Араб гӏасруялъул 60 абилел соназ машгьурав режиссер Георгий Данелияца («Мимино», «Афоня», «Кин-дза-дза!») бахъизехъин букӏун буго гӏурус пачаясда рихарав наиб Хӏажимурадил хӏакъалъулъ драма.

– Цӏакъ лъикӏаб сценарий букӏана Георгий Николаевичасул, — илан ракӏалде щвезабулаан Хӏажимурадил роль хӏазе жиндир анищ букӏарав машгьурав Вахтанг Кикабидзеца. – Ракӏчӏун абизе кӏола – дица гьениб роль хӏазе букӏана, амма кинабали лъалароан. Дирин абуни, хьул букӏана – щиб лъалеб, кьезе бегьулагури дихъе Хӏажимурадил роль? Дир саналги дандекколаан гьелъие.

Хӏажимурадил роль хӏазе бугеб гӏищкъуялъул кутакалъ, кӏкӏван бетӏергун, чӏегӏераб мегежгун гьев Данелийида цеве чӏола. Гьеб сипаталъ хӏайран гьавурав режиссерас ахӏун буго:

— Ваа! Дуца хӏазе буго Шамилил роль! — илан абун. – Гьадин ракӏалде щвезабулеб буго Кикабидзеца жиндиргун гьабураб цо гара-чӏвариялда.

Абула политикиял бербалагьиязул кьучӏалда ккараб дандеккунгутӏиялъул хӏасил кколин «Хӏажимурад» фильм бахъизе течӏолъи. Жиндирго ракӏалдещвеяздаги режиссерас хъвалеб буго гьеб хутӏанин живго Расул Хӏамзатовасдагицин рагьизе кӏвечӏеб балъголъилъун.

Гьелъул хӏакъалъулъ бицана сценариялъул режиссер Владимир Огневас. Гьесул рагӏабазда рекъон, сценарий нахъе бахъун буго Расулидаги Госкиноялъул бетӏерасул заместитель Владимир Баскаковасдаги гьоркьоб ккараб дагӏбаялдаса хадуб (гьевги вукӏун вуго сценариялъул соавторлъун). Гьеб ккун буго Динилиял квартираялъуб, хӏадурун бахъараб картина къватӏибе кьезе гьев хӏадурлъулеб мехалда.

Огневас ракӏалде щвезабулаан:

«Мугӏрузда букӏараб рагъул тарихалде гъорлъе ваккулаго, Баскаковас загьир руго Расулил рекӏее лъикӏаб асар гьабулев вукӏарав Чачаналъуги Дагъистаналъулги имамасул хӏакъалъулъ лъикӏал гурел жиндирго пикраби. Гьеб букӏана сахлъулареб ругъунлъун. Кидаялиго гӏолохъанав, литературияб институталъул студент Расулица гьабун букӏана кӏудияб мунагь – доб заманаялъул пикруялда тӏадги рекъон, гьес Шамилиде абун букӏана Англиялъул жасусилан. Жинхъаго ккараб гъалатӏ бацӏцӏине рес балагьи, имамасде рокьи загьир гьаби — гьеб кинабго букӏана доб гъалатӏалдаса хадуб…

Ва цо заманалдаса лъикӏго рекӏелгъей букӏараб столалда нахъа лъугьана рихха-хочи.

Расул:

— Мун — къобухӏарав, пакъирав хӏаким. Хвела мун. Щиб хутӏизе бугеб дуда хадуб? Шамил -кӏудияв инсан. Мун гьесда ващалъизе гьечӏо, чӏагоясдаяли киса гурин, хварасдагицин.

Дица столалда гъоркьан Расулида хӏетӏе тункулеб букӏана. Амма гьесда вуцӏцӏине ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо. Баскаковасул кьер тӏолеб букӏана. Расулица бицунеб букӏана сундего ругьунлъичӏел, щибго лъаларел, бажаруларел хӏакимзабазул хӏакъалъулъ…»

Гьеб къокъабго дагӏба-рагӏиялдаса хадуб Баскаков столалда нахъаса вахъун ун вуго.

— Гьеб дагӏбаялъул хӏасилалъухъ гӏемераб мехалъ ралагьун чӏезего ккечӏо, — йилан абун,цӏидасанги байбихьана Огневас хабар. — Лъикӏаб гьоркьоблъиялда вукӏарав Баскаков, Комитеталда дун дандчӏвайдал, ахӏдана: «Дица гӏурусазде данде бугеб кино бахъизе гьечӏо!» — йилан абун. Гӏададисеб иш батана гьесулгун хадусеб гара-чӏвари. Дица абулеб букӏана фильмалъул автор дун вугин, Расул гӏицӏго консультант кколин абун. Амма гьес гӏинтӏамичӏо. Баскаков дагьавги цӏакъ ахӏдезе лъугьана. Гьесда цохӏо жиндирго гуреб гьаракь рагӏулеб букӏинчӏо.

Гьоркьоб заман индал, «Хӏажимурад» сценариялъул жилдазда Р. Хӏамзатовас гьадин хъвана:

— Дур бетӏерги къотӏана,

Къаркъалаги турана,

Заманаги сверана,

Санал, сагӏтал тирана.

Некӏони, дудаса гьел

Хӏинкъун рукӏун ратила.

Гьанже щайзе хӏинкъулеб

Гьаб Госкино, гьаб Мосфильм?

Босана Урбеч-каналалдаса — https://t.me/ur_bech