Марям Гъазимухӏамадова. Гьеб цӏар цӏияб буго магӏарул музыкалияб маданияталда. Гьанжего гьанже гьеб хӏикматаб ва балъголъабазул цӏураб дунялалде таваккалго галаби тӏамулел руго гӏолилалъ. Магӏарулазе Марям машгьурлъана академическияб вокалалда Россиялъул мустахӏикъай артистка Муи Хӏасановалъул кучӏдул ахӏиялдалъун. Тӏоцее дида Марям йихьана санайил «Хӏакъикъат» газеталъ тӏобитӏулеб «Чӏагояб классика» абураб литературияб конкурсалда. Гьеб букӏана 2022 сон. Иргадулаб конкурс сайгъат гьабун букӏана магӏарул машгьурав шагӏир, Хунзахъ районалъул Харахьиса Махӏмуд-Апандие. Гьеб тадбиралда гьитӏинай яцгун цадахъ гӏахьаллъи гьабуна Марямицаги. Гьениб халкъияб вокалалда (народный вокал) кечӏ ахӏана гьелъ. Тадбиралъул гӏахьалчагӏазе лъикӏаб асар гьабун букӏана гьелъул цееяхъиналъ. Доб мехалда Марям жеги школалда цӏалулей йикӏана. Долдаса нахъе ана лъабго сон…
Магӏарул кочӏолъе цӏияб чвахигун
Гӏагараб Харахьи росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, М. Гъазимухӏамадова цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, ДГПУялъул байбихьул классазул факультеталде. Гьениб щолеб буго ингилис мацӏалъул учителасул махщелги.
— Дие цӏакъ бокьун буго ингилис мацӏ лъазабизеги. Кутакалда берцин бихьула Хӏабиб Нурмухӏамадов гьеб мацӏалда кӏалъай. Диеги бокьун буго гьеб мацӏалда кӏалъазе цогидал пачалихъазда ругел кочӏохъабигун. Масала, нилъги гӏенеккула дунялалъул батӏи-батӏиял мацӏазда ахӏулел кучӏдузухъ. Рагӏаби ричӏчӏулел гьечӏониги, нилъее бокьула музыкаялъухъ гӏенеккизе. Щай бегьулареб магӏарул кечӏалъ гьединабго гӏорхъи бахине. Бокьун буго гьединал кочӏохъабазулгун лъай-хъвай гьабизе. Ингилис мацӏ лъалеб бугони, дие бигьалъизе буго гьеб пиша, — йилан бицана нижее редакциялде гьоболлъухъ ячӏарай Марямица.
Цадахъго Марям цӏалулей йиго Г. Хӏасановасул цӏаралда бугеб музыкалияб училищеялъул академическияб вокалалъул факультеталда (факультет академического вокала).
Марямилгун гара-чӏвари нижеца байбихьана кечӏ-бакъаналдалъун. Гӏолилалъ нижее кучӏдул ахӏана кӏиябго гьаркьидалъун, халкъияб ва академическияб вокалалдалъун. Гьезда гьоркьоса кинаб гьаракь дуего бокьулебилан абидал, Марямица, елъулаго, абуна кӏиябго бокьулила цӏакъго цӏакъилан.
— Гьеб кӏиялъго цоцазе кумек гьабун гурони, квалквалал гьаруларо. Гьел цадахъ рачиналъги квербакъулеб буго дие махщел камил гьабизеги. Кӏудияб гъираги буго магӏарул кочӏое батӏияб чвахи кьезе, — ян абуна гьелъ.
Биччанте Марямица нижее ахӏарал Махӏмуд-Апандил рагӏаби гьелъул жиндирго къисматалъул ва творчествоялъулаб гӏумруялъул ахӏилъун (девизлъун) абадиялъго хутӏизе:
— Кӏудияв инсуца абуна дида,
Гӏадамазда гьоркьой гӏаданлъун чӏаян.
Гӏодобе бортани, намусалъул цӏва
Цӏидасанги кунчӏун бачӏунарилан.
Кочӏолаб дунялалда тӏоцересел дандчӏваял
Школалда цӏалулеб мехалдаго, бижана Марямил магӏарул кочӏоде рокьи. Гьей хьвадулаан росулъ бугеб искусствабазул школалде. Ахӏулаан хоралда кучӏдул. Ва гьениб дагь-дагьккун загьирлъана Марямил пагьму-гьунар. Цее яхъана районалда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял музыкалиял конкурсазда…
Байбихьул классазул факультеталде цӏализе лъугьаниги, гьелъул пикраби рукӏана магӏарул кочӏол дунялалда. Лъай-хъвай гьабуна университеталъул музыкалияб факультеталъул преподаватель Нурият Каримулаевнаялъулгун. Ва Марям гьелъухъе хьвадула академическияб вокалалъул дарсазде. Университеталда тӏоритӏулел тадбиразулги жигарай гӏахьалчӏужу ккола Марям. Гьединго гьей гӏахьаллъула Махӏачхъалаялда тӏоритӏулел музыкалиялгун литературиял тадбираздаги. Масала, дагьал церегӏан къояз гьей гӏахьаллъана магӏарул шагӏир Мухӏамад Насрулаевасул творчествоялъулаб тадбиралда. Гьениве вачӏарав Дагъистаналъул халкъияв кочӏохъан аргъанги хъван, ахӏана гьелъ Муи Хӏасановалъул кучӏдуздаса цояб. Гьеб тадбиралдаса хадув редакциялде гьоболлъухъе вачӏарав Синдикъовас тӏадегӏанаб къимат кьуна Марямил кочӏое:
— Марям Гъазимухӏамадовалъул кечӏалъ дие цӏакъ кӏудияб асар гьабуна. Цониги нухалда цадахъ репетицияги гьабичӏого, гьелъ кечӏ ахӏана дир аргъаналде данде. Марямил кочӏол буго кӏудияб ва гвангъараб букӏинесеб. Амма гьеб пагьму цебетӏеялъе къваригӏуна кумекги квербакъиги. Гьеб щвечӏони, пагьму-гьунаралъе цебехун гьункьизе цӏакъ захӏмалъула. Дица гьарила гьей гӏолилалъул кочӏое магӏарулазул рокьиги рес бугезул кумекги, — ян абуна гьес.
Синдикъов гӏадав кочӏол устарас кьураб гьединаб къимат биччанте букӏине М. Гъазимухӏамадовалъул пагьму-гьунаралъе цеберагӏилъун.
Лъиениги балъголъи гуро пагьмуялда аскӏоб жахӏдаги букӏунеблъи. Гьединаб суалги кьуна нижеца Марямие.
— Дирго гьитӏинлъиги батизе бегьула. 19 гурони сон гьечӏей дида жеги бичӏчӏичӏого букӏинеги бегьиларищха гьеб щиб жояли. Амма гьабсагӏаталда дида жеги дандчӏвачӏо жахӏда-хӏусудги ракӏхъублъиги. Магӏарулаз дие чӏвалеб хъаталъулъги гӏицӏго рокьиги адабги бихьула дида. Магӏарул кочӏоеги дир цееяхъиналъеги гӏенеккараз чӏвалеб хъаталъеги дун кидаго ритӏухъайлъун йикӏине йиго. Гьабсагӏаталда квалквал гьабулев чиги гьечӏо. Лъиде аскӏое аниги, щиб гьикъаниги, лъицаниги нахъги чӏвачӏо, жидехъа бажарараб кумек гьабун гурони, — ян жаваб кьуна гьелъ.
Кечӏ ахӏизе гуребги, пасихӏго кучӏдул рикӏкӏинеги гӏажаибго берцинаб махщел буго гьелъул. Гьебги загьирлъана Хӏамзатил Расулил 100 сонилаб юбилеялъул хӏурматалда тӏоритӏулел дандеруссиназда. Марямица кучӏдул ахӏула Расул Хӏамзатовасул, Фазу Гӏалиевалъул, Залпа Мухӏамадрасуловалъул, Тубхӏат Зургьаловалъул ва цогидалги шагӏирзабазул рагӏабазда.
Гьединго Марямил лъай-хъвай ккана магӏарул бакъназул устарзаби Ахӏмад Гӏамирхановасулгун, Каримула Гӏабдулаевасулгун, Абакар Гӏумархӏажиевасулгун. Гьединго жиндирго творчествоялъулъ гьелъ хӏалтӏизарула Майндур Тӏалхӏатовасул ва Ахӏмад Цӏурмиловасул бакъналги. Бицана гьелъ нижее Россиялъул ва къватӏисел пачалихъазул жиндиего асар гьабулел кочӏохъабазул ва композиторазул хӏакъалъулъги. Гьелдалъун бихьулеб буго Марямица жиндирго лъайги пагьму-гьунарги цебетӏеялъе, гӏун бачӏиналъе гьабулеб бугебщинаб хӏалтӏи. Гьелъул гъира буго дунялалъулго музыкалияб гӏумруялде гъорлъе яккизе ва лъугьине.
Гьеб киналдего тӏадеги жеги бакъан хъвазе хӏалбихьизеги бокьун буго Марямие.
— Дун хӏикмалъизаюла бакънал рижулеб къагӏидаялъги. Бокьун буго гьелъул балъголъабиги лъазе. Хӏалгицин бихьулеб буго дихъанго бакъан лъугьунищали, — ян елъана гьей.
Марямида цоги ракӏалда буго консерваториялде лъугьинеги. Гӏемерал анищалги пикрабиги руго гӏолилалъул. Нух битӏаги нужее, гӏолилалъул пикраби. Биччанте хунздерил хьиндаллъиялда бижараб хӏикматаб гъотӏол пихъил гьуинаб тӏагӏам магӏарулазе гьарзалъизе.
Шамай Хъазанбиева