадовас. Шапил лъимерлъиялъул, балугълъиялъул ва гӏолиллъиялъул хӏакъалъулъ вац Махӏачил ва яцалъул ракӏалдещвеяз кӏудияб асар гьабуна данделъиялъул гӏахьалчагӏазе.

Тадбиралъул байбихьуда бихьизабуна хъвадарухъанасул творчествоялъул бицунеб фильмги. Ш. Казиевасул рагӏабазда кучӏдул ахӏана Россиялъул мустахӏикъав артист Тӏагьир Къурачевас ва Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Тӏалхӏат Кантуловас ва гьесул гӏагарай гӏадан, ДГУялъул студентка Амина Къурбановалъ.

Гьединго рихьизаруна Гӏурус театралда лъурал Шапил пьесабаздаса бутӏабазул видеороликалги.

Тадбиралъул ахиралда данделъиялда гӏахьаллъаразе баркала загьир гьабуна Шапи Казиевасул вас Мухӏамад Казиевас.

Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев вукӏана Дагъистан Республикаялъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи. Гьев мустахӏикълъана «За заслуги перед Республикой Дагестан» орденалъе, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Кӏудияб литературияб премиялъе, «За профессиональное мастерство», «Лучшие перья России» премиязе ва цогидалги тӏадегӏанал шапакъатазе.

Шамай Хъазанбиева