Умумузул букӏараб гӏадат-гӏамал цӏунизе ккеялъул гӏемер бицунелъул, ракӏалде щвана Бежтӏа росулъа лъабго хъизамалъул тарих.
Дир эбел Гӏайшатил гьудул йикӏана Анжоева Аминат. Нижер тухум-кьибилалъул хӏакъикъат лъаларел росуцояз абулаан, Аминат дир эбелалъул яц ятилин абун – гьедигӏанги цоцалъ журан рукӏунаан гьел.
Аминатил бетӏергьанчи Рамазаница тӏоцее лъадилъун ячун йикӏун йиго Жаннат. Цо ясги гьаюн (Райгьанат), гьел ратӏалъун руго. Ва Жаннат лъадилъун ячун йиго дир имгӏалас – Хизриев Мухӏамадхӏажица. Нижерги Анжоевазулги хъизамал цоцада рухьинарураб «синулъун» лъугьана гьеб эбелалъул вацасул хъизам. Лъабабго хъизамалда букӏана микь-микь лъимерги. Аминатилги дир эбелалъулги гьудуллъи киданиги биххичӏо. Лъикӏаб гьоркьоблъи букӏана Аминатилги Жаннатилги. Цоцазул ракӏхвараб ишго ккечӏо гьезда гьоркьоб. Гьанжеян абуни, нагагь ригьин биххани, тухумазулго гьоркьоблъи хола.
Райгьанатица эбелилан абулаан Аминатидаги Жаннатидаги. Гьей йикӏунаан кӏияйго эбелалда аскӏой. Кӏиябго рокъоб гьелда батулаан гьуинлъи-хинлъи: яцлъун къабул гьаюна гьей Анжоевазулги Хизриевазулги лъималаз. Киназдасаго кӏудияй йикӏиналъ, гьелъул адабги гьабулаан, къваригӏараб бакӏалда кумекалъеги рахъунаан. Кӏиябго хъизамалъул пашманлъи-рохел бащадго гӏахьал гьабулаан гьелъги. Кӏудияб хъизамги нахъа тун, гӏолохъанго хвана дир имгӏал. Гьебмехалда жеги цӏикӏкӏун тӏалаб гьабуна Райгьанатица чохьол эбелалъулги гьелъул лъималазулги. Бажарухъе квер чӏвалаан гьелъ Аминат-эбелалъул хъизамалдаги.
Нижерги Анжоевазулги минаби рукӏана мадугьалихъ. Дарсаздаса эркенаб заманалда ниж, лъимал, кидаго цадахъ рукӏунаан. Къаси улбул ракӏарулаан гъасде, гьез хьухьунаан щватаби, мачуял. Ниж рукӏунаан расандулел. Жакъаги нижеда гьоркьоб цӏунун буго вацлъиялъулаб гьеб асар.
Аминатил хъизамалда камиялги ккана: хвана бищун кӏудияв вас Асилдар – дир вац Мухӏамадил гӏелцояв, хадуй – Гӏайшат (дир яц Аминатил гьудул) ва дагьалъ цеве къадаралде щвана дир вац Шапигӏил гӏелцояв Микагӏил. Ниж школалда цӏалулеб заманалдаго абадияб рокъове ана гӏумруялъго рохьихъанлъун вукӏарав Рамазан-даци ва анцӏгогӏан соналъ цее ахираталде ана лъималазул ахикь тарбиячӏужулъун хӏалтӏарай Аминат-адаги. Аллагьас ахират лъикӏаб кьун батаги гьезие.
Хизриевазулги, Анжоевазулги ва Сулеймановазулги хъизамазул гьудуллъи чӏаго буго жакъаги. Амма хвана хъизамазул бутӏрул – кидаго цоцалъ рекъон гӏумру арал нижер эменал. Хвана имгӏаласул чӏужу Жаннатги – лъабго лъимадул рухӏел баччизе кканиги, кӏалдиса махсараги гьурмадаса гьимиги тӏагӏине течӏей нижер хирияй ада. Дун йихьарайго, гьелъ абулаан: «Кавсаралъул лъим щваяй, Гӏаршалъул рагӏад щваяй» абун. Гьел рагӏабазул магӏна бичӏчӏуларелъул, лъимерлъуда дир гьелде чанги ццимги бахъунаан…
Амма хвечӏо лъабабго хъизамалъул гьоркьоблъи. Ниж цоцазухъе уна, пашманлъи-рохел гӏахьал гьабула, вац-яцаз гӏадин ургъел бикьула.
Ракӏ батиялъе чи гьечӏолъиялъ гуро – умумуз нижер ракӏазулъе тӏураб рокьулги адабалъулги къатӏрацин билизе бокьунгутӏиялъ.
Кавсарат Сулейманова