Щибалиго гӏуцӏиялъ лъаларо, пачалихъалъ лъаларо, 21 абилеб март бихьизабун рагӏула Халкъазда Гьоркьосеб Поэзиялъул Къолъун. Гьедин хъван бугоан календараздаги. Гьеб къо поэтазул къо бугин, календаралъухъги ралагьун, рахъ-рахъалде ахӏун баркулел гӏадамалги руго. Гьел баркабиги къабул гьарун жал поэталин чӏаралги руго. Амма дида цебе тӏамизе захӏмалъулеб буго гьедин жинда баркун букӏарабани, щиб абилеб букӏараб Хъахӏабросулъа Махӏмудицаяли. Санцин гьаричӏого, Бекьилъе валагьун инаан цо Муида бер чӏвалел авал балагьун.
Расулица щиб абизе букӏарабали цебе тӏамизе бигьалъула. Гьес абилаан поэзия щугосонил планалда рекъон хӏалтӏуларин. Гьелъие хасаб къоги моцӏги гьечӏин. Гьеб бугин чиясе талихӏлъунги, тамихӏлъунги, гьеб бугин рекӏее роххелги пашманлъиги, поэзия бугин тӏабигӏат ва гьеб букӏунин батӏи-батӏияб. Ва тӏабигӏаталъул гьечӏин берцинаб гурони заман абун. Гьев витӏун вукӏинаан гьеб къиматалъулъ. Поэзия буго рекӏел асар ва гьеб загьир гьабулеб къагӏида. Букӏунаро поэзиялъул хасаб къо, ригь, заман, цӏараб болжал ва нилъеца ахӏун бачӏин ва нахъе хъамун нилъедаса ин.
Гьеб бачӏуна бакъ гӏадин, цӏад гӏадин, накӏкӏ гӏадин, хаселгун их гӏадин нилъеда гьикъичӏого. Нилъ рухӏдал ва хӏайран гьарула гьелъул кьераз, гьелъул бакъназ, гьелъул гьаркьаз, гьелъул асаралъ ва гьеб кинабго загьир гьабизе кӏолел махщелчагӏаца: релъаби ратулел суратчагӏаз, рагӏи батулел шагӏирзабаз, гьаркьал ратулел кочӏохъабаз, бакънал рахъулел композитораз. Гьезухъеги гьеб бачӏуна зобалаздаса, гьезда гьикъичӏого. Унго-унгояб поэзия гьединаб буго, гӏодовги чӏун цо пуланав чияс ургъун рахъарал рагӏабазул дандраял гурелха. Гьелъие цо мисал.
Машгьурав гӏурусазул шагӏир Михаил Светловас сардилъ сагӏат кӏиго тӏубарабго ворчӏизавун вуго телефоналъги кӏалъан, цо жиндир гьудул, жинца хъвараб цӏияб кечӏ цӏализеян.
— Дуца бицунеб щиб? Гьаглъун вугищ мун? Гьаб чан тӏубараб заман, сагӏтихъ валагье, – ян абун буго гьудулас.
— Тӏаса лъугьа, дида кколаан мун дир гьудул вугин ва гьеб «гьудуллъи» абураб жо цӏараб заманалда ва болжалалда гуреб, заманалъухъ балагьичӏого кидаго букӏунеб жойилан, — жаваб кьун буго Светловас.
Ва тӏокӏалъ кӏалъан гьечӏо дов чиясухъе. Гьеле поэзия!!! Гьеб шигӏру бачӏинги, гьеб хъвайги, хъван бахъарабго сардилъ ахӏиги, инкар гьабурасе кьураб жавабги, гьеб кинабго буго унго-унгояб ПОЭЗИЯ!
Рекӏел асар ва гьеб загьир гьаби. Ва гьеб поэзиялъул къо баркизе ккола унго-унгоял, кучӏдул хъвачӏого чӏезе кӏоларел поэтазда гуреб, гьез хъварал асарал цӏалулел, гьезул гьунаралъул къимат лъалел, гьез хъвараб цоцахъе кьолел нилъеда, нилъер миллаталъул гьединал рагӏул устарзаби, шагӏирзаби, поэтал рукӏин. Гьез кумек гьабула нилъее дунялги, нилъгоги рихьизеги ричӏчӏизеги. Жалго шагӏирзаби, гьунарал сверухълъиялъе канлъиги кьун бухӏун тӏагӏунеб хӏедул чирахъ гӏадин уна, амма цӏар, асар, пикру ва рагӏаби хутӏула. Шагӏирас абухъе:
Кигӏан гӏемераб гъегъ гӏурде баниги,
Гӏурччинлъи ганчӏалъе гъорлъан баккула.
Гьедин лирикагун чан дуэль ккараб
Кочӏохъаби чӏвала, кучӏдул хутӏула…
Шигӏрабазул къогун нужеда, хӏурматиял магӏарулал!
Мухӏамад Бисавгӏалиев