Гьидерил кьоде щварав лъаратӏисес, гьенив дандчӏварав Лъахъ росулъа Шитмарида цӏехон буго дуда цӏар щибилан абун. Досги жаваб кьун буго Шитмар бугин. Шитмар абураб цӏар чиясда букӏине рес гьечӏилан пикруги гьабун, гьоболас нахъеги цӏехон буго: «Дуда цӏар щиб кколеб?» — абун. Гьидалъес кӏиабизеги добго жаваб кьедал, жив махсараде кколев вугин ракӏалде ккарав лъаратӏисес абун буго: «Шитмар щиб букӏунеб, инсуца дуда лъураб цӏар щиб?» — ян.

Цо пуланаб компаниялда, лъай-хъвай гьабулаго, цояс жинда цӏар Бахӏричи бугин абидал, гӏажаиблъана киналго. Дагьаб хадуб, тах роходе бахиндал, гьениб цо херасе бокьула гьоболасул рахъалъ лълъар борхизе. Гьеб борхизе вахъарасда, кигӏан ургъаниги, ракӏалде щоларо гьоболасул цӏар, ахирги тату хварав чияс абула: «Дица лълъар гьекъолеб буго гьав Бихӏлакил сахлъиялдасан», — абун.

Лъимада цӏар лъей ккола цӏакъ жавабчилъи цӏикӏкӏараб тадбир. Цӏар буго инсанасе тӏоцебе щолеб, гьавидал гьесда рагӏулеб ва гӏумруялъ гьевгун хутӏулеб калам. Нилъер умумузул цӏараздехун букӏун буго цӏакъ беричаб бербалагьи. Гьел божулел рукӏун руго чиясул цӏарул цо кинабалиго балъгояб магӏна, къуват букӏунин абулеб жоялда.

Некӏо гӏадамазе ва тухумазе тӏокӏцӏарал кьолел рукӏун руго. Масала, рас чӏегӏерав васасда — Чӏегӏерчи, берцинай ясалда — Хӏурулгӏин абун.

Цӏар буго инсанасе умумуз кьолеб бищунго тӏоцебесеб ва къиматаб сайгъат. Цебе лъимадуе цӏар кьолаго, умумуз гӏакълу дандбалаан кьибилалъул чӏахӏиязда, ракӏалде щвезарулаан хварал, рагъул-кьалул бахӏарзал ва лъикӏал гӏадамал. Тӏаса бищулаан чиясе яхӏ-намусалъул, бахӏарчилъиялъул, къохӏехьеялъул, берцинлъиялъул ва узданлъиялъул гӏаламат жиндилъ бугеб цӏар. Абула, бахӏарчиял ва гӏакъилал умумузул цӏар лъурав чиясе гьезул гӏамал-хасият щолиланги.

Чабхъад унаго, какал разе чӏараб бакӏалда цо муридас Хӏажимурадида цӏехон буго: «Дагъистаналдаго тӏибитӏун буго дур бахӏарчилъиялъул хабар. Дуца хӏехьолеб, нижеца хӏехьолареб жо щиб бугеб? Дудаса къурабищ бугеб нижер бахӏарчилъи?» — абун. Къотӏи ккун буго хӏалбихьизе. Хӏажимурадица дов муридасул цабзазда гьоркьоб жиндирго килищ, досул килищ жиндирго цабзазда гьоркьоб лъун буго. Къотӏиялда рекъон, гьалмагъас ишара гьабурабго, дагь-дагьккун килщал цабзаз данде къалел рукӏун руго. Заман балалдего дов муридасдаса гьаракь борчӏун вуго. Гьеб мехалъ Хӏажимурадица абун буго: «Цо лахӏзаталъги дуца яхӏ гьабун букӏарабани, дидаса гьаракь борчӏизе букӏана. Цогидазда дандеккун, дица цо дагьабго цӏикӏкӏун яхӏ гьабула, гьелъулъ буго дир бахӏарчилъи», — ян.

Дагъистаналда ислам тӏибитӏизе байбихьараб ХӀV гӏасруялдаса нахъе нилъер умумуз байбихьун буго лъималазда гӏарабазул цӏарал лъезе. Гьел цӏараз бусурбанчиясда малъула цӏодоравлъун, гӏакъилавлъун ва бахӏарчиявлъун вукӏине. Мисалалъе, гӏарабазул цо-цо цӏаразул таржама: Сайгид (талихӏав), Расул (Аллагьасул вакил), Камал (гӏакъилав), Къурбан (разияв)… Щибаб тухумалъул вукӏуна аварагасул, асхӏабзабазул цӏар лъурав чи. Бихьиназда: Мухӏамад, Гӏиса, Ибрагьим, Гӏали. Руччабазда: Патӏимат, Гӏайшат, Хадижат…

Ургъичӏого лъурал цӏарал

Инкъилабалдаса хадуб байбихьана батӏияб гӏумру-магӏишат, лъималазда лъуна батӏи-батӏиял цӏарал. Рукӏана, рагӏаби къокъ гьарун, ургъарал гӏажаибал цӏаралги: Мэлс — Маркс, Энгельс, Ленин, Сталин; Мират — мирный атом, Владилен — Владимир Ильич Ленин.

Чӏахӏияб гӏелалда гьоркьор цо-цо дандчӏвала жидерго цӏараздаса нечолел, гьезул гӏемераб квалквал букӏунилан гӏарз гьабулел чагӏи. Гьеб ккола ургъичӏого, нилъер гӏадат-гӏамал хӏисабалде босичӏого, эбел-инсуца жидерго лъималазда цӏарал лъеялъул квешаб хӏасил. Масала, дида цадахъ ДГУялда цӏалулев вукӏана «Ноябрь» абун цӏар бугев лезгияв. Жинда гьединаб ресукъаб цӏар лъунин абун, саламатаб ракӏхвей букӏунаан гьесул жиндирго эбел-инсудаса. Гьес абулаан жинде Юра абун ахӏеян.

Хӏисаб гьабеха хадусел цӏаразул ахӏизе ва хъвазе бугеб захӏмалъиялъул: Ворошилов, Киров, Буденный, Терешкова, Сталина, Октябрина… Гьайгьай, лъималазги гьединал цӏарал ругел чагӏи махсараде кквечӏого толаро. Гьединлъидал, лъимада цӏар лъолаго, лъикӏаб букӏуна росдал, миллаталъул гӏадатал цӏунани ва тухумалъул чӏахӏиязда дандбани.

Цо-цоязда ккола лъимадуе цӏар кьей бигьаяб жо кколин. Гьединал умумуз, ургъичӏого, магӏна цӏехечӏого лъола лъималазда цӏарал. Гьединлъидал Дагъистаналда руго Мадридалги, Колябиги, Сократалги, Миланалги, Камиллабиги, Дианабиги, Анжелабиги…

Чиясул хӏакъалъулъ гӏемераб жо бицуна цӏаралъ. Умумузулгун рухӏияб ва маданияталъулаб гьоркьоблъи тӏечӏого букӏиналъе, чиясда лъазе ккола жиндирго цӏаралъул магӏна. Масала, «Нури» абулеб дир цӏаралъул магӏна ккола: нур, канлъи, къалъи, канлъул чӏор. Гьединаб берцинаб, къокъаб, бигьаго ракӏалда чӏолеб цӏар дие кьурал дир умумузе дица баркалаги кьола.

Хваразул цӏар лъола цӏигьаруразда

«Дир Дагъистан» абураб тӏехьалда Расулица хъван буго: «Цӏар» абураб рагӏул кӏиго магӏна буго магӏарул мацӏалда. Цо лъураб цӏар, цо щвараб цӏар — машгьурлъи. Цӏарни вараниялдаги лъола, амма чиясул цӏар лъикӏлъиялъул рахъалъ кӏалухъ бахъизе кьураб буго», — ян.

Магӏарул цо росулъ букӏун буго ясазда цӏар лъеялъул гӏажаибаб гӏадат. Лъимер гьабулей гӏаданалъе бигьалъи букӏунин абун, гьеб гьабун бахъинегӏан цояс Къуръан цӏалулеб букӏун буго. Яс гьаюни, гьелда лъезе цӏарги хӏадурун гьечӏони, Къуръан цӏалулес ахиралда абураб рагӏуде тӏаде «атги» жубан, лъолеб букӏун буго ясалда цӏар. Масала, Рахӏимат — гурхӏел-рахӏму бугей, Салихӏат — лъикӏлъи гьабулей, Кавсарат — алжаналда бугеб гӏоралъул цӏар.

Хӏикмалъизарула цо-цо умумуз жидерго лъималазда ургъичӏого лъурал, рагӏизе, ахӏизе бокьуларел, гӏажаибал, гӏантал цӏарал рагӏидал. Хӏисаб гьабеха, кинаб захӏмат букӏунеб чиясе тӏубараб гӏумруялъ хадусел цӏарал хадур рехъерхъизе ккедал: Гӏонкӏкӏолав, Чохьолав, Бербуго, Кӏилъилай, Кьукьуле… Гьединал цӏарал ругел цо-цояз, паспортал росулаго, жидерго цӏарал хисула.

Расулил гьал жугьабаз нилъеда малъулеб буго лъималазда цӏарал лъезе лъикӏаб къагӏида:

«Дир ракьалда кьалда

гӏадан холаро,

Хваразул цӏар лъола

цӏигьаруразда.

Ва рижула васал меседил гӏадал,

Инсул цӏарги лъурал

жеги камилал».

Ахирал соназда магӏарухъ модалъун лъугьун буго, жеги чӏахӏиял умумул чӏаго рукӏаго, лъималазда гьезул цӏарал лъолеб къагӏида. Гьеб ккола нилъер умумузул букӏинчӏеб гӏадат. «Хведал лъималазда ниж кӏочона, гьезда божуларо, ниж гьез, цӏар лъун, кӏодо гьаруларо», — ян абулеб гӏадаб жо.

Гӏурусазул цӏарал

Буго цоги цӏакъго сурукъаб гӏадат. Умумуз лъурал цӏаралги гӏодоре рехун, Россиялъул шагьаралда бизнесалда ругел нилъер гӏолохъабаз росулел руго гӏурусазул ва жугьутӏазул цӏарал. Цо гьединасулгун дагӏба ккана дир. Чӏванкъотӏун гьес абуна, гӏурус цӏар бугони, Россиялда гӏарац гьабизе бигьаго букӏуна, — ян. Цӏар хисиялдаса бер бахъиго лъикӏин абулаан умумуз. Хирияв Мухӏамад авараг кӏодо гьавун, эбелалъ лъураб цӏар гьес Роман абун хисун буго. Гьулакалде тӏадеги къулун, эбелалъ ахӏарал: «Дир Мухӏамад, Мухӏамад, махӏ берцинаб карул гъветӏ, квине лъикӏаб пихъил гъветӏ» абурал берцинал рагӏаби гьесие щайха? Гьанже Романида гӏарцул гурони мацӏ бичӏчӏуларо.

«Цӏарал, цӏарал, цӏарал, берцинал цӏарал, цӏунизе умумуз нилъехъе кьурал», — абун ахӏулеб кочӏолъ ругел рагӏабазул буго кӏудияб магӏнаги, босулесе кьолеб камилаб гӏакълуги, амма киназго гуро гьезул гъварилъиялъулги камиллъиялъулги хӏисаб гьабулеб.

«Азарго вас гьавеги,

Азарго яс гьаеги

Бачӏунебщинаб соналъ

Щибаб рокъоб магӏарухъ».

Расулил гьеб кечӏ-дугӏа къабуллъизабеян Аллагьасдаги гьарун, бокьун буго гӏолохъанал улбузе гьадинаб гӏакълу кьезе. Цӏар ккола кибниги хъвай-хъвагӏай гьечӏеб чиясул паспорт, гьесул гьумер, хасият, гӏамал, гӏадат. Лъимада цӏар лъей ккола цӏакъ ургъун улбуз гьабизе кколеб иш ва жавабчилъи цӏикӏкӏараб тадбир. Тухумалъул кӏудияздаги, гӏумруялъул хӏалбихьи бугезда дандги бан, нилъ магӏарулал рукӏинги хӏисабалде босун, бахӏарчиял, яхӏ-намус бугел, лъикӏал чагӏазул цӏаралги цӏалкӏун лъураб цӏаралъ берцин гьабила нужер лъималазул гӏумру-магӏишат.

Нури Нуриев