Гӏабдурашидил «Топ- 5» ва Тираналъул ургуялда магӏарулазул гуч

Дагьал церегӏан къоязда Албаниялъул тахшагьар Тираналда рагӏалде бахъана эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат. 24-26 апрелалда гьениб лъугьа-бахъунелде буссун букӏана спорталде интерес бугевщинав чиясул кӏварги, берги, пикрабиги. Дагъистаналдаса анкьго гугарухъанас гӏахьаллъи гьабуна турниралда, ва анкьасго лъикӏаб хӏасилги бихьизабуна.

Щуго меседил, цо гӏарцул ва цо мазгарул шапакъатгун нахъруссана гӏолохъаби рокъоре. Россиялъул командаялъе щвараб ичӏго медалалда гьоркьоса анкьгояб босана нилъер республикаялъул гугарухъабаз.

Гугари ва гьелда сверухъ лъугьунебщинаб кӏудияб лъугьа-бахъинлъун кколарин абуни, мекъи букӏинаро. Тӏоцебесеб нухалъ гуро нилъер гӏолохъаби континенталъулаб чемпионаталда чемпионаллъун рахъунел ругел. Амма кин букӏаниги, Дагъистаналъул речӏчӏухъабаз Европаялъул тӏаса рищарал гугарухъабазда гъорлъ бергьун кӏудияб хӏасил бихьизабураб мехалъ, ракӏ бохичӏого хутӏуларо.

Тӏадехун абухъе, бищунго къуватал, цересел къецазда тӏоцересел бакӏал росарал спортсменал ун рукӏана республикаялдаса гьеб турниралде:

57 кг — Муса Мехтиханов, 61 кг — Заур Угуев, 65 кг — Башир Мухӏамадов, 70 кг — Давид Баев, 74 кг — Тимур Бижоев, 79 кг — Ахӏмад Гӏусманов, 86 кг — Ибрагьим Къадиев, 92 кг — Аманула Хӏажимухӏамадов, 97 кг — Гӏабдурашид Садулаев, 125 кг — Шамил Мусаев.

«Дун хекко тӏагӏине вачӏарав гьечӏо»

Турниралъул тӏоцебесеб къоялъ ургуялде рахъана Муса Мехтихановги, Башир Мухӏамадовги, Ахӏмад Гӏусмановги ва командаялъул цевехъан Гӏабдурашид Садулаевги.

2020 соналдаса нахъе, чанцӏулго нухда цебе хӏетӏе ккун ва визабазул гизма хӏан, санкциязул багьанаби рачун, Гӏабдурашид махӏрум гьавун вукӏана гьел къецаздаса. Анлъго соналъ гьесие рес щвечӏо Европаялъул чемпионаталда жиндирго рагӏи абизе, гьале ахирги исана тӏокӏлъигун бергьун цевехун ана. Бащдаб финалалда гьесде данде вукӏана ракьцояв Ахӏмад Мухӏамаев. 11:1 хӏисабгун гьесдасаги бергьун финалалде ворчӏана.

Нахъисеб къоялъ букӏана чанго соналъ гьесие гьукъун букӏараб финал. Гьесда данде вукӏана Словакиялъул легионер, асатӏинав Батырбек Цакулов.

14:3 хӏисабгун гьесда тӏад тӏокӏлъиги босун, анлъабилеб нухалъги Европаялъул чемпионлъун вахъана Гӏабдурашид Садулаев.

Гьебго къоялъ жеги кӏигоги меседил шапакъат босана нилъер речӏчӏухъабаз. Чемпионаллъун рахъана 65 кг цӏайиялда Башир Мухӏамадов ва 79 цӏайиялда — Ахӏмад Гӏусманов. Кӏиялго гьел ккола Цӏумада районалдаса.

Тӏисси росулъа Ахӏмад Гӏусмановасда финалалдаги данде вукӏана ракьцояв, районцояв — Хуштадаса легионер Мухӏамадхӏабиб Къадимухӏамадов. Гьале чанго сон буго гьесул Белоруссиялъул командаялъе гӏоло цевевахъунелдаса.

Бигьаяб букӏинчӏо гьеб финал. Кӏиго магӏарулав вукӏана ургуялда къеркьолев. Цонигиясе бокьун букӏинчӏо бергьенлъи кодаса биччазе. Амма икъбал ккана Ахӏмад Гӏусмановасе ва ункъабилеб нухалдаги Европаялъул чемпионасул цӏарги босун пьедесталалде вахана гьев.

125 кг цӏайиялда Шамил Мусаевасе битӏккечӏо, бащдаб финалалда туркас бахъана гьесул бергьенлъи ва шапакъат щвечӏого хутӏана Дагъистаналъул атлет.

57 кг цӏайиялъул вакил Муса Мехтихановасдеги кӏудияб хьул букӏун батиялда щаклъи гьечӏо тренеразул. Амма ракьцояв, магӏарулазул легионер Ислам Базаргановасе гьимана икъбал ва месед ана Азербайжаналде.

Гьединаб букӏана турниралъул тӏоцебесеб къо. Гьебго къоялъ финалалде рорчӏана 61 ва 86 кг цӏайиялъул церехъаби Заур Угуев ва Ибрагьим Къадиев. Финалал тӏоритӏана нахъисеб къоялъ.

Олимпиадаялъулгун Европаялъул чемпион Заур Угуевасе гьел къецал тӏоцереселлъун рукӏинчӏо. Амма Дагъистаналъул гьунар бугев цӏияв речӏчӏухъан Ибрагьим Къадиев тӏоцебесеб нухалъ ворчӏана континенталъул къецазул финалалде ва бергьенлъи кодоса биччачӏо — гьес къезавуна Азербайжаналъул спортсмен Арсений Джиоев.

Заур Угуевасда данде финалалде ккана ракьцояв, Армениялъул легионер Залимхан Абакаров. Кӏиабилебги Европаялъул чемпионасул шапакъат дандиясе биччачӏо Заурицаги.