Дагъистаналъул халкъияв артист Мухӏамад Гӏабасовас – 60 сон
Авар миллаталъул кочӏолаб гъасда къадруялъ борхараб тах дурги буго. Намусалъ угьараб, яхӏалъ бекӏкӏараб, хӏурмат тӏадегӏанаб, тӏокӏлъи босараб.
Мухӏамад Гӏабасов, халкъияв артист, хутӏила дур кечӏги халкъалъе даим. Магӏарул кечӏалъул къимат цӏунарав, къиматалда вуго магӏарулазе.
Бицана дур кечӏалъ магӏарул тарих, магӏалгӏан къвакӏарал магӏарулазул. Гӏагарал мугӏрузе ахӏана дуца. Ахӏи бана гӏадат-гӏамал цӏунеян.
Дур кечӏалъ рачуна лъимерлъиялде, гӏагараб росулъе, гьоболлъи базе. Гӏолохъанлъиялъул сухъмахъазухъе, сухъмахъал хисарал шагьрабазухъе.
Магӏарул ясазул сабру — дур кочӏолъ. Магӏарул васазул кьвари – дур кочӏолъ. Магӏаруллъиялъул гьогьен – дур кочӏолъ. Гьуинлъи жубараб тӏагӏам – дур кочӏолъ.
Пагьму-гьунаралъул щибаб хӏокӏалъул къиса буго нижей дур 60 сон. Мугӏрузда кьучӏ лъураб дур кочӏол къисмат къарнабаз цӏунила гӏолел гӏелазе.
Пагьму-гьунаралъул тӏогьазда
Мухӏамад Гӏабасов лъаларев чи магӏарулазда гьоркьов ватиларин абунигицин, мекъи ккеларо. Аслияб къагӏидаялда гьев лъала, кочӏохъан хӏисабалда. Рорхатал мугӏруздаги согӏал кьурабаздаги тӏирщараб, барщараб Мухӏамадил кочӏол дуниял цӏакъго бечедаб буго. Дагьал церегӏан къояз, Мухӏамадида гӏумруялъул 60 сон баркизеги, жиндирго пагьму-гьунаралъул нухалъул хӏакъалъулъ гьес бицунелъухъ гӏенеккизеги, щвана гьесухъе Операялъул ва балеталъул театралде. Гьабсагӏаталда Мухӏамад хӏалтӏулев вуго гьеб театралъул директорлъун.
Гьавуна ва гӏуна Мухӏамад тӏабигӏат берцинаб Шамил районалъул Гьоор росулъ. Ва тӏоцере гьенир рагьана вукӏинесев халкъияв кочӏохъанасул пагьму-гьунаралъул нуцӏби. Гӏагараб росдал сухъмахъазул хӏалги бихьулаго, гьеб боржана магӏаруллъиялде. Долдаса нахъе ана гӏемерал сонал. Мухӏамадил кечӏин абуни, къобахъанагӏан гӏолохъанлъулеб буго…
1988 соналда Мухӏамадица лъугӏизабуна Дагъистаналъул культпросветучилище. Гьелдаса хадув микьго соналъ хӏалтӏана гӏагараб районалда. Гьеб цӏалиялда гӏей гьабичӏо Мухӏамадица. Цӏализе лъугьана ДГПИялъул музыкалияб факультеталде.
Магӏарул музыкалияб маданияталъул борхалъиялде вахунеб тӏоцебесеб хӏокӏлъун гьесие букӏана 1996 соналда «Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏар щвей.
Гӏагараб районалда гӏуралго соназги хӏалтӏун, Мухӏамад хъизангун цадахъ вахъана Махӏачхъалаялде. Гьев хӏалтӏизе лъугьана гьанжего гьанже рагьараб Операялъул ва балеталъул театралде. Цадахъго творчествоялъулаб биография байбихьана «Дагъистан» кьурдул ва кочӏол ансамблялда. 2005 соналда Мухӏамад Гӏабасов мустахӏикълъана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъе.
2017 соналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго Операялъул ва балеталъул театралъе. Инсул кьварараб тарбиялъул нухдасан ана гьесул васалги Салман ва Белек. Инсуцаго гӏадин, гьезги жакъа къоялъги, цӏар лъезегицин захӏматаб, магӏарул музыкалияб маданияталъе хӏабургъараблъун кколеб гьаб заманалда, борхатго ккун буго магӏарул кочӏол берцинлъиги чвахиги. Гьелги хӏалтӏулел руго гьебго театралда.
Ракӏалде щвезарилин, театралда хӏалтӏулаго, Мухӏамадица хӏарал цо-цо ролалги:
— Г. Хӏасановасул «Хочбар» асаралда — Хочбар, С. Рахманиновасул «Алекоялда» — гӏолохъанав цыганав, Наби Дагиров «Ирчи Казак» — Ирчи Казак, Чайковский «Евгений Онегин» — Ленский, М. Кажлаев «Валида» — Мурад, А. Пушкин «Медный всадник» — Евгений ва цогидалги.
Миллияб маданияталъул хаслъиги цӏунулаго…
Мухӏамадилгун, тӏоцебесеб иргаялда, бицен ккана, жакъасеб магӏарул кечӏ-бакъаналда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ:
— Нилъеца цӏунизе ккола магӏарул кочӏол хаслъи. Хӏисаб гьабуни, чанха вугев жакъа гьединав кочӏохъан. Кочӏолъ рукӏине ккола магӏарул бахӏарчияб халкъалъул тарихги, умумузул гӏамал-хасиятги, гӏолохъанаб гӏелалъе гьарулел малъа-хъваялги. Гӏолохъабазени гьанже гьединал кучӏдул рокьулелгицин гьечӏо. Гьел рагӏабазухъцин гӏенеккуларо, гьезие гӏицӏго кӏанцӏезе щвани гӏола, кьурдулелинги абун. Дица абиларо гӏолохъаби щибго бичӏчӏи гьечӏел ругилан. Гьел гӏезегӏан цӏодорал, гӏакъилал руго. Амма гьезда рихьулел гьечӏо магӏарул кечӏ-бакъаналъул унго-унгоял концертал. Гьеб киналъулго ургъел тӏаде босулев чи гьечӏеб мехалда, хӏасилги гьадинаб букӏуна. Гьеб кинабго гӏун бачӏунеб гӏелалда кӏочене тани, нилъ рилизе-тӏагӏинеги рес буго. Мацӏги цӏарги нилъеца хадусел гӏелазе цӏунани, хвасарлъизе буго нилъер миллатги. Дирги букӏине буго концерт 28 ноябралда Гӏурус театралда. Цо-цо мехалда ракӏалде ккола рачӏинадай гӏадамалин абун. Гьезие жакъа бокьулеб буго батӏияб кечӏ. Магӏарул кочӏол тӏагӏам кӏочонеб буго.
Дица гьединго гӏемер пикру гьабула, масала, жакъасеб магӏарул кочӏол хаслъиги хвезе течӏого, гьеб ахӏулебги гьелъухъ гӏенеккизеги лъалеб, гьелъул тӏагӏамги бичӏчӏулеб жакъасеб нилъер гӏел цебеса ани, кинабдай букӏина магӏарул кочӏол къисматилан. Хвасар гьабизе ккараб хӏал буго гӏицӏго мацӏалъул гуребги – магӏарул кочӏолги! – ян бицана гьес.
Кечӏалъ лъикӏлъиялде ахӏула инсан
Ахираб заманалда гӏемер бицунеб буго кечӏ-бакъан гьукъараб бугилан. Гьелда тӏасанги жиндирго пикру загьир гьабуна халкъияв артистас:
— Дир творчествоялъул аслияб темалъун ккола рокьи — Тӏадегӏанасде, диналде, Ватӏаналде, эбелалде, гӏага-божаразде, гьудул-гьалмагълъиялде, хъизан-лъималазде, чӏужугӏаданалде. Нижеца, кочӏохъабаз, чӏаго гьарула шагӏирзабазул кучӏдул. Масала, Хӏамзатил Расулил «Къункъраби» кечӏ. Гьеб кечӏ дунялалдаго машгьурлъана кочӏохъабаз ахӏиялдалъун. Гьединабго къисмат буго цогидал кучӏдузулги. Шагӏирзабиги гьечӏони, гьез хъвараб ахӏизе кочӏохъабиги гьечӏони, дида кколаха, гӏадамазе щолеб тарбиялъул бащдабгицин щвезе батиларилан. Масала, Цӏадаса Хӏамзатил «Гӏумруялъул дарсал», Инхоса Гӏалихӏажиясул «Кицабиял алфазал» ва цогидалги дунялалдаго машгьурал рагӏул устарзабазул дарсазухъги гӏенеккулел гьечӏони, тарбия кьолел гьединалго кучӏдулги рагӏулел гьечӏони, чӏороголъизе руго нилъер ракӏал. Унго-унгояб кечӏалъ кьола кутакаб тарбия. Гьанибго абизе бокьун буго – кечӏ ахӏулеб мехалда, гьелъул рагӏабазухъ гӏенеккизе лъалел ва бокьулел цӏакъго дагьлъулел руго. Гьелде кӏвар кьезе заманги некӏого щун бугоан, пайда щибха – гьеб иш тӏаде кколез гьелъул пикру гьабулеб гьечӏеб мехалда…
Улбузул саринал лъица ахӏилел?!
Миллаталъул букӏинесеб къисматалъул ургъел бугел цогидал гӏадамазего гӏадин, Мухӏамадиеги цӏакъ ургъел буго рахьдал мацӏалда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул.
— Эбелалъ, кинидеги къулун, рахьдал мацӏалда лъимаде ахӏулеб кечӏалдаса берцинаб сипатго бугебдай! Гьеб кечӏалъ гурищ лъимералъе гӏумруги кьолеб! Гьеб кечӏ гурищ даим нилъеда цадахъ бугеб, эбелалъ рахьдал мацӏалда ахӏараб кечӏ! Гьанжесел гӏолохъанал улбуз щиб мацӏалда ахӏизе бугеб лъимадуе кечӏ, рахьдал мацӏ лъалеб гьечӏони. Гьелъул буго нилъер пашманлъи — кинаб мацӏалда абизе бугеб эбелалъ лъимералда нух битӏагийилан. Щай махӏрум гьабулеб лъимер гьеб берцинаб талихӏалдаса?! Жакъаги урхъула дун эбелалъул сариназухъ ва цо лахӏзаталъ гьитӏинлъула, гӏолохъанлъула… Мацӏ — гьеб буго нилъер щивасе Аллагьас кьураб бечелъи. Гьелъул къимат гьабичӏезда Досул ццин бахъине буго. Гӏолеб гӏелалда гьеб бичӏчӏизабизеги захӏмат буго, мацӏги цӏарги наслабаз наслабазе цӏунизе кколеблъи. Магӏарухъ гьелъул иш квеш гьечӏо. Мугӏрул чӏаго ругебгӏан мехалъ, доба мацӏ лъаялъе къварилъи букӏинаро. Кӏвар кьезе ккун буго шагьаралъул магӏарулазде…
Дагъистаналъул гӏадаталги гӏадахъ росун…
Ва гара-чӏвариялъул ахиралда нижер бицен ккана Операялъул ва балеталъул театралъул хӏакъалъулъ.
— Опера, балетилан рагӏараб мехалда, гӏемерисез цебечӏезабула тӏубанго батӏияб сипат-сурат. Россиялда рукӏунел гӏадал. Нижеца хӏаракат бахъула опера букӏа, балет букӏа лъолелъул, батӏалъи гьечӏо, Дагъистаналъул гӏадатал-гӏамалал цӏунизе. Масала, Хӏамзатил Расулил «Хочбар» ва «Магӏарулай» асаразул кьучӏалда лъурал операялдаги балеталдаги гьелъул гӏахьалчагӏазда тӏад букӏана Дагъистаналъул хаслъи цӏунараб парталги магӏарул росу-ракьги. Киназдаго бичӏчӏулеб хӏалалда бицана ва бихьизабуна магӏарул тарих. Гьелги ва цогидалги асарал рихьизарулеб мехалда, Гӏурус театралъул кӏудияб зал кидаго кьабгӏун цӏунги букӏуна. Рачӏуна гьенире цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамалги, гьединго гӏолохъанаб гӏелги. Гьелъго бицунеб гьечӏищха тӏадегӏанаб искусство бичӏчӏулел гӏадамал нилъер рукӏинги. Дагъистаналъул къагӏида гьелъулъ цӏунун бажариги – гьеб буго театралъул гӏахьалчагӏазул пагьму-гьунаралъул тӏадегӏанлъи. Гьединал бажари бугел актераз ккураб театрги буго гьаб, — ан бицана Мухӏамадица.
Баркиял гӏемерлъаги гӏумруялъул нухазда
«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъги баркула Мухӏамад Гӏабасовасда 60 сонилаб юбилей. Гьарула гьесул кочӏое даимаб роржен, искусствоялъул бищунго тӏадегӏанал тӏогьал мутӏигӏ гьаризе къуватги жан-жигарги, пагьму-гьунаралъе — кидагосеб роцӏенги буцӏцӏенги. Жеги гьарула гьев сахаватав инсанасе гӏемерал соназул талихӏаб гӏумру. Биччанте гьесул кечӏалъ жеги санаца рохизаризе магӏарулал. Машгьурлъи щванагӏан, гӏадатиявлъун хутӏарав магӏаруласул кучӏдузул хинлъи абадияблъун хутӏаги Дагъистаналъул музыкалияб маданияталда. Цогиги — Мухӏамадил кочӏол адаб гьабулезеги кӏудияб рохеллъун букӏина гьев вихьизавун вугин «Россиялъул мустахӏикъав артист» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъейилан абураб хабарги. Жеги данделъила нилъ Мухӏамадил кучӏдузул горсверуда 28 ноябралда…
Шамай Хъазанбиева