Дун йиго Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росулъа Пахруева Патӏимат. 2001 соналда, тӏоцебесеб классалде ячун заман балелде, камуна дие эмен. Гьесул анищ букӏана дун тохтурлъун яхъине, живгоги ракӏ унтарав чи вукӏиндал батила. Инсул анищ тӏубазе дие кумек гьабуна учительзабаз, гӏагарлъиялъ, хасго дир эбелалъул эбел Юнусова Асиятица.

Берзул канлъи дагьлъун бугониги, гьелъие бокьула газета цӏализе. Гьединлъидал бокьана гьаб баркалаялъул кагъат хъвазеги: Аллагьги разилъизе, дир бабаги йохизе – гьей гьаюраб къоги баркизе, цогидазе мисаллъунги букӏине.

Жакъа бокьун буго, вацалгун яцал,

Газета гьоркьоб ккун баркала кьезе.

Дун гӏезе гьаюрай, гӏазизай бабу,

Гьаюраб къо баркун, кӏодо гьайизе.

Кьеги дуе талихӏ, таги мун чӏаго,

Анцӏабго килищги канае бакун,

Нижер гьаб гӏумруго берцин гьабизе.

Дир гӏамал берцинай, дир рагӏи гьуин.

Щибаб какда хадуб гьарулеб буго,

Аллагьилан ахӏун, Хӏабибан хӏелун:

Цӏуне, Аллагь, Дуца хӏеренай бабу

Унта-шокъалдаса, балагьаздаса.

Кьеги дуй Аллагьас жеги нусго сон,

Гордуда цӏороялъ цӏорода гӏадал

Берцинал накъишаз гьаб нижер гӏумру,

Нуралъ гӏадин дуца гвангъизабизе.

Дир инсул ахираб анищ тӏубазе,

Дир тохтур яхъине дуе бокьана.

Къана дуца дие къвакӏараб рачел,

Рекӏелъа инаро дур хӏаракатлъи.

Амма жакъа дун дур хьолбохъги гьечӏо,

Мун гьаюраб къоги дуда баркизе.

Бачӏина газета духъе, рагьдухъе,

Дир гьал рагӏабигун ва баркалагун.