1999 соналъул август, гъарачагӏазул бидулаб гьужум, гӏадатиял магӏарулаз щулаго букъараб зар
Болъихъегун Цӏумаде Шамил Басаевасулги Хаттабилги яргъид гӏуцӏарал хъачагъазул къокъаби кӏанцӏаралдаса исана тӏубала 25 сон. Саназул сверабалъан балагьани, гьеб ккола
битӏун завалалда вугев гӏолохъанчиясул гӏумру. Гӏемерал хиса-басиял ккана гьеб заманалда жанир. Амма 1999 соналъул август моцӏалда Болъихъгун Цӏумада рукӏарал лъугьа-бахъиназ жиндирго лъалкӏ тана нилъер республикаялда.
Гьединабго лъалкӏ тана хӏалуцарал дол къояз кодоб ярагъгун ахӏун вачӏинчӏев тушманасда дандечӏей гьабурал Болъихъ районалъул Гӏанди мухъалда гӏумру гьабун ругезул рекӏелъги. Гьединазул цояв ккола Гъагъалъ росулъа Аслудин Мухӏамадовги. Гьабсагӏат гьев хӏалтӏулев вуго республикаялъул информациялъулгун печаталъул Агентствоялъул нухмалъулесул заместительлъун. Доб мехалъ гьев хӏалтӏулев вукӏана республикаялъул МВДялъул УБЭПалда. Гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго
жакъасеб номералда.
— Аслудин, 25 сон ана дол балагьал къояздаса хадуб. Гӏемераб лъим чвахана гьеб заманалдаса нахъе Гӏанди гӏурулъа гӏодобеги. Амма кигӏан лъим чваханиги, дол къоязул хӏакъикъат дурги цогидазулги рекӏелъа нахъе чурун инаро. Дудаго жакъа тӏоцебе щиб бачӏунеб ракӏалде?
— Бищунго цебе ракӏалде бачӏуна ахӏичӏого вачӏарав тушманасда дандечӏей гьабизе рахъарал нилъер гӏадамазул бадиб букӏараб таваккалги, хӏинкъи-къай гьечӏолъиги,
кьвариги. Гьеб киналъго дие гьабураб асар 25 сон ун хадубги свинчӏого дир рекӏелъ буго. Доб заманалда дун хӏалтӏулев вукӏана УБЭПалда, капитанасул чиналда. 1999 соналъул апрелалдаго нижехъе щолел рукӏана Ш. Басаев хӏадурлъулев вугин нилъер республикаялде, жиндирго аскаргун, вачӏинеян абурал баянал. Амма федералияб тӏалъиялъ щаялиго гьел баянал гӏадахъ росичӏо. Республикаялъул МВДялъул министрлъун вукӏарав Гӏ. Мухӏамадтӏагьировасухъеги щолел рукӏиндал гьелго баянал, гьес дун ахӏана жинхъего гьелъул бицине. Дидаго лъалебщинаб дицаги бицана министрасда. Гьединаб букӏана ахӏвал-хӏал август моцӏалда цебе.
Вацал Басаевазул рукӏарал хьулал
Хадуб ккараб жо киназдаго ракӏалдаги батила. 7 августалъул рогьалилъ Шамил Басаевасулги Хаттабилги аскар Болъихъ районалде лъугьана. Бачӏинахъего гьез гӏужие росана Ансалтӏа, Рахатӏа, Щодрода, Тӏандо росаби. Хӏатӏидаса бахъараб бетӏералде щвезегӏан ярагъ борчарал, каранде щварал мугжузул хъачагъал, ракӏалдаго гьечӏого, росулъе рачӏиндал, кинаб хӏал букӏун батилеб росдал гӏадамазул. Гьеб заманалда гьезда дандечӏей гьабизе гьенив вукӏинчӏо ярагъ кодоб ккурав чиги. Хадур гьенире хӏалае щвана Болъихъ букӏараб рагъулаб часталъул аскариялги, МВДялъул хӏалтӏухъабиги, ОМОНги Нахъисеб къоялъ, августалъул микь абилеб къо букӏун батилин ккола, лъие бокьилеб ополченецлъун Болъихъе инеян хӏалтӏуда суал лъедал, дица кӏиябго квер борхана. Дида цадахъ вукӏана нижерго мухъалдаса Мажидов Мухӏамадаминги Сайгидов Ахӏмадудинги. Лъабабилев гьалмагъ вукӏана Шамил районалдаса. Ракӏалда буго, вертолеталдаги рекӏун гьенире араб къоялъ, ниж рещтӏун рахъиналде, нижеда хадуб бачӏунеб букӏараб цоги вертолеталде гранатометалдаса кьвагьун бачӏараб куц. Талихӏалъ, гьелда тӏад рукӏарал гъоркье рещтӏун рукӏана, жибго вертолет бухӏана. Гьедин Болъихъе щун рахъиналдего кьвагьи лъуна нижеде изну гьечӏого яргъид гӏуцӏараз. Дица тӏадехун абухъе, Ансалтӏагун Рахатӏа ва Тӏандо росабалъ гьезда дандечӏей гьабуна гӏадатиял гӏадамаз, ОМОНалъулазгун Болъихъ букӏараб рагъулаб часталъул аскарияз. Гьебго заманалда нижехъе щвана баянал Шамилил вац Ширвани Басаевасул бетӏерлъиялда кӏудияб къокъа тӏаде кӏанцӏизехъин рагӏулин севералъул рахъалдасанин абун. Гьеб рахъалдехун ругел росаби ккола Гӏанди, Гъагъалъ, Гӏашали, Зило ва Рикӏвани. Махӏачхъалаялдаса дида цадахъ рукӏарал кӏигоялги гьенир тун, дунги дир росуцояв Мажидов Мухӏамадги ана «гьалбадерида» дандчӏвай гьабизе чачаназул гӏорхъоде, «Речо» абураб бакӏалде. Ниж гьенире щвелалдего жамагӏат данделъун батана. Гьенир рукӏана гьабсагӏат чӏаго гьечӏев росдал жамагӏатчи Исламов Арзулумги Теловур Хӏайбулаевги. Цӏакъ сахал гӏолохъаби рукӏана. Арзулум, мунагьал чурад, цӏакъав бихьинчи вукӏана. Чачаназул рахъалдаса нижгун дандчӏвазе вачӏана Ширванигун цадахъ вукӏарав Хункар Исрапиловги гьесул чукъа-рухьенги. Габунибе бахинегӏан ярагъги борчун, кутакал бахӏарзал гӏадин рачӏана гьел нижгун кӏалъазе. Нижехъ щиб ярагъха букӏинеб: цоясухъ — кӏудияв инсулго букӏараб туманкӏ, цоясухъ — чанахъанасул туманкӏ, цогидасухъ – таманча. Гьедин рокъоб батараб ярагъгун бахъун букӏана жамагӏат къватӏибе.
Тушманасул къасдал хӏорго хутӏана
Чачаназул къасд букӏана, нижер росулъанги ун, Мунисан бугеб кьоги кьвагьизабун, гьенир жидерго блокпосталги лъун, гьеб мухъалдехун гӏадан виччалареб хӏал гьабизе. Хӏисаб гьабе, лъабго районалде нух бикьулеб бакӏ ккола гьеб, цебечӏезабеха кинаб ахӏвал-хӏал гьениб букӏине букӏарабали. Мунисан бугеб кьо кьвагьани, я федералиял аскаразе щолароан кумек, я гьаб рахъалдаса букӏине букӏинчӏо рес гьенирехун рорчӏизе. Къокъго абуни, хъачагъаз тӏубанго кверде босизехъин букӏана магӏарухълъиялъул лъабил бутӏа. Гьебги къваригӏунлъидал Басаев вукӏарав. Хадур нижехъе щвана гьесулги вацасулги (Ширванил) радиоперехваталдаса гьарулел рукӏарал кӏалъаял. Бокьараб рес балагьун нужеца гьанирехун рорчӏизе санагӏалъи гьабеян абулеб букӏана Шамилица. Хункарпаша Исрапиловас, нижер жамагӏатчагӏазулгун букӏараб дандчӏваялда абун букӏана, нужер росулъе ниж къаларин, нижее гьеб хӏажатги гьечӏин. Жидее изну кьейин Гӏанди, Гъагъалъ росдал мегъ къотӏун ине, Басаевасул аскар чӏараб бакӏалде, ай Ансалтӏегун Рахатӏе.
— Йохъ, нижеца гьеб къабул гьабуларо, — ян лъазабуна жамагӏатчагӏаз чӏванкъотӏун. — Нижер ракьалдасан нуж церехун унаро, нижер жаназабазда тӏасан ани гурони. Гьедин абуна гъарачагӏазда. Ниж, кин унги, ине ругин абулеб букӏана гьезги, гьанже балагьилинхаян кӏалъана жамагӏатчагӏиги. Лъабго горсвериялдасан гӏуцӏараб щулалъи букӏана Гӏандигун Гъагъалъ. Бищун тӏаса рукӏана ниж, гӏолохъанаб ригьалъул гӏадамал. Росу бакьулъ рукӏана дагьал ригь арал. Росуахада щулалъиги ккун чӏана руччабиги. Хъандираби, гӏащтӏал, кӏалалълъ бакӏалда хӏалтӏизабулеб нус – кодобе щвараб бегӏерлъиги хъатикь ккун, щулаго чӏана гьел. 25 сон аниги, жакъаги гӏажаиблъун хутӏула
дун нилъер гӏадамазул, хасго руччабазул доб къолъ бадиб букӏараб таваккалги кьвариги бихьараб мехалъ. Гьединаб къвакӏараб ракӏалъул гӏадамал рукӏаго, рес букӏинчӏо гъарачагӏазе жидерго хъубал къасдал гӏумруялде рахъинаризе. Гьезухъа гьеб бажаризеги бажаричӏо. 13 августалъул сардилъ букӏана бищун хӏалуцараб рагъ. Хъачагъаз
лъуна тӏоцебе кьвагьи. Тӏоцебе гьез жидецаго кьвагьизе теян абураб къотӏиялде бачӏана нижер ополчениялда рукӏаразул пикру. Ахӏичӏого рачӏарал гьалбал рукӏаниги, тӏоцебе
нилъеца гьезда речӏчӏиларин абуна. Гьез кьвагьи лъун хадуб нижецаги байбихьана цӏа лъезе. Сордоялъ дандечӏей гьабуна. Доб мехалъ цо гӏадан хутӏичӏо росулъ, тӏаде ккараб къо борхизе гьениве вачӏинчӏев. Россиялъул рикӏкӏадал регионазда рукӏаралги рачӏана хабар лъарабго, гӏолохъабиги рачӏана, ригь аралги рачӏана. Гьаниб кигӏанго бицине рекъон гьечӏониги, федералияв судьялъун хӏалтӏулев вукӏарав дир кӏудияв вацги вачӏана, бугелъуб бугебги тун, сордо биххун. Гӏемерав чи вачӏана. Азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи
вугеб ополчение букӏана Гӏандибгун Гъагъалъ.
Гьеб рагъулъ чӏвана дир цебесеб гӏагарлъиялъул кӏиго чи. Цояв — Исмагӏилов Исмагӏил, цогидав — Гӏабдулхӏакимов Исрапил. Гьев мунагьал чурадил кӏиго къо гурони ун букӏинчӏо хъизам гьабуралдаса. Жеги бахӏарлъи бичичӏев, гӏумруялъул лазат босизе щвечӏев гӏолохъанчияс абадиялъего берал къанщана росу цӏуналаго.
Жаваб щоларел суалал, соназул рахас
— Аслудин, гара-чӏвариялъул байбихьуда дуца абуна доб соналъул апрель моцӏалдаго нужехъе щварал баянал рукӏанин чачаназул сепаратистал тӏаде кӏанцӏизе хӏадурлъулел ругин абун. Амма гьелде нилъеца хӏадурлъи гьабичӏого кинха хутӏараб? Август моцӏ щвезегӏан жеги лъабго моцӏ — гӏураб заманги букӏун бугелъулха гьелде хӏадурлъизе?
— Федералияб тӏалъиялъ щаялиго кӏвар кьечӏо гьел баяназде. Гьединго нилъер гьанирги рукӏиндал цо хасал чагӏи, чачаназул Шураялъул рахъ ккурал. Дие гьабсагӏат гьанир
гьезул цӏарал рехсезе бокьун гьечӏо. 1998 соналъ, ракӏалда батани, съезд ахӏун букӏана гьез. Гьенирги рукӏана гьел гӏадамаз ахӏулел ахӏмакъал лозунгалги хитӏабалги. Гьанже свараб цӏадул рохъдолъ рикӏардун пайда гьечӏо. Амма республикаялъул нухмалъиялъ доб мехалъ рехун течӏо. Ополченцазухъ ярагъ гӏолеб букӏинчӏолъи лъайдал, ярагъги бачӏана битӏун, цогидаб хӏажатаб сурсатги бачӏана. Хадув, киназдаго ракӏалда батила, тӏаде гӏунтӏана доб мехалъ РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулевлъун вукӏарав Владимир Путинги. Вертолеталдаги рекӏун Болъихъе вачӏарав гьев дандчӏвана гӏадамалгун. Гьелдаса хадуб Болъихъе рехана федералияб аскар. Гьез кьаби щвезабуна Басаевасулги Хаттабилги аскаралда.
— Гьеб букӏана хадуб. Нилъ тӏадруссинин 13 августалъул сардиде. Цӏа боркьараб рагъ букӏанин абуна дуца, хадуб щибха ккараб?
— 14 августалъул радал щварал баяназдасан нижеда лъана къаси гьениб лъураб кьвагьиялъул хӏасилалда хъачагъазул 20-гӏанасев чи чӏваравлъи, гьединго живго Ширвани Басаевги лъукъаравлъи. Август моцӏ букӏаниги, нижер мухъ цӏорораб бакӏ буго, гьеб сордоялъги тӏад лъураб гӏадин накӏкӏги букӏун, доб рахъалда кколе-толеб жо лъазе букӏине нижеца КамАЗалъул чӏахӏиял бурдул риччалаан, цӏаги гъун, магӏардаса гъоркье гиризе. Гьез къалъизабулаан сверухълъи, ва нижее рес щолеб букӏана тушманасул рахъалда бугеб ахӏвал-хӏалалда хадуб халкквезе. Нижеца цӏадул хӏубал гиризе реччайдал, гьез ахӏулеб букӏана «Аллагьу акбар» абун. Амма гьезул ахӏи мекъи букӏин бихьизабизе нижеца ахӏулаан дандего «Аллагьу акбар» абун. Гьел ярагъгун рачӏана чияр ракьалде, ниж абуни рагъулел рукӏана нижерго ракьги цӏунун.
Радалиде гьел, бухӏараб жидерго рагъулаб КамАЗги тун, нахъе ун ратана. Гьеб рагъулъ гьезул къогогӏанасев чи камуравлъи лъана нижеда. Нижер чӏвана анкьго чи. Гьелги чӏвана рагъулаб вертолеталъ тӏаса гъоркье бараб гумпараялъул кескалги щун. Сардилъ нилъер-чияр чи ватӏавахъизе лъазе рес гьечӏелъул, тӏадежоялъе зодосан. Гьеб рагъулъ лъукъана дунги. Кин гьеб ккарабали дидагоги ракӏалда гьечӏо, аскӏобго гӏадин бихъараб гумпараялъ гӏинкълъизавун дун лъавудаса ана, вигьиндал дирго рокъов ватана, бухьун гъежгун. Хадув дун, тохтурзабазухъе вачун, гьез дару-сабабги гьабуна. Ругъун сахлъизегӏан вегун чӏаян гьарулеб букӏана дида гьез, амма дица инкар гьабуна. Гьедин гӏиси- бикъинаб ругънахъ балагьулеб хӏал букӏинчӏо доб мехалъ дирги цогидазулги.
— Аслудин, дида ракӏалда буго, тӏоцебесеб ополчение доб мехалъ нужер росулъ гӏуцӏанилан?
— Битӏараб буго гьеб. Ниж рукӏана тӏоцересел ополченцаллъун. Ширвани Басаевги, Хункарпаша Исрапиловги, гьезул чукъбиги нахъруссун аниги, тӏадруссун рачӏине
гьез къасд гьабичӏониги, октябрь моцӏал щвезегӏан нижер ополчение биххичӏо. Хадуб нижее рагъулал шапакъатал кьолеб мехалъ, гьездаса инкарги гьабуна. Гьел шапакъатазе гӏоло гурин ниж, кодоб ярагъгун, хвалиде бадире ралагьун рукӏарал, вижараб росдае гӏоло рукӏанин жаваб кьуна жамагӏаталъ.
Гара-чӏвари гьабуна Ашахан ЮСУПОВАС.