Гьал къоязда республикаялда гьоболлъухъ буго Башкириялдаса Салават шагьаралъул театр. Дагъистаналъул театралъул тарихалда гьел ккола тӏоцебесеб нухалда нилъехъе рачӏарал гьалбал. Федералияб программаялда рекъон, Авартеатралъ гьабураб хӏалтӏул хӏасил ккола гьеб.
16 апрелалда гьез бихьизабуна лъималазул спектакль — «Алладинил хӏалкӏояб чирахъ» абураб маргьа. Спектакль лъугӏун хадуб Авартеатралда гьез тӏобитӏана пресс-конференцияги. Салаватиялъул драмтеатралъул хӏалтӏухъабаз бицана жидерго театралъул тарихалъул, Дагъистаналде рачӏиналъул мурадалъул, жидерго репертуаралъул хӏакъалъулъ. Пресс-конференция лъугӏун хадуб, рехсараб театралъул бетӏерай режиссер Лиана Нигматулиналгун гара-чӏвариги гьабуна нижеца.
— Дагъистаналде дун цееги щун йикӏана. Гӏажаибаб рокьиги буго дир нужер ракьалде ва гӏадамазде. Гьалбал хириял, умумузул гӏадатал цӏунараб халкъ буго нужер. Гьединго гӏезегӏан бечедаб буго адабиятгун маданиятги. Гьеб киналдего тӏадеги, Расул Хӏамзатовасулги башкиразул халкъияв шагӏир Мустай Каримилги букӏараб гьудуллъиги гӏеларищха нилъее мисаллъун букӏине, — ян абуна Л. Нигматулинаца.
— Авартеатралъе кьучӏ лъуралдаса тӏадеялъул тӏубала 90 сон. Гьединабго кӏудияб тарих батила нужер театралъулги. Амма цоцахъе рачӏунеб къагӏида гьанже гурони билълъанхъизабулеб гьечӏин ккола…
— Цере миллиял театрал рукӏана жалго жидеего гӏураллъун. Ниж — Башкириялда, Авар театр -Махӏачхъалаялда. Цо кӏудияб хӏажалъи букӏинчӏо цоцахъе хьвадиялъул. Гьанжейин абуни, ресал цӏикӏкӏана сапарал ва гастролал гьаризе.
— Башкириялда кинаб бугеб театралияб искусствоялдехун бербалагьи?
— Башкириялда гьеб рахъалъ кидаго букӏана лъикӏаб бербалагьи. Хасго чӏахӏиял шагьаразда ругел театралде гъираялда рачӏуна.
— Нужер театралъул репертуар, аслияб куцалда, сундаса гӏуцӏун бугеб? Классикиял асаралищ гӏемер ругел яги… Жакъасеб темаялда цӏиял пьесаби хъвалел чагӏи ругищ?
— Киналго рахъаздалъун бечедаб репертуар буго нижер. Классикиял асаралги гьанже хъварал цӏиялги руго.
— Театралда гӏумру хурхинабизе бокьарал гӏемер ругищ?
— Руго. Нижер театралъул къокъаялда вуго 39 чи. Гьезул гӏемерисел руго гӏолохъаби. Гьеб рахъалъ къварилъи гьечӏо. Амма, гӏамм гьабун босани, республикаялда гӏолохъанал махщелчагӏазул рахъалъ гӏунгутӏи буго.
Ашахан ЮСУПОВ