Щибаб къоялъ, радал яхъанщинахъе, яккулаан Фатима шифоньералъуе – гьениб бан букӏана Кӏалбиччанкъоялъ ретӏине бугеб хъахӏаб гурде, аскӏобго — тиризе унелъул, босизе бугеб хъахӏаб кье- ралъул, бантиказ угьараб, накъищаз къачӏараб сумкаги.
Зама-заманалдасан тӏад кверги бахъулаан гьелъ гурдеялда. Кӏалал кквезеги цӏакъайха йикӏарай щуго сон барай Фатима. Цо къоялъ гьелъ дахӏабабада гьикъана Кӏалбиччанкъо щвезе чан къо хутӏун бугебилан.
— Анцӏго къоха, дир месед, -илан жаваб кьуна Салиматица. Ургъалилъе ккарай гӏадин лъу-гьана Фатима. Нахъисеб къоялъ бакъанида, Салиматида аскӏоегиячӏун, гьелъ абуна:
— Дахӏабаба, дица жакъа ккуна щуго кӏал. Цо къоялдаса гурищха гьанже дун тиризе ине кколей? — илан.
Гьедин, къоял инаризе кӏо ларого йикӏана Фатима, хъахӏаб гурде ретӏине къваригӏун. Гьединабго гурде гьелъ дахӏабабада букъизабун букӏана жиндирго гьудул Саратие. Ясли-ахалда бищунго гӏедералгиха гьел рукӏарал. Гьенир малъарал кьурдаби, рокъое щварайго, Фатимаца дахӏабабадаги малъулаан.
Салиматги сверизе кколаан Фатимада цадахъ, кьурди гьабулаго. Кӏалбиччанкъоялъ ретӏине ругел гурдазда «сверулел» гурдалилан цӏар лъун букӏана ясаз. Гьале тӏаде щвана, ретӏун хъахӏал гурдалгун, ясал тиризе унеб къо. Хъахӏал гурдалги, гьездаго рекъарал шалалги, хъахӏал сумкабиги, хъахӏал мачуялги, бантикалги ругел хъахӏал носкабиги – жибго бакъуцагицин салам кьолеб букӏана кӏиго хъахӏмиккиялъе. Накӏкӏалцин хӏинкъана гьеб къоялъ бакъуде аскӏоре къазе, нагагь бакъул чӏоралги тӏагӏун, ясазул талихӏ тӏуркӏилилан. Рогьинегӏан макьуги кибха гьезда щолеб. Нух битӏаги, бабал тӏанчӏийилан, нухарегӏана Саратил эбел Аминатица ясал. Данде ккаразе жидерго гурдазул «балъголъиги» рагьулаан гьез – балагье цо нижер гурдал «сверулел» куцилан, цоцазул квералги ккун, кьурдулаан ясал.
Заманалдаса зобгӏан хъахӏилал, цӏолбол гаралгӏан гургинал Фатимал беразде пашманлъи рехана – гьелъул рахӏат хвезабулеб букӏана Саратил сумка цӏолеб букӏиналъ. Гьелъ хӏикмалъи гьабулаан щай киназго гьудулалъелъикӏа-лъикӏал сайгъатал кьолел, жиндие конфеталги, вафлабиги кьолел ругелали. Сарат Фатимада дагьай гӏамал кӏодогоцин кӏалъазе лъугьана. Жийго гьитӏинай йигониги, Фатимал ботӏролъе чӏахӏиял пикраби рачӏунел рукӏана:
— Дица дахӏабабада Саратиеги букъизабуна диралдаго релълъараб гурде, росизаруна диего гӏадал шалги, сумкаги, носкабиги. Цинги щайха ай елъанхъизе кколей дир чӏобогояб сумкаялда? – ян ракӏалде кколеб букӏана гьелда.
Гурдазул «кьурдиги» тӏокӏалъ лъиениги бихьизабичӏо Фатима-ца, кверги кквечӏо гьелъ Саратил.
— Вай, дуе щвараб берцинаб ясикӏо. Диеги бокьун буго гьадинаб, — илан жиндие ункъачоца кьураб ясикӏо Фатимаца кодобе босидал, хапун гьелъул кодоса гьеб бахъана Саратица, дурго ункъачода кьезабейиланги абун.
Цӏакъго рекӏее гӏураб къагӏидаха Фатимае ясикӏо – жиндирго гӏадал бералги, кӏур-кӏургӏарал ра-салги, хъахӏаб гьурдеги, хъахӏал туфлабиги.
Рек-рекизарун кӏутӏбигун, гӏодилаго, рокъое ана Фатима. Цӏураб сумкаги баччун, Саратги ана рокъое.
Азбаралъуе лъугьунаго, дахӏабабада берчӏвайдал, Фатимаца гӏекӏ-гӏекӏиялда гӏодилаго, гьикъана жиндир щай ункъачо гьечӏейилан, ва, гӏодун яхъиндал, бицана жиндиргоги Саратилги ккараб.
Жиндирго квенчӏелалда кьижун ккарай ясалъул ясалъул лахӏчегӏераб рас лъухьулей йикӏана Салимат.
Кӏалбиччанкъоялъ кидаго ракӏбакъвалаан Салиматил. Гьеб къоялъ юкъана Салиматица жиндирго яс, Фатимал эбел Жапарат. Кӏалбиччанкъоялъ щвана гьалъухъе рос кьурулъе вортун вугин абураб ругьелги. Амма йохизе гӏиллаги букӏана гьалъул — Кӏалбиччанкъоялда хурхараб– гьеб къоялъ гьаюна дахӏабабал Фатима. Фатимаца кӏоченабуна гьелда къварилъи-пашманлъи.
Гӏодой кӏусахъе гъапуллъун ккарай Салимат йорчӏизаюна, рокъор ругелищ гӏадамалилан ахӏделаго ячӏуней Аминатил гьаркьица. Цадахъ Саратги йикӏана гьелда. Кодоб ккун Фатимал рокьи ккараб доб ясикӏоги букӏана.
Ясикӏоялъул горбода бан букӏана Аминат–ункъачоца Фатимае Кӏалбиччанкъо баркун кьураб меседил рахас. Ясикӏоялда берчӏварабго, жеги макьидаса тӏуянго йигьинчӏей Фатимал берал кенчӏана, аммагьей ясикӏоялде аскӏое къазе хӏинкъана, нагагь гьанжеги Саратица кьечӏонийилан. Амма Сарат жийго ячӏана Фатимаде аскӏое ва, гьелъул кӏаркьадаги баун, ясикӏо гьудулалъухъе кьуна. Аминатицаги, ясикӏоялъул горбодасаги бахъун, рахас Фатимал горбода бана. Рахасалда цадахъго кулонги букӏана. Гьелда, рикӏизеги рикӏун, рахъун рукӏана Фатималги Саратилги суратал.
Гьединаб берцинаб сайгъат хӏадурун батана Аминатица ясалъул гьудулалъе. Гьеб Саратидацин лъалароан. Гьединабго рахас букӏана Саратил горбодаги. Ва къалъудаса хадурги, ретӏун хъахӏал гордалгун, Фатимаги Саратги щвараб бакӏалдасан тиризе ана. Гьаб нухалда Фатимае ургъел букӏинчӏо, Саратие лъица щиб кьуниги. Гьелдаги ята на дунялалдаго бищунго лъикӏай Аминат ункъачо. Амма Кӏалбиччанкъоялъ кьураб сайгъаталда лъугӏичӏо Аминатил лъикӏлъи.
Ахираб заманалда унтун йикӏарай Салиматида хадуб хъулухъ гьабизе чиги вукӏинчӏо. Аминатицаги гьелъул рос Ахӏмадицаги жидерго доре рачана дахӏабабаги Фатимаги. Саратицаги дахӏабабайилан абулаан Салиматида. Цадахъ школалдеги уна ан ясал, дахӏабабае кумекги кӏиязго цадахъ гьабулаан…
Кӏалбиччанкъоялъ ятарай ункъачоца жиндаго аскӏоса киениги йиччаларин къотӏи гьабуна дахӏабабаги хун хутӏарай Фатимае.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА