Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовасул бихьизабиялдалъун исанасеб сон республикаялда лъазабун буго лезгиязул шагӏир, Дагъистаналъул адабияталъул классиказул цояв, 20-абилеб гӏасруялъул «Гомер» абун Максим Горькияс цӏар кьурав Сулейман Стальскиясул Лъагӏеллъун. Гьелда бан республикаялда байбихьана шагӏирасул творчествоялъе сайгъат гьарурал тадбирал тӏоритӏизе. Хасго школазда. Учительзабаз кьолел руго шагӏирасул творчествоялъе сайгъат гьарурал рагьарал дарсал, цӏалдохъабазда гьоркьор тӏоритӏулел руго викторинаби ва батӏи-батӏиял творческиял къецал.
Масала, гьединал тадбиразул цояб ккола Махӏачхъала шагьаралъул школазул цӏалдохъабазда гьоркьоб шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул рахьдал мацӏазул куратор Рукъигат Абакархӏажиевалъул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб шагӏирасул кучӏдул Дагъистаналъул миллиял мацӏазда пасихӏго рикӏкӏиналъул конкурс. Тадбир тӏобитӏана тахшагьаралъул №37 гимназиялда.
Школалъул жанахӏалъуре лъугьунаго батараб адабияталъул бокӏон сайгъат гьабун бугоан С. Стальскиясул творчествоялъе.
Данделъабазул залалдаги берцинго къачӏан букӏана шагӏирасе сайгат гьабураб аадбияталъул гъансито. Гьенире жанире лъугьиндал, Дагъистаналъул росулъе ккараб гӏадаб асар гьабулеб букӏана – киса-кибего умумузул квербагъари, гьез хӏалтӏизабулеб букӏараб тӏагӏел-гӏучӏ. Тадбиралде рачӏаразда адабияталъул байрам баркана ДГУялъул профессор Марина Хӏасановалъ, ДГПУялъул ва Тахо-Годил цӏаралда бугеб гӏелмиябгун цӏех-рехазул педагогикаялъул институталъул гӏалимзабаз, шагьаралъул школазул учительзабаз, шагӏирзабаз ва цогидалги гьалбадерица.
Гимназиялъул цӏалдохъабаз ва учительзабаз тадбиралъул гӏахьалчагӏазе кьуна музыкалияб салам. Гьез цӏалана, ракӏалдасан рикӏкӏана, ахӏана шагӏирасул кучӏдул. Р. Абакархӏажиевалъги бицана С. Стальскиясул Лъагӏел кӏодо гьабун тахшагьаралъул школазда жеги тӏоритӏизе ругел тадбиразул.
Дандеруссиналъул кӏиабилеб бутӏаялда цӏалдохъабаз жидерго миллиял мацӏазда рикӏкӏана Стальскиясул кучӏдул. Щибаб номинациялда бергьарал цӏалдохъабазе кьуна шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулелъул цӏаралдасан Хӏурматалъул грамотаби ва дипломал.
Шамай Хъазанбиева