Цо бакӏалда цӏалун букӏана къватӏисел пачалихъазда тӏалъиялъул вакилзаби гӏедегӏуларила пуланав чиясе памятникал лъезеги гьесул цӏарал къватӏазегун нухазе, росабазе, школазе кьезеги. Гьес хъулухъ тун яги дунялалдаса ун 10-20 сон базегӏан чӏолила гьел, гьелдаса хадуб гьев чиясдехун халкъалъул бугеб унго-унгояб пикру лъазе. Гьеб жо ракӏалде бачӏана 6 августалда социалиял гьиназда Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасул хӏакъалъулъ нилъер миллатцояз, гӏадатиял ракьцояз тарал хъвай-хъвагӏаял рихьидал. Мухӏу Гӏалиев гьавураб къо ккола гьеб. Гьел хъвай-хъвагӏаяздасан халлъулеб букӏана президентлъиялдаса нахъе ун 14 сон баниги, гьесдехун гӏадамазулъ жеги-жеги хутӏун бугеб хинлъиги чӏалгӏенги.

Гӏумруялда жанир Мухӏу Гӏалиевасе щварал медал-киласазулги хъулухъазулги сияхӏги кьун, нужее гьаб макъала чӏамучӏ гьабиялъе щибниги хӏажалъиги бихьулеб гьечӏо. Гьеб жо гьесие жиндиегоги рекӏее гӏеларин ккола. Абила гӏицӏго, кӏудияб политикаялде гьесул нух байбихьана ДГУялъул филологияб факультеталдаса хадуб Цӏумада районалъул Гъоркьа Гьаквари школалъул завучлъун, цинги директорлъун хӏалтӏиялдасан.

Бокьун буго гьаб макъалаялда Мухӏу Гӏалиевасул хӏакъалъулъ цогидал чагӏазул бераздалъун, ракӏалдещвеяздалъун бицине. Гьезие рагӏи кьелалде цин дидаго гьев кин лъалевалиги рехселин.

Цӏалиги лъугӏун, гьанжего-гьанже газеталде хӏалтӏизе ячӏарал сонал рукӏана гьел. Бетӏерав редакторасул заместитель Хӏажи Гӏариповас гьикъана Мухӏу Гӏалиевгун цадахъ вертолёталдаги рекӏун, Харахьие избирателазулгун дандчӏваялде ине бокьилебищилан. Доб мехалда Хунзахъ районалъул Харахьи участокалдасан вищун вукӏана гьев Халкъияб Собраниялде. Республикаялъул парламенталъул спикерасул сапаралъул хӏакъалъулъ хъвалеб даражаялде яхун йигодай дунилан, цо рахъалъ хӏинкъиги рещтӏана рекӏелъ. Цогидаб рахъалъ, редакциялда жаниб кьварарав абун цӏар арав Гӏариповас гьединаб жавабияб иш тӏадкъаялъ, дида куркьбалги гъуна.

Палхӏасил, ана дун. Мухӏу Гӏалиевас Харахьире рачун рукӏана министрзабазулниги, Халкъияб Собраниялъул комитетазулниги, Агентствабазулниги нухмалъулезул кӏудияб къокъа (вертолёт цӏурал хӏакимзаби). Клуб цӏун букӏана Харахьи участокалда гъорлъе унеб чанго росабалъа гӏадамазул. Гьезул рес букӏана моцӏаз Махӏачхъалаялде хьваданиги рихьуларел хӏакимзабазул бокьарасе бал битӏун бокьараб суал кьезе. Гьедин кьолебги букӏана гьез. Батӏи-батӏиял миллатазул вакилзаби гьезда гьоркьор рукӏаниги, живго Мухӏу Гӏалиев ракьцоязда кӏалъалев вукӏана бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалъ. Политикаялъулги, экономикаялъулги, росдал магӏишаталъулги хӏакъалъулъ кьолел гьезул суалазе жаваб гъорлъ цониги гӏурус рагӏиги гьечӏого кьолеб букӏиналда бахиллъун, гӏажаиблъун ракьцоялги рукӏана. Гьеб букӏана халкъалъулгун ракӏрагьараб, унго-унгояб гара-чӏвари.

Хадуй, информациялъул отделалъул редакторлъун яхъиндалги, дун гӏезегӏан щолаан Халкъияб Собраниялъул сессиязде, форумазде, данделъабазде. Гӏолохъанлъиялъги батилаха, гьенисан хъварал макъалабазда цӏакъго бадиб тункулеб куцалда бутӏрул лъолейинги йикӏунаан дун. Масала, «Уладиев намуслъаниги, депутатаз закон къабул гьабуна» ян хъван букӏана гьезул цоялда. Жамгӏияв хӏаракатчи Сулайман Уладиевас кутакал бадирчӏваял гьарулел рукӏана депутатазе цо проект сабаблъун, депутат хӏисабалда жив намуслъулев вугила пуланаб закон къабул гьабизе абун. Гьеб мехалда бетӏерав редакторас бицана Мухӏу Гӏалиев кӏалъанила жиндихъе Зульфия жеги гӏолохъанай журналисткалъидалинха, гьелда гьабсагӏаталда бичӏчӏулеб гьечӏин парламенталда букӏунеб ахӏвал-хӏалги законазул проектазул магӏнаги. Гьединлъидал жинда ракӏалде кканин гьей гӏадал гӏолохъанал журналистазе хасал мастер-классал гӏадал жал ургъизе. Бихьулищ чиясул хӏакъикъат — кӏудияб хъулухъалда вукӏиналъ ихтияр жиндихъ бугилан ццидаххине, ахӏдезе, мекъдаризе лъугьинчӏого, берцинго бицун бичӏчӏизабулеб къагӏида. Хӏакимчи гуревги, философги кколелъулха гьев. Церегӏан соназда «Согласие» абураб тӏехьалъул презентациялда гьес дие сайгъат гьабураб тӏохьода буго гьадинаб автограф: «Желаю тебе жить в согласии с собой и с внешним миром». Гьелъулъги буго кӏудияб магӏна.

Палхӏасил, жеги гӏемер ругоан Мухӏу Гӏалиевасда хурхарал мисалал. Амма гӏенеккилин цогидазухъги.

Журналистка Альбина Сункулиева — Дагъистаналъул телевидениялдасан аслияб куцалда гьелъ бихьизабулаан президент Мухӏу Гӏалиевасул хӏалтӏи.

— Гӏумруялда жаниб гӏезегӏан хӏалбихьи щвана дие Мухӏу Гьиматович сабаблъун. Гьединлъидал дица гьев рикӏкӏуна дирго мугӏалимлъун. Гьевгун цадахъ хӏалтӏарал сонал рукӏана кутакалда пайдаял, рекӏее хинаб асар гьабулел сонал. Политика, тарих, дипломатия — бокьараб рахъ босаниги, гъваридаб лъаялъул чи вуго гьев. Дида гьеб бихьана къватӏиса улкабазде щвезегӏангицин гьевгун цадахъ гьарурал хӏалтӏулал сапараздасан. Дозул президенталги Европарламенталъул вакилзабиги гьесухъ гӏенеккулаан кӏудияб хӏурматгун. Гьесухъа бажарулаан дунялалъул даражаялда къотӏи-къаял гьаризегицин. Дагъистаналъулги Россиялъулги мурадал цӏакъ цӏунулаан гьес. Лъиениги вокьизе къваригӏун, ххвелал гьарулеб гӏадатги гьечӏо гьесул.

Щибаб сапаралдаса, данделъиялдаса хадуб интервью босулелъул, гьес бицанщинаб жо киндай къватӏибе кьезе бажарилаян, гӏащикъго йикӏунаан дун гьесухъги гӏенеккун.

Цо нухалда хӏукуматалъул данделъиялда бицен ккана Махӏачхъала шагьаралда — сундулали кӏочана — хӏатталдаса араб хӏал лъугьун букӏиналъул хӏакъалъулъ. Иш гьелде ккезе щай биччарабилан гьикъана дица мэрасул заместителасда. Амма гьесда кӏвечӏо чӏванкъотӏун жаваб кьезе. Гьанисан чӏван, добасан чӏван, цо жал рицана. Хадусеб къоялъги букӏана хӏукуматалда гьевго заместительги гӏахьаллъараб данделъи. Гьанжесала Мухӏу Гьиматовичас кьуна гьесие добго суал — гьеб ахӏвал-хӏал рукӏалиде бачӏунгутӏиялъе гӏайибиял щивилан. Альбина Сункулиевайилан жаваб кьуна дов заместителас. Киналго риххизаруна гьеб жавабалъ. Гьеб мехалда Мухӏу Гьиматовичас гьабуна гьев хӏакимчиясе кӏудияб бадибчӏвай — журналисталде гьединаб жо абизе ккананийилан. Журналистал сабаблъун лъалила нилъеда битӏарабги тӏекъабги. Хъахӏалде хъахӏаб, чӏегӏералде чӏегӏераб абун, килищ тункун гьеб кинабгоги бихьизабун, гьез тӏамулила нилъ битӏун хӏалтӏизе. Мухӏул заманаялъ журналистал рукӏана цо хасаб кастаялъул чагӏи гӏадин, кӏудияб къиматалда. Ниж кирего цадахъ, цо къокъа гӏадин рукӏунаан. Журналистазе кутакалда вокьулаан Мухӏу Гьиматович. Ниж ракӏ-ракӏалъ божулаан гьесда.

Цӏалул къимат гьабулеб хъизаналда гӏурай йикӏаниги, гьесдасан ругьунлъана дун цӏалдезе. Щайин абуни, лъай бугев чиясухъ букӏуна къуватги.

Цо нухалъ Мухӏу Гьиматовичас дида гьикъана эбел-эмен кир хӏалтӏулел ругелан. Эбел учительница йигин бициндал, гьес абуна гӏицӏго гьеб бугин гӏумруялда жаниб мун чӏухӏизе бегьулеб аслияб жо. Доб мехалда гьел рагӏабаз гьабураб асар жеги-жеги хутӏун буго дилъ.

Цогидаб жоялъул бицинчӏониги, цадахъ хъаравулзабиги гьечӏого гьев живго, эркенго шагьаралда хьвадулев вукӏиналдасанги бичӏчӏулароанищ кинабго!

Мухӏамад Бисавгӏалиев — Авартеатралъул директор:

— Пикруги роцӏцӏарав, гъваридав, гӏадатияв, магӏнаяв чи вуго гъов. Кутакав интеллигентги вуго. Бихьулеб буго гьесие щулияб гуманитарияб лъай щун букӏин. Адабияталда, маданияталда гъорлъ вугев чи вукӏиналъ дие асар гьабуна гьесда гьеб рахъги цӏакъ гъваридго бичӏчӏулеб батиялъ.

Цеве кӏанцӏун, жиндирго лъай бихьизабизеян лъугьунаро гьев. Амма тӏубанго гӏамал кӏодолъи гьечӏев чиги гуро гъов. Жиндирго къимат гьабизе лъала гъосда, амма гьес гьеб къватӏибе загьир гьабуларо.

Чи веццизеги гӏедегӏулароха гьев. Гьединлъидал, кигӏан нахъекъан вукӏаниги, дирго «Балъгояб даптар» абураб тӏехь сайгъат гьабуна дица Мухӏуе. Гьелдаса хадув Гӏурус театралда Расул Хӏамзатовасул юбилеялда вихьидал, кверги бачун, баркала кьуна гьес, жиндие гьелъ кӏудияб асар гьабуниланги абуна. Цинги дицаги махсара гьабуна философиял гӏелмабазул докторас гьеб рецц рецензиялдалъун загьир гьабизе ккелилан. Заманго иналде жиндирго шофёр витӏун вачӏана босун рецензиягун ва автограф лъураб жиндирго тӏехьгун. Гьеб рецензияги хъван буго гъваридго, добе-анибе цӏацӏазабичӏого, гӏададисеб рецц гьабичӏого, гӏужда щоледухъ. Живго филолог вукӏаниги, тӏадмагӏарухъ гьединаб рукӏа-рахъинги гӏадаталги рукӏин лъалароанин, дуца гьеб махщалида бихьизабунги бугин абуна гьес. Гьелдасан бихьула чиясул жавабчилъиги гӏадамаздехун бугеб адабги. Хъвалин рагӏи кьун букӏиндал гъос дие гъоб рецензия.

Батӏи-батӏиял президентазда, нухмалъулезда сверухъ чанги жал рицуна гӏадамаз — лъалебги, лъаларебги, гьабурабги, гьабичӏебги. Гьедин гӏадамаз гӏемер бицунеб цо суалалда тӏасан, гьеб унголъунги дуца гьедин гьабураб жойищилан гьикъана дица Мухӏуда. Гьесие рецц гьабун бицунеб жо букӏана гьеб. Гурин, гьеб тӏубанго гьединги букӏинчӏилан жиндаго тӏасан хъущтӏизабизе хӏалал рихьулел рукӏана гьес. Масала, гьагъаб дица телеграммалда хъвараб жо — Мухӏуца инкар гьабун бугила Москваялда кьолеб хъулухъалдасаги орденалдасаги. Дуца гьелдаса инкар гьабунищин гьикъидал, гьабичӏила, орден жиндихъ бугилан бицана гьес. Амма цодагьавниги тӏадагьав чияс абилаан гьабунилан, дозда ццим бахъун жинца гьеб босичӏилан. Гьес бицана орденалги хъулухъалги гьел къваригӏарал чагӏазе кьейилан тун рукӏанила жинца, амма дихъе гьеб щун букӏинчӏебани, шапакъатал кьолеб отделалъул хӏалтӏухъаналде гӏайиб щвезехъин букӏун, босизе кканилан бицана Мухӏуца (официалияб куцалда гуреб, гьей жийго рокъоеги ячӏун кьун буго гьесухъе гьеб орден).

Спикерлъунги президентлъунги вугеб мехалда, гьединго гьелда цебехун заманаялъги, живго гьавураб къоялъ баркизе рачӏунел гӏадамаздаса живго цӏунизе абун, санаториязде ун щиб, росулъе ун щиб, рокъов чӏолев вукӏун гьечӏо гьев. Республикаялъул цо нухмалъулес хасаб буюрухъгицин кьун букӏана Мухӏу Гӏалиевасул 80 сон тӏубай кӏодо гьабизеян. Амма, талихӏ кьегийин, гьеб гьир жинда тӏаса босеянги абун, росулъеги ун чӏун ватун вуго гьев. Гьеб ккола гӏадатлъиялъулги гӏакъиллъиялъулги кӏудияб гӏаламат.

Зульфия Хӏажиева