Дагъистаналда машгьурал речӏчӏухъаби кидаго рукӏана ва жакъаги руго. Лъида рагӏичӏеб Кӏикӏуниса Гӏусманил, Сали Сулейманил, Суракъат Асиятиловасул ва цогидазулги цӏарал. Гьезул кьерда хӏурматияб бакӏ ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ чанго нухалъ Дагъистаналъул, миллияб гугариялъул рахъалъ Россиялъул, гӏолилазда гьоркьоб тӏобитӏараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Совет Союзалъул (1960 сон), Гӏали Гӏалиевасул призалъе гӏоло тӏобитӏараб чемпионаталъул (1967 сон), «Динамо», «Урожай» ва «Локомотив» обществабазул эркенаб гугариялъул рахъалъ къецазда чемпионлъун вахъарав Гӏалибег Хӏажибековас. Эркенаб гугари бокьулезда ракӏалде щвезавиялъул мурадалда бицине бокьун буго гьесул гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Цӏакъ захӏматаб ва жиндаса мисал босизе рекъараб букӏана Гӏалибегил гӏумруялъул нух. Гьев гьавуна Шамил районалъул Тӏелекь росулъ. Эмен хведал, 11 сон барав Гӏалибегица жиндего тӏаде босана хъизам хьихьиялъул, эбелалъе кумек гьабиялъул жавабчилъи. Гьарулаан батӏи-батӏиял хӏалтӏаби: бахъулаан рак, бекьулаан хур, къотӏулаан саман. 14 сон байдал байбихьана къадахъанлъи гьабизе.

Гӏел бащадаздаса гьев вукӏана ворхатав ва къуватав вас, гьединлъидал бажарулаан бокьараб захӏматаб хӏалтӏи гьабун. Амма кинабго хисана даргиязул росулъ къед балев гьесде тӏаде эркенаб гугариялъул тренер Мухӏамад Гӏалиев вачӏараб къоялдаса нахъе. Тренерас абуна: «Гӏалибег, Аллагьас дуе кьун буго зурбаяб черхги, лъикӏаб чӏаголъиги, хӏинкъи лъалареб ракӏги. Гьеб ккола кӏудияб бечелъи ва лъазе ккола гьелдаса битӏун пайда босизе. Дие бокьун буго мун гугаризе ругьун гьавизе», — ян. Гьедин байбихьана 16 сон барав Гӏалибегил спортивияб нух.

Байбихьуда гугариялъул хӏалбихьи гьечӏев гӏолилас мугъчӏвай гьабулаан жиндирго къуваталде. Цо пуланаб къецалда машгьурав тренер А. Карапетянида бихьана Гӏалибег гугарулев куц, ва гьесда бичӏчӏана гӏолиласул лъикӏав гугарухъан вахъине вукӏин. Ва тренерас жиндаго тӏаде босана гӏолиласулгун тренировкаби гьариялъул жавабчилъи. Лъагӏалидасан цониги чи хутӏичӏо Гӏалибеггун гугаризе бажарулев. 18 соналда жанив цониги нухалда гьев къечӏо, Дагъистаналдаги вукӏинчӏо гьесулгун «бох бухьине» бажарулев бакӏаб цӏайиялъул гугарухъан. Гьев цеве вахъиндал, балагьараз, тӏадеги рахъун, ахӏулаан: «Гӏалибег, лъабго минут, Гӏалибег, лъабго минут», — абун. Гьелъул магӏна букӏана дандиясул мугъ гӏодоб цвизабизе гьесие лъабго минут гӏолин абураб.

1960 соналда Махӏачхъалаялъул «Динамо» стадионалда унеб букӏана Совет Союзалъул гӏолилазул эркенаб гугариялъул рахъалъ турнир. 17 сон барав Гӏалибегица данде рукӏарал киналго гугарухъабазда тӏад бигьаго бергьенлъи босана, гьев вахъана СССРалъул чемпионлъун. Хадуб Хӏажибековас абуна: «Гьеб заманалда дида ракӏалде ккана дунялалда тӏад дидаса талихӏав чиго ватиларин», — абун.

Гьеб къоялъ Гӏалибегида аскӏове вачӏана дунялалдаго цӏар рагӏарав гугарухъан Кӏикӏуниса Гӏусман Гӏабдурахӏманов. Гьес чемпионасда къвал бана ва баркала кьуна. Хадур гьел лъугьана гьудулзабилъунги. Машгьурав гугарухъанас Гӏалибегие рагьулаан гугариялъул балъголъаби, рихьизарулаан приемал.

Жиндирго бергьенлъаби ракӏалде щвезарулаго, Гӏалибегица абуна: «Киназго бицуна дир чорхол къуваталъул. Къуват букӏуна оцодаги хӏамидаги. Спортсменасе чара гьечӏеблъун ккола роцӏараб гӏакълу, жиндаго кверщел гьабун бажари ва хӏинкъи къинаби. Дун гӏемер гугарана дидаса бакӏал гугарухъабигун ва бергьунаан гьездаса. Щайгурелъул Аллагьас дие кьун гьечӏо хӏинкъиялъул асар. Речӏчӏухъанасе аслияб жо ккола щибабкъойилал тренировкаби. Бергьенлъаби щвеялъе гӏоло тӏезе ккола цӏакъ гӏемераб гӏетӏ», — ан.

Дол соназда Дагъистаналда дагьал гурони рукӏинчӏо цӏайи бакӏал гугарухъаби, гьединлъидал Гӏалибег рикӏкӏунаан цӏакъ къанагӏатаб гьунаралъул къей лъаларев речӏчӏухъанлъун. Гьев цеве вахъунаан эркенаб гугариялъул, самбоялъул, классикияб ва миллияб речӏчӏухъанлъиялъул къецазда. Гьесул бергьенлъабазул бицун казиятазда хъван букӏунаан: «Хӏажибеков вачӏана ва бергьана»; «Дагъистаналъул гъалбацӏалъ гьанжеги бергьенлъи босана», — ян.

Спорталда цадахъго Гӏалибегица бачана Махӏачхъалаялъул медучилищеялда, гьеб лъугӏидал мединституталда гьабулеб цӏалиги. Цӏалуда цадахъго хӏалтӏун, гьес балагьизе ккана гӏумру гьабиялъе гӏарацги. Институт лъугӏарав Хӏажибековас тохтурасул хӏалтӏул хӏалбихьи босана республикаялъул психбольницаялда. Гьениб гьес хӏукму гьабуна: «Гьанивго хӏалтӏун чӏела, ботӏролъ жагъаллъи бугел талихӏкъаразе кумек гьабила», — ян.

Гӏалибегил гӏамал-хасияталъулъ букӏана хъулухъчагӏазе данде кколареб цо «гӏунгутӏи» – гьесда лъалароан хӏакимзабазе хӏелизе, кӏолароан ккараб рагӏи бадибе абичӏого чӏезе. Хвезе къо щвезегӏан гьесул рекӏелъ цӏунун хутӏун букӏана ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул тӏалъиялде бугеб ракӏхвей. Гьес абулаан: «Тӏасиял курсазде рахъине дица кумек гьабулел рукӏарал мукъсанаб лъаялъул тохтурзабазе цебего щвана «Дагъистаналъул ва Россиялъул мустахӏикъав тохтур» абурал цӏарал. Гьеб цӏар кьезе хӏадурарал дир документал цо кӏудияв хӏакимасул столалда тӏад руго. Хӏалтӏила «Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏар щвезегӏан, бихьизабила дун гьелъие мустахӏикъав вукӏин», — ан.

Гӏолохъанал соназда Гӏалибег рикӏкӏунаан цӏакъ санагӏалъи гьечӏев чилъун, хасго милициялъул хӏалтӏухъабазе. Гьесда лъалароан нахъе къазе, гӏадат букӏана, танк гӏадин, тӏаде кӏанцӏулеб. Гьелдалъун милиционеразулгун кколаан дагӏба-рагӏи, вачунаан милициялде. Жиндирго букӏараб согӏаб гӏамалалъул бицунаго, гьес абуна: «Хъизамалдаги школалдаги нижее тарбия кьолаан кьварарал магӏарул гӏадатазда рекъон. Тӏад калам тун, нижеца тӏуразе кколаан херазул ва руччабазул адаб гьаби, загӏипасе кумек гьаби ва ритӏухълъи гьечӏолъиялда данде рагъи гӏадал гӏадатазул тӏалабал. Дол соназда магӏарул росабалъ кӏудияб кӏвар кьолаан лъималазе жамгӏияб тарбия кьеялде. Лъимадул гӏадлу хвезабиялъе кьварараб къимат кьолаан годекӏанире ракӏарараз ва хъизамалъул горсвериялда. Лъималаз тохаб жо гьабулеб бихьани, росдал чӏахӏияз гьезие кьварараб гӏадлу гьабулаан, гьелъие хӏалтӏизабизе бегьулаан хьоп ва рачел.

Шагьаралда дида гӏадлу-низамалъул батӏияб къагӏида батана. Дун лъугьана зараздалъун тохал гӏамалазде данде вагъизе. Къадарго гурони лъалароан гӏурус мацӏ, гӏолилас яги милиционерас цогидал къварид гьарулел рихьани, дир бераздаса канлъи босулаан, кӏолароан гьел бахьикъосазе «жесткий массаж» гьабичӏого тезе.

Гьеб гӏунгутӏиги гӏиллаялъе бачун, дие нух къана батӏиял улкабазул къецазде иналъе, гьединго махӏрум гьавуна спортменазе кьолел рукӏарал шапакъатаздасагун бигьалъабаздаса.

Дида хӏехьезе кӏоларо гьереси ва ритӏухълъи гьечӏолъи. Гӏумруялъго къеркьана ритӏухълъи цӏунун, амма херлъидал гурони бичӏчӏичӏо ракьалда тӏад ритӏухълъи гьезего гьечӏеблъи. Гьеб балагьулел чагӏиги, гьезда гьоркьов дунги ккола хӏакъикъиял «фантазиячагӏи», — ян.

Милиционер вухунин абун ахӏи бачӏиндал, институталъул ректорасул буюрухъалдалъун, гьев ДГМИялъул общежитиялдаса махӏрум гьавуна. Шагьаралда чӏезе бакӏ гьечӏев Гӏалибег, босун чемодангун, ана ДГМИялъул ректор Мухӏамад Макъсудовасул рокъове. «Дун ректорасухъе вачӏун вуго», — ян, гьесул лъадуе жавабги кьун, гӏодов чӏана диваналда тӏад. Кватӏун рокъове щварав ректорасда гьес абуна: «Дур буюрухъалъ дун общежитиялдаса нахъе гъуна, шагьаралдаги дир ракӏчӏарав гьобол гьечӏо, гьелъ дица ният гьабуна гӏумру гьабун дун гьанив чӏезе. Дур кӏудияб квартира буго, хъизамалъул чагӏиги гӏемерал гьечӏо, киназего бакӏ гӏела», — ян.

Макъсудовасда бичӏчӏана бигьаго Гӏалибег тӏаса хьвазехъин гьечӏеблъи. Гьединлъидал гьес, общежитиялъул комендантасухъеги ахӏун, гьебго сордоялъ Хӏажибеков живго вукӏараб бакӏалда рекъезавуна.

Ригьалде вахиндал, Гӏалибегица гӏолилазда малъулаан: «Тӏадегӏанав Аллагьас малъухъе гьабе гӏумруги магӏишатги. Инсан ракьалде вачӏун вуго лъикӏлъи гьабизе ва цогидазе кумекалъе ватизе», — ян.

Церегӏанго соназ гьесухъе гьоболлъухъ щварав дицаги хӏалбихьана Гӏалибегил лъадуца хӏадурарал хинкӏазул. Квандаса хадуб, Халикъасе реццги гьабун, гьес гьабуна гьадинаб дугӏа: «Аллагьасе рецц, язихълъиялда, пакъирлъиялда вукӏарав дие гьаб квартира кьуралъухъ, Тӏадегӏанасе дица нусго нухалъ бетӏер къулула гьалбадерие кьезе дир столалда тӏад ругел гьал тӏагӏамазухъ. Амин», — ан.

Нури Нуриев

Макъала хъвана, гӏумруялъул ахирал соназда Гӏалибегилгун ккун букӏараб гара-чӏвариялдаса пайдаги босун.