Гӏажаибаб жо буго гӏумру. Нилъеца кидаго гуро хӏисаб гьабулеб гӏумруялъул сухъмахъазда кколел лъугьа-бахъиназул байбихьиялъул ва гьезул бухьеналъул. Лъимерлъиялда рукӏарал цо-цо лъугьа-бахъинал, кӏудиял гӏедалги такрарлъула, загьирлъула…

Жакъа гьаб макъала хъвалаго, дунги тӏадвуссунев вуго дирго лъимерлъиялде.

2011 соналъул сентябрь моцӏ. Щуабилеб классалдеги рахъун, гьанже кӏудиял гӏунин абураб пикруялъ куркьбал гъурал ниж. Ракӏалда буго тӏоцебесеб классалъул сагӏат (классный час). Нижер классалъул нухмалъулей Лаюза Хӏусеновналъ, нижергун лъай-хъвайги гьабун, щивасда гьикъана, кӏудиял гӏедал, кинаб махщел тӏаса бищизе къасд бугебилан. Гьеб параялъ щивас цеве чӏезавулев вукӏана живго тохтурлъун, учительлъун, инженерлъун… Битӏун бицани, доб мехалъ, жакъа гӏадин, гӏемер гӏарац щолел хъулухъазул пикруго гьабулароан лъималаз. Цебесан киназдаго гьикъулаго, ирга щвана классцояв Камилиде.

— Лаюза Хӏусеновна, дир кӏудияб анищ буго тохтурлъун вахъине. Дица цевечӏезавулев вуго дунго — хъахӏаб халгӏатги ретӏун, унтарасе дару-сабаб гьабулев. Унго, тохтурасухъа гӏадамасе гьабун бажарулеб лъикӏлъи. Гьесул хӏеренаб каламалъгицин унтарасул бокьараб ругъун сахлъулеб батила. Дие цӏакъ бокьун буго гӏадамазе пайдаявлъун вукӏине. Цощина щиб букӏаниги унтани, нужги бищун цере дихъе, тохтур Хӏажидадаевасухъе рачӏинарищха, — ян махсараги гьабуна гьес.

Киназго жидерго анищал, хьулал гьурщун рахъиндал, Лаюза Хӏусеновналъ гьабураб хитӏабги кӏочонаро:

— Дир хириял лъимал! Тӏаса бищулеб махщел букӏине ккола бищун цебе нужеего бокьулеблъун. Нужерго хӏалтӏулъ бищун аслияб масъалалъун букӏине ккола нужерго хӏалтӏудалъун гӏадамазе бажарараб пайда гьаби. Гьеб мехалъ нужер хӏалтӏиги цебе уна, гӏадамазда гьоркьоб къадруги букӏуна, — ян абуна гьелъ.

Гьелдаса хадуб чанго моцӏ ун букӏана. Авар мацӏалъул ва адабияталъул мугӏалим Сидрат Гъазиевналъ абуна, Цӏадаса Хӏамзатил юбилеялъе сайгъат гьабураб рагьараб дарс тӏобитӏизе ракӏалда бугин ва гьенир гьесул асараздасан батӏи-батӏиял сценкаби лъезе ругин абун. Ролал рикьа-къотӏулелъул, гӏемерисез (бищун цебе дицаги) рищана кополал героязул рагӏаби. Гьоркьосаго Камилица абуна, жиндие бокьилин Хӏамзатил «Эменги васги – рухӏги Ватӏанги» асаралда рагъде унев васасул роль хӏазе.

— Цониги тохтур гъорлъ вугеб асарги гьечӏо аниб, гьединлъидал, дида берцин бихьула Ватӏан цӏунизе унев васасул роль. Ватӏан цӏунизе щвей – гьеб кӏудияб даража буго, — ян тӏадеги жубана гьес.

Рагьараб дарсиде гӏезегӏанго гьалбалги рачӏун рукӏана. Нижеца ролал хӏалеб куц бихьун гьел цин релъулел рукӏана, цинги гъваридго ургъалилъе кколаан. Амма «Эменги васги – рухӏги Ватӏанги» абураб сценкаялъ бадиб магӏу ххулизабичӏев чи гьеб къоялъ хутӏун ватиларо. Гьелдаса хадуб Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазулгун букӏараб дандчӏваялдаги бихьизабун букӏана гьеб сценка. Дида ракӏалда руго, жакъа чӏаго гьечӏел ветераназ доб мехалъ нижеда абурал рагӏаби:

«Рагъул темаялда хурхараб кинаб букӏаниги асар цӏалидал яги гьелдасан лъураб сценка бихьидал, нижер пикрабалъ паркъола дол кьогӏал рагъул сонал. Нижер щибго щаклъи гьечӏо, кӏудиял гӏедал, къо ккани нужги Ватӏаналъул парахалъи цӏуниялъул мурадалда борчун ярагъгун къватӏире рахъиналда. Амма тӏокӏалъ киданиги, кибениги тӏадбуссунгеги рагъул махӏ. Бетӏергьанас нуж, гӏун бачӏунеб гӏел цӏунаги гьелдаса», — ян.

Ралъдахъе гӏедегӏараб гӏор кинниги роржун ана сонал. Нижецаги нижерго анищазухъе гьабуна роржен. Гӏумруялда кинабго нилъее бокьухъе кколарелъул, нижерги киназулго гуро доб мехалъ анищалъ ургъун букӏанщинаб гӏумруялде бахъараб. Тохтурлъун вахъине анищ букӏарав Камилги гӏумруялъ батӏияб нухде ккезавуна. Гьес лъугӏизабуна ДГТУялда цебе бугеб колледж. Гӏемераб мех балалдего ана тӏадаб борч тӏубазе – армиялде.

Цо къоялъ гьес бицана, жинца СВОялде ине рапорт хъванин.

«Жакъа дир гӏемерисел гьудулзаби гьенир ругеб мехалъ, гьанив чӏезе ракӏалъе къабуллъулеб гьечӏо. Дун ракӏалъ гьениве ахӏулев вуго. Бокьун буго Ватӏан цӏуниялъулъ диргоги цо бутӏа лъезе», — ян абуна Камилица.

Ракӏалде щвана доб заман: гӏадамазе пайдаявлъун вукӏине гьесул букӏараб къасд, «Инсулгун гара-чӏвариялда» доб мехалъгицин гьесулъ букӏараб таваккал.

— Ватӏан буго, эмен, улкаялъул рухӏ,

Нилъго кьойид гьарун, кьезе рекъелищ?

Кьалда хвечӏони, чи хола бусада, —

Халкъалъул ракӏ регьун чӏезе бегьилищ?..

Гьениб гьес бана ичӏго моцӏ. Ва цо нухалъ гьес дида абуна:

«Рикӏкӏада ругеб мехалъ, цӏакъго къимат лъалеб букӏун буго нилъерго гьитӏинаб Ватӏаналъул. Дир ракӏ щун буго гӏазул тӏагъур лъураб Гӏакаро-мегӏералдеги, кьабураб цӏалалъ, «боржун» унеб чу гӏадин чвахулеб Тоботалдеги. Бокьилаан цӏидасан школалдеги тӏадвуссун, нилъер учительзабазул дарсазухъ гӏенеккизеги. Дида гӏемерха ракӏалде щолел гьезул малъа-хъваял», — ан.

Ватӏаналде ракӏги лъун вугев гьудуласе дица битӏана миллияб байрахъги мугӏрулги тӏад рахъараб футболка. Гьенир хъван рукӏана гьадинал рагӏаби:

«Тӏингъилъеги къулун херав инсуца

Гьав ахӏмакъ кисаян цӏехезе чӏоге», — ян.

Гьеб тӏад ретӏараб мехалъ, рокъове тӏадвуссанин кколеб бугин жиндаян абуна гьес. Ва гьале – дагьалъ цебе гьев мустахӏикълъана «За отвагу» медалалъеги. Медаль каранда барав Камилил сурат битӏидал, классалъул нухмалъулей Лаюза Хӏусеновна дихъе кӏалъан ячӏана.

«Цереса ун чан сон баниги, нужер, анкьго соналъ дида цере рукӏарал лъималазул ургъел камун йикӏунаро дун. Жакъаги дуца гьеб сурат рехун бачӏиндал, дир

бадиса магӏил гарал гирун рачӏана. Гьеб буго чӏухӏиялъул, йохиялъул асар. Дида, щаялиго, бищун цебе ракӏалде щвана доб «Эменги васги – рухӏги Ватӏанги», — ян абуна гьелъ.

Лъидаха доб мехалъ ракӏалде ккун букӏараб доб асаралъ Камилил гӏумруялдаги лъалкӏ телин абун.

Мухӏамад МАНАПОВ