Ахӏсаратил кочӏол дунялалда киназего хинлъи буго
«Хӏакъикъаталъул» гьурмазда нижеца зама-заманалдасан кьола миллияб искусствоялда жидерго лъалкӏги, цӏарги, тарихги толел, унго-унгояб гьунаралъул церехъабазул хӏакъалъулъ макъалаби. Гьединал чагӏи жакъа нилъеда гъорлъ руго ва гьелдаса ракӏ-ракӏалъ чӏухӏизеги бачӏуна.
Гьединал гӏадамазул цӏар рехсолаго, газеталъул жакъасеб номералда нужее бицине бокьун буго Хунзахъ районалъул Тӏанусиса гӏадатияй магӏарулай Ахӏсарат Хӏайбулаевалъул хӏакъалъулъ.
Нижер Ахӏсарат. Гьедин абула гьелде росуцояз, районцояз, гьудул-гьалмагълъиялъ, гьей лъалел, гьей йокьулел ва гьелъул къимат жидее кӏудиял гӏадамаз. Гьел рагӏабазда жаниб буго хинлъиги, хӏеренлъиги, чӏухӏиги, рохелги, адабги, баркалаги. Хӏакъикъаталдаги росуцоял ва гӏагараб тӏалъи жиндаса чӏухӏизе бегьулеб мисалияб гӏумру буго Ахӏсаратил.
26 сон буго гьелъул Тӏануси гӏагараб росдал школалда музыкаялъул дарсал кьолей мугӏалимлъун хӏалтӏулей йигелдаса, 31 сон буго гьебго Тӏанусиб ясли-ахалъул гьитӏичаздаги кечӏ-бакъаналъул балъголъаби малъулей, гьезул миллияб маданияталдехун ва умумузул кечӏ-бакъаналдехун рокьи куцалей йигелдасаги.
2022 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Хунзахъ Культураялъул рукъалъул искусствоялъул хӏаракатчӏужулъун. Районалъул бокьараб дандеруссин: бертин, ихтилат, сухӏмат, рохалил тадбир — Ахӏсаратил жигараб гӏахьаллъи гьечӏого унаро. Гьеб киналдаго гьоркьоб, гьединабго жигараб гӏахьаллъи гьабула Махӏачхъалаялда ва цогидал шагьараздагун районазда тӏоритӏулел тадбираздаги. Ячӏуна Ахӏсарат магӏарулал ракӏарарал дандеруссиназдеги. Гьениб жиндирго роцӏараб, берцинаб гьаракьалъ кечӏги ахӏун, гьеб дандеруссинги берцин гьабула. Гӏемерай щола гьей гьединго «Хӏакъикъаталъул» редакциялдеги. Киего щвезе заманги батулей, рекӏелъ щибго чӏухӏи гьечӏей, гӏадамасе жиндихъаго бажарараб кумек гьабизе хӏадурай йикӏиналъ йокьула гьей гӏадамазеги.
Гьединай йиго Ахӏсарат. Дагьал церегӏан къояз учителасул къоялде гьелъие щвана «РФялъул Лъай кьеялъул хӏурматияй хӏалтӏухъан» абураб цӏар ва ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул рахъалдаса Хӏурматалъул грамотаги. Гьединго гьелъие щвана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватӏибехунги миллияб маданиятги искусствоги цебетӏезабизе ва миллатазда гьоркьоб рекъелгун парахалъи цӏуниялъе бахъараб хӏаракаталъухъ Гъарачаево-Черкесиялъул хӏукуматалъул рахъалдаса Хӏурматалъул грамотаги.
Гӏемер соназ ракӏбацӏцӏадго гьабураб хъулухъалъухъ, миллияб маданият цӏунизе, гьеб бечед гьабизе бахъараб хӏаракаталъухъ щварал шапакъаталги гьелда баркун, Ахӏсаратилгун гьадинаб гара-чӏвари ккана нижер.
Мугӏалималъул ракӏ
— Ахӏсарат, баркула ракӏ-ракӏалъ цоги нухалъ исана дуе щварал шапакъатал. Баракатал ратаги. Жакъасел шартӏазда рекъон хӏалтӏизе ккани, бигьаяб ишги батиларо школалда мугӏалимасул хӏалтӏи. Кин бугониги, дуцаги тӏасабищун бугоха гьеб хъулухъ. Гьелдаса разиго йигищ?
— Баркала. Щвана дие исана гьел шапакъаталги. Гьелъухъ ракӏ-ракӏалъ баркала кьезе бокьун буго дун гьелъие рихьизарурал: нижер районалъул нухмалъиялъе ва республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул нухмалъиялъе, дие кьураб къиматалъухъ ва гьабураб божилъиялъухъ. Дунгӏан Аллагьги разилъаги.
Битӏараб буго, мугӏалимасул хъулухъ расниги бигьаяб хӏалтӏи гуро жакъа. Бокьараб, предметалъул учителасда, гьикъе гьес абила жиндир хӏалтӏи, гьеб кутакалда захӏматаб бугилан. Гьедин ккола рахьдал мацӏалъул дарсал кьолесда, гьедин абизе буго цогидал дарсазул мугӏалимзабазги дарсал кьолесулги. Гьединго абила дицаги. Щивав мугӏалимасул буго жиндирго хаслъиги, жиндаго дандчӏвалел захӏмалъабиги, гьел захӏмалъаби къезаризе гьес гурулеб гъежги.
Бигьаяб иш гуро, хӏакъикъаталдаги, лъималгун хӏалтӏизе. Гьезулгун рагӏи данде ккезабизе, дуцаго кьолеб дарсиде гьезул гъира бачӏинабизе хӏалтӏизе ккани, гӏемераб гӏетӏ тӏезе ккола учителас. Лъималги рокьизе ккола, дуцаго гьабулеб хӏалтӏиги бокьизе ккола. Бокьулеб ишалдехун гъира гьечӏони, хӏасил кинабха букӏинеб. Гьедин хӏалтӏулей йигоха: 26 сон бана гӏагараб школалда хӏалтӏизе лъугьаралдаса, 31 соналъ дирго росдал ясли- ахалдаги йиго.
Кечӏ-бакъан хирияб хъизамалъул яс
— Амма районцоязда, гьединго магӏарулазда мун цӏикӏкӏун лъала гьунар бугей кочӏохъан хӏисабалдаги. Гӏемерал тадбираздаги гӏахьаллъула мун гьединго. Кӏиябго хӏалтӏи — мугӏалимлъиги кочӏохъанлъиги цадахъ бачине захӏмат букӏунищ? Сунца дуе къуват кьолеб?
— Узухъда, бигьаяб иш бугин абиларо дица лъабабго бакӏалда хӏалтӏизе. Гьале ахираб лъабго сон буго районалъул культураялъул рокъойги дун хӏалтӏулей йигелдаса. Амма бокьулеб хӏалтӏи букӏиналъ ва къисматалъ гьелдехун юхьарай йикӏиналъги къуват кьола дие лъабабго хӏалтӏи цадахъ бачине. Гьелъ къисматалъе баркалаги кьола, Аллагьасе реццги гьабула жакъа къоялъги бокьулеб хӏалтӏуда гъорлъ йикӏун гьеб нухда бачине бажарулеб букӏиналдаса. Гьаниб тӏаде жубазе бокьилаан дие, гьитӏинаб мехалдасаго нахъего кечӏ-бакъанги ихтилатги хирияб букӏиналъ тӏасабищана дица букӏинесеб махщелги. Кочӏодехун бугеб рокьиялъ, школалда цӏалулеб мехалъго анищ гьабуна музыкаялъул дарсал кьезе мугӏалимлъун цӏализе ине. Гьеб мурад гӏумруялде бахъиналдаса йохунги йиго.
Нижер хъизамго букӏана кечӏ-бакъаналде рокьи цӏикӏкӏараб. Мунагьал чураяв инсуца хъвалаан хъумуз, кьабулаан къали, зурмаги пулаан гьес. Гьеб бачине росулъ бертабалъеги ахӏулаан гьев. Инсуда цадахъ гьес зурма пулелъул къали бухулаан гьитӏинай чӏужу дица.
Гьединаб хъизамалда гӏуна ва къисматалъ къачӏан батана кечӏ-бакъаналда хурхараб гӏумру. Гьелдаса цӏакъ разиго йиго. Гӏемерай ахӏула Махӏачхъалаялда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбиразде. Лъиениги инкар гьабун, гьение инчӏогоги дун чӏечӏо гьанжелъагӏан. Гӏадамазе рохел бикьизе, гьезул ракӏал чӏаго гьаризе, дирго кечӏалдалъун гьел рази гьаризе — аслияб мурад гьеб букӏиналъ хӏаракат бахъула дица гьение инеги.
— Кечӏ-бакъаналъ хасаб бакӏ ккуна кидаго нилъер миллияб гӏумруялда. Амма заман хисанагӏан хисулеб буго гьелдехун бербалагьи. Мисалалъе, кигӏанго фонограмма нахъе цузеян лъугьаниги, гьелъ жакъа жиндирго бакӏ ккуна. Амма ахӏулел рагӏаби магӏна бугел ругони, гӏадамаз гьеб къабул гьабизе бугин рикӏкӏуна дица (фонограммаялъухъ балагьичӏого). Дуца кин абилеб?
— Кечӏ-бакъанги ихтилатги магӏарулазе кидаго хирияб букӏана, битӏараб буго. Дида лъалеб мехалъги кочӏохъабиги гӏемер рукӏинчӏо, гьезул къиматги букӏана, ахӏулел рагӏабазулги букӏана магӏна буголъиги, гьелъ гӏадамазеги гьелъул къиматги букӏана.
Гьанжейин абуни, кӏал гьакӏкӏазе лъугьаравщинав чиги жив кочӏохъан вугилан ккун сценаялде вахунев вуго, фонограммаялда гурони ахӏулеб кечӏги гьечӏо. Гьеб бищун цебесеб бакӏалде бачӏун бугелъул, гьелда гъоркь кечӏ ахӏичӏого рес гьечӏо дирги цогидазулги. Амма диего бокьун гуро дица гьеб гьабулеб. Гьелдасаги нусгоги, азаргоги нухалъ цӏикӏкӏун бокьула дие дирго гьаракьалъ кечӏ ахӏизе, рес ккарабго гьедин ахӏизеги ахӏула. Амма дие гьеб бокьиялъул щиб, жакъасеб гӏолохъанаб гӏелалъе бокьулеб буго фонограмма. Гьезие магӏна-гӏин бугел рагӏабицин хӏажат гьечӏо, гӏицӏго бакъан бугелдаса нахъе. Ракӏал расандизарулеб аранжировкаялъул бакъан бугелдаса нахъе гьезие батӏалъи гьечӏо, гьеб бакъаналда гъоркь щиб ахӏаниги. Гьединал гурони кучӏдул гӏун бачӏунеб гӏелалъ жакъа къабул гьарулелги гьечӏо. Гьединал кочӏохъабазе гурони мустахӏикъав (й) кочӏохъан абураб цӏарги щолеб гьечӏо. Гьединазул гурони хӏалтӏулеб бакӏалдаги цогидалъубги къиматги гьечӏо жакъа.
Диего рокьула сабурал, гӏодор риччарал, цӏекӏлъи гъорлъ гьечӏел рагӏаби. Гьединал рагӏабаздаса гӏуцӏараб буго дир репертуарги. Фонограмма жакъа къотӏизабуниги, гьелдасаги, йохун гурони, пашманлъиларо. Ракӏчӏун лъала фонограмма жакъасеб кочӏол искусствоялдаса нахъе бачахъани, чанги чияс кечӏ ахӏи тезе буго.
— Жакъасел авторазул лъил рагӏабаздаса гӏуцӏараб бугеб дур кучӏдузул репертуар? Щивгун хӏалтӏизе бокьулеб?
— Гӏемерисел кучӏдул дица ахӏула нижерго Хунзахъ районалдаса рахъарал шагӏирзабазул рагӏабазда. Дир репертуаралда бищун цӏикӏкӏун кучӏдул руго халкъияй шагӏир Залму Батировалъ хъварал. Нижергоян рикӏкӏаниги бегьулей чӏужу йиго Гъуниб районалъул Бацӏадаса Тубхӏат Зургьаловаги. Гьелъул рагӏабаздаги 15 кечӏ буго дир. Ахӏула нилъерго классикал: Расулил, Фазул, Гӏабасиласул рагӏабаздаги. Чанго кечӏ буго Манарша Гӏисаевалъул ва Сабигат Мухӏамадовалъулги ва мунагьал чураяв Харахьиса Махӏмуд-Апандица хъваралги
Дирго росуцояй, школалда дие чанги дарс кьурай, дир йикӏарай мугӏалим — Шамай Хъазанбиевалъул росуцоязде, районалде, тӏалъиялде, тӏалъиялъул машгьурал церехъабазде гьарурал кучӏдулги гӏемерал руго дица ахӏулел. Залмулги, Тубхӏатилги, Шамайилги рукӏуна щибниги цӏекӏлъи гъорлъ гьечӏел, сабурал, магӏнаял рагӏабазул кучӏдул. Элъ рокьула дие гьел ахӏизеги.
— Дуцаго кучӏдул хъвазе хӏалбихьанищ?
— Бихьана. Чанго кечӏ буго дирго рагӏабаздаги ахӏулеб. Хъвазе хӏалбихьидал, гьеб батӏаго захӏматаб жоги батичӏо; дуего рахӏат толарел, рекӏелъан биччараб жоялъул хӏакъалъулъ кечӏ хъвазе лъугьиндал, гьеб чвахун бачӏунеб буго. Амма дидасаги пагьму-гьунар бугел шагӏирзабиги цере тун, кучӏдул хъвазе ва ахӏизе дун лъугьинчӏо. Хӏисаб гьабураб мехалъ, Аллагьас махщел цоясе кечӏ ахӏизе кьола, цогидазе гьел хъвазе кьун бугеб гӏадин. Щивав чи жиндирго махщалида рекъон хӏалтӏани, лъикӏаблъун бихьулаха дида…
Ашахан Юсупов