Исана 147 сон тӏубала Цӏадаса Хӏамзат гьавуралдаса. Шагӏирасул гӏумруялъул ва творчествоялъул бицун, гьев ракӏалде щвезавиялъул мурадалда, чанго соналъ цебе гьесул хӏакъалъулъ дица цӏехон букӏана Харахьиса Нурмухӏамадова Патӏиматида, Заирбегова Аминатида ва цогидазда. Масала, Нурмухӏамадова Патӏиматица бицана жий гӏемер кколаанин унтарав васги вачун Махӏачхъалаялде, больницаялде.
— Махӏачхъалаялда Харахьиса цохӏо Заирбегил хъизан гурони букӏинчӏо гъоб заманалда гӏумру гьабун. Гьединлъидал кидаго гьезухъ рещтӏунаан. Гьезухъе вачӏунаан Цӏадаса Хӏамзатги. Гьес гӏемер абулаан: «Нуж, херехь, махсара гӏемерал, рагӏи бегӏерал чагӏи руго», — ян. Дун ячӏиндал Заирбегил хъизан Сагӏидатица абулаан Хӏамзат ахӏизе кколин, магӏарухъа чагӏи рачӏиндал хабар-кӏалалъе жиндаги лъазабеян абулин Хӏамзатицаян. Гьев вукӏана гьобол-гьудул гӏемерав, гӏадан хирияв чи. Гьесухъ рещтӏунаан Махӏачхъалаялде магӏарухъа рачӏарал, сордо базе бакӏ гьечӏел чагӏи. Гьезда лъалаан Хӏамзатица гьоболлъи гьабулеблъи, — ян бицунаан Нурмухӏамадова Патӏиматица.
Заирбегил яс Аминатицаги бицана жиндир рекӏелъ гьев хутӏанила гӏаданлъи бугев, гьобол-гьудул хирияв, кепаб хабаралъул чи, гъваридаб магӏнаялъул рагӏул устар хӏисабалда. Жий доб мехалъ йикӏанила жеги гьитӏинай гӏадан, йикӏаниги гӏезегӏан лъикӏ ракӏалда вугила. Лъимал гьесие цӏакъ рокьулаанила, тӏаде вачӏаралъув гьенир лъимал ругони, гьел аскӏоре ахӏун, гьикъа-бакъарулаанила. Гьединго Аминатица бицана гьес абулаанила Хъандулалда алъул кьибил-тухум Харахьиса кколин абун.
Цӏадаса Хӏамзатил вукӏана гӏемерав гьоболги гьудулгиян бицунаан Дагъистаналъул мустахӏикъав учитель, гӏемерал соназ авар мацӏалъул мугӏалимлъун хӏалтӏарав Харахьиса мунагьал чураяв Маликил Басирицаги.
Гьесул гӏаданлъиялъги, гъорлъ восиялъги, каламалъул бегӏерлъиялъги ватила гьев бачӏинахъего гӏадамазул рекӏелъ восулев вукӏарав. Гьес гӏадин асарал хъвалев чиги вукӏинчӏо ва вукӏинги щакаб бугоян бицунаан Басирица.
Гӏараб гӏелму цӏалулев Сивухъ вугеб мехалъ гьесул лъикӏав гьудул вукӏана Харахьиса Жамалудин, имам Гъазимухӏамадгун Генуб къварилъухъ гъазаваталда хварав, гьесул мурид Гӏалихӏажил наслуялъул чи.
Жамалудинил яс Хадижатица бицунаан оцги бачун вачӏунаанила Хӏамзат Харахьиве, жиндир инсулги букӏанила оц, кӏиябго оцги пурцида бан, рекьарулаанила Жамалудинги Хӏамзатги, цинги унаанила цадахъ Цӏадареги рекьаризе.
Хъандулалъул кӏудияв эмен вукӏана Харахьиса, Цӏадаве вачӏун, гьенив чӏарав чи. Гьелъ гӏагарлъиги букӏана Хӏамзатил Харахьиб.
Хӏамзатил кучӏдул, гьел гӏадатиял кучӏдул гуро. Гьел руго «гӏакълудал гъамсал», тарбия кьеялъул кьучӏал, гӏелмудал ралъадал, гӏакълудал гӏорал, рагӏул ва пасихӏлъиялъул рорхатал мугӏрул.
Хӏамзатица къалмиде босичӏеб, квешабги лъикӏабги доб заманалда ккараб лъугьа-бахъин хутӏичӏин абизе бегьула. Гьесда лъалаан кигӏан пашманабги лъугьа-бахъин копоего сверизабизе.
Батӏи-батӏиял росабалъ ккарал лъугьа-бахъиназде гьес хехго гьабулаан кечӏ. Гьесул цо чанго кечӏ буго Харахьир ккарал лъугьа-бахъиназда хурхаралги.
Цебе гӏака бугезухъа бахъулеб букӏун буго нахул налог. Нах бакӏаризе ва районалде щвезабизе тӏадкъарав чиги вукӏана, Хӏамзатгун цадахъ Сивухъ мадрасаялда цӏалулев вукӏарав гьесул гьудул ва гьобол Маликил Жамалудин.
1935 соналда Харахьиве боцӏул хъвай-хъвагӏай гьабизе чи вачӏиндал, Гъазимухӏамад абулев чияс, бокьосаги бачун, бахчун буго бече рокъоб. Исана нижер гӏакдаца бечеги гьабичӏин, бечӏчӏулебги гьечӏин абун буго гьес. Амма рокъосан, тӏаде рачӏарал иналде, гӏергӏедун буго бече. Гьеб бицен рагӏидал, Хӏамзатица гьабун буго гьадинаб кечӏ:
Исана гӏадинаб сонго лъаларо,
Лъабго моцӏ балелде бече кӏалъараб.
Мегеж хъахӏлъизегӏан рагӏараб гуро
Магӏарул мацӏалда боцӏи кӏалъараб.
Росулъ хӏайваназул хӏисаб хъвалелъул,
Къаси ургъун вуго Гъазимухӏамад,
Бригад вачӏиналде чӏухӏараб рокъоб
Къан нуцӏбигун бече бахчун лъикӏилан.
Исана дир гӏака хӏорлъанин абун,
Хӏилла-макруялда кӏалъан вуго ав.
Асул рагӏиялде гӏамалги гьабун,
Бригад унев мехалъ ахӏи бан буго.
«Эбелалда цадахъ дунги хъвайилан»,
Нуцӏида гьоркьосан гьаркьахун буго.
Лъаларо, бригадги гӏакайилан ккун,
Гӏергӏедун батизе нух буго элъий.
Цогиги буго Хӏамзатил Харахьиб ккараб лъугьа-бахъиналде гьабураб, «Гӏакӏаде кини бахъи» абураб кечӏ.
Лъеберабилел соназда ликбезги рагьун, кириллица малъизе рачӏинарулел рукӏана киналго. Гьедин лъабго лъимадул эбел Хъанича, гӏисинал лъималги рукӏун, ячӏун гьечӏо къасимехалъ рукӏунел рукӏарал гьел курсазде, гьелда гьитӏинаб къоялдаса нахъе лъикӏ лъалеб букӏун буго гӏараб хъвай-хъвагӏай, гӏажам, цӏалулеб букӏун буго Къуръан. Гьенире рачӏинчӏезде гӏакӏа къотӏулеб букӏун буго. Гьедин Хъаничал гъобаса гӏакӏаде бахъун ун буго кини, моцӏ бараб лъимерги кинитӏаса нахъе бачун.
Цӏадаса Хӏамзатица кечӏ гьабураб гьеб кини цӏунун буго гьабсагӏатги росдал музеялда.
Дир гьитӏинаб гӏарза завОНОясде,
Зулмуялъ къвал байдал, къватӏиб рехараб.
Къалмил мацӏ пулхараб гьалагаб кагъат,
Гьарщулеб магӏица багӏар белъараб.
Букъараб заргӏанаб Гӏисаевасул
«Гӏадлудал» кутакалъ квегъулел руго,
«Красный партизан» Зайнулгӏабидил
Зулму бергьун буго гьаб нижер росулъ.
Радал ликпункталде кватӏунин абун,
Кини ана бахъун, бехъерхъун босун.
Карандаса тӏечӏеб лъимерги рехун,
Лъикӏго йикӏа абун, кӏал гьикъун тана.
Дун, моцӏ бачӏеб лъимер карандеги къан
Кидалъагӏан, ОНО, адин йикӏиней?
Кинида гурони макьу щоларин,
Щиб дица гьабилеб гьаб рижиялда?
Авги «хӏукуматалъ кверщел кьун тарав»
Кутак чи рагӏулин, гӏайиб щиб бугеб.
«Кинабго ихтияр жиндихъ бугилан»,
Живго мукӏурлъанин, кӏалъан пайда щиб.
Кӏиго къо иналде прокурорас
Киниги баччун ав тӏаде ахӏана.
Тӏокӏаб гьадинаб иш гьабиларедухъ,
Гьале туснахъилан, тункун рехана.
Цӏадаса Хӏамзатил руго пьесабиги. Гьес гьенирги къватӏир чӏвазарулел руго рокьукъаб гӏамалги, рекъечӏел гӏадаталги, хашаб яшавги. Гьесул руго лъугӏичӏел пьесабиги. Масала, «Генуб къварилъухъ» абураб. Гьениб гьес хъвалеб буго: «Пардав рагьарабго бихьизе буго гендерил кӏкӏалахъ Гъазимухӏамадил хӏужраги гьелда цебе гьабураб щулалъиги. Гьенир данделъиялда 15-гӏан чиги. Гьезда гьоркьор Гъазимухӏамад, Шамил, Харахьиса Гӏалихӏажияв, Инхоса Нурмухӏамад, гӏалимчи Хӏариколоса Сагӏид гьел цогидалги…», — ян.
Гӏалихӏажияв кколаан имам Гъазимухӏамадил мурид, гӏалим. Гьенибго гьес бихьизабулеб буго Генуб къварилъухъ ккараб рагъул хӏакъикъат: «Гӏалихӏажияв, гӏодов ккарав чи, хъат цӏураб ракь речӏчӏулев вукӏана, «гьаби», «малгӏунал», «тушбаби» абун ахӏулаго…», — ян.
Хӏамзатица магӏарул мацӏалде руссинаруна Пушкинил, Жуковскиясул ва цогидазулги асарал. Таржама гьабулаан гӏараб мацӏалдасаги.
Гӏасругӏанасеб заман аниги, Хӏамзатил гӏемерисел асарал руго жакъа гьаруралгӏанги нилъер гӏумруялдеги дандекколел. Гьесул жиб-жиб кечӏ буго гӏумрудул хӏакъикъат рагьараб.
Бицуна Хӏамзатица абулаанин шагӏирлъун жив халкъалъ гьавунин абун. «Шагӏирлъун вахъинавуна халкъалъ ва дир библиотека букӏана халкъ. Дир гьабураб хӏурматги буго халкъалъул гьабураб хӏурматлъун. Щайгурелъул, дун вуго халкъалъул чи ва ярагъги дихъ буго халкъалъ чархида ккураб», — ан хъван буго Хӏамзатица.
Гулишат Ильясова,
Харахьи росу