Дагьалъ цебегӏан Хунзахъ районалда тӏобитӏана Хӏариколо росдал школалъ 100 сон тӏубаялъулаб юбилей. 2024 соналъго тӏобитӏизе кколеб букӏараб гьеб байрам нахъбахъизе ккун букӏана сверухълъи, нухал къачӏаялъул хӏалтӏаби росулъ унел рукӏиналда бан.
Палхӏасил, байрамкъоялъ баркиялъулаб кӏалъай гьабулаго, районалъул лъай кьеялъул нухмалъулей Патӏимат Хӏамзатовалъ бицана цӏалулъгун жамгӏияб гӏумруялъулъ школалъ ва коллективалъ гьабулеб жигараб гӏахьаллъиялъул, цӏалана районалъул нухмалъулев Нурмухӏамад Задиевасул рахъалдасан баркиялъулаб кагъат, школалъул ункъо хӏалтӏухъанасе кьуна республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамотаби.
Школалъул тарихалъул бицана директор Абакаров Мухӏамадица. Жакъа школалъул буго лъабго корпус, 15 класс, 56 цӏалдохъан. Коллективалда вуго 28 хӏалтӏухъан.
Гӏагараб ракь бокьиялда ва гьеб лъазабиялда сверухъ Хӏариколо росдал школалда гьабулеб хӏалтӏуе нугӏлъи гьабула гьелъул цӏалдохъаби Тӏолгороссиялъулаб гӏагараб ракь лъазабиялъул республикаялъул олимпиадаялда бергьиналъги. Тӏолгороссиялъулаб лъималазул ва гӏолилазул «Движение первых» багъа-бачариялъул школалда бугеб байбихьул гӏуцӏи бищун лъикӏаблъун рикӏкӏана тӏолабго улкаялда, ва командаялъе щвана 500 азарго гъурщил грант.
Гӏагараб школалде, учительзабазде гьарурал кучӏдул цӏалана цӏалдохъабаз, байрам баркана батӏи-батӏиял росабазул школазул нухмалъулез. Мугӏалимзабазе Баркалаялъул кагътал кьуна росдал бегавул Сагӏадула Хӏайбулаевасги.
Жакъа гӏадин ракӏалда буго, педагогикияб ишалъул щибго хӏалбихьи гьечӏей гӏолохъанчӏужу, дун, школалъул коллективалъ къабул гьаюраб куц. Хӏал алжаналъуб батаги квешаб-лъикӏаб дида малъарал Хваджа Мухӏамадовичасул, Мухӏамад Лъебелаевичасул, Шамил Гӏалиевичасул, Жамал Гӏусмановичасул, Гӏали Хӏасановичасул.
Гьабсагӏатги йохула ишцоял дандчӏвайдал. Патӏимат Мухӏамадовна, Гӏунайзат Хӏажиевна, Барият Мухӏамадовна, Хадижат Загьидовна, Гъази Мухӏамадович, бокьулеб ишалда нахъа гӏемерал соназ сахлъиялда таги нуж. Мансур Набиевичги Патӏимат Гунащевнаги, нужедеги дир адаб, нужеца учителасул хӏалтӏи тун букӏаниги. Хасаб баркала буго дилъ гӏадлу-низам куцарав, школалъул директорлъун вукӏарав Абакаров Шамсулгӏалиеги. Гьесул выговоралдаса хадуб дун цониги нухалда кватӏичӏейха кинаб бугониги хӏалтӏуде. Лъикӏаб, цоцазе кумекалъе хӏадураб коллективалда хӏалтӏараб кӏиго сон дие лъугьана унго-унгояб магӏарул гӏаданлъиялъул, адабалъул къебелъилъун. Тӏоцересел цӏалдохъабиги хутӏиларищха думалъго бищун рокьулеллъун, лъикӏаллъун.
Гьитӏинабго рокьуе мукӏурлъиялдаса хадуб байбихьилин школалъул 100 сонилаб гӏумрудул бицинеги.
1921 соналда байбихьана гьелъул тарих. Инкъилаб ккезегӏан Авар округалда букӏун буго гӏицӏго цо школа. Инкъилабалдаса хадуб школал рагьизе квалквал ккун буго граждан рагъул ва учительзаби гӏунгутӏиялъул. Гьедин букӏаниги, 1921 соналъ округалъул халкъияб лъай кьеялъул заведующий Асадула Мухӏамадовасул хӏисабкьеялда хъван буго: «Росабалъ рагьун буго 11 школа. Хӏариколо вуго 15 цӏалдохъан, Гьоцӏалъ — 36, Могьохъ-Коло — 3, Гӏарани — 44. Хунзахъ буго 2 школа: цоялда 53 ясалъе, кӏиабилелда — 70 васасе кьола дарсал. Хӏарикологи Хунзахъги къадияс лъималазда Къуръан малъула. Округалда вуго 339 цӏалдохъан, гьездасан — 75 яс. Гьоцӏалъ росдал школалда хутӏизегӏан гьечӏо столал-бакӏал, лъимал цӏалула я чӏарбида, я жидецаго рокъоса рачӏарал бакӏазда гӏодорги чӏун», — ан.
Гьеб документалдасан бихьулеб буго Хӏариколо школа 1921 соналъго букӏараблъи. Турказул мацӏалда дарсал кьолел рукӏун буго Хважахӏажил Мухӏамадица. Гьесда лъикӏ лъалел рукӏун руго гӏарабгун латин мацӏалги. Росулъ жеги цӏунун буго гьезул бечедаб хъизамалъулаб библиотека.
1924 соналъ Хӏариколо, цин Шаридадал (хадуб Хӏайдаровазул) рокъоб рагьула ликбез. Гьенире хьвадулел рукӏана чӏахӏиялги. Ликбез рагьараб соналъ лъай гьечӏолъи лъугӏизабун буго росулъа 39 чиясул. (Гьел тӏоцересезул жакъаги чӏаго йиго Гьитӏинова Узлипат). Дарсал кьолел рукӏун руго Сулейманов Набица.
1928 соналъ, 44 цӏалдохъангун Хӏариколо рагьула байбихьул школа. Гьаниб бихьизабизе ккола, хӏарисез жакъаги кӏудияб адабалда рехсола гӏумрудул 48 сон росдал ва магӏаруллъиялъул лъай кьеялъул гӏуцӏабазе кьурав, тӏоцевесев мугӏалим, «Захӏматалъул Багӏараб Байрахъалъул», «Хӏурматалъул гӏаламат» орденазул кавалер, ДАССРалъул мустахӏикъав учитель Сулейманов Набил цӏар.
1947 соналъ байбихьул школалъул гьабула анкьгосонилаб, хадуб 1962 соналъ — микьгосонилаб.
1967 соналда школа гьабуна гьоркьохъеблъун. Гьелъ къадруялда цебехун босулеб буго рагъул бахӏарчи, капитан Айтбер Бижановасул цӏар.
Батӏи-батӏиял соназ школалъе нухмалъи гьабуна: Хунзахъа Гӏабдусамад Батӏаловас (1955-58 сонал), фронтовик Гӏарип Мухӏамадовас (1958-1966 сонал) (гьесул заманалда рана школалъе кӏитӏалаяб минаги мастерскаялги). 1960-1970 соназ школа цебетӏеялъулъ жигарчилъи гьабуна Гьиматова Нупайсатица ва Сулейманова Патӏиматица.
1970-1984 соназ школалъе нухмалъи гьабуна дунялалдаго цӏар рагӏарав педагогасул методика росдал школалда билълъанхъизабиялъ «бакӏалъулав Сухомлинский» абун цӏар лъурав Сагӏидов Мухӏамадица. 1975 соналдаса нахъе гӏуцӏана бечедаб тарихияб музей. Ракӏалда руго лъималазе музеялдеги рачун кьолел рукӏарал пайдаял, чӏагоял дарсал…
Чорхол сахлъиялъ рехун тезегӏан школалъе бажарун нухмалъи гьабуна «1996 соналъ Россиялъул лъагӏалил директор», тӏадегӏанаб категориялъул мугӏалим Абакаров Гӏалица. Гьесул заманалда рагьана школалда цебесеб гӏанкӏабазул ферма (бокьараб тадбиралъе школалъул коллективалъул букӏунаан жидецаго гӏезарурал гӏиялъажалазул, гӏанкӏуязул, гӏанкӏазул гьан). Жакъаги, киса-кибго захӏматалъулаб тарбиялъул кьичӏи бакъваниги, хӏарисезул лъималаз школалъул цебебакӏалда гӏезабула картошка, ламадур ва пихъ.
1999-2009 соназ школалъе нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул халкъияб лъай кьеялъул отличник, 2000 соналъ Россиялъул «Школазул гӏасруялъул директор» Хваджаев Хваджаца, гьесдаса хадуб — 2022 соналде щвезегӏан — гӏагараб ракь ва тарих лъазабиялда бергьун кӏудияб хӏалтӏи гьабурай, республикаялдаго машгьурал ТОКСалъул къокъабазул цояб — Хӏариколо отрядалъул нухмалъулей Хваджаева Патӏиматица. Хваджаевал ккола педагогазул тухумилан жидеда цӏар лъезе бегьулеб махщалилазул хъизам.
Гьабсагӏат школалъе нухмалъи гьабулеб буго Абакаров Мухӏамадица. Шагьаралда рахӏатаб гӏумруялдасаги вузазда преподавательлъун хӏалтӏиялдасаги цебеккуна Мухӏамад Гӏалиевичас вижараб росдал мактабалъул иш цебе бачин.
Рехселин цо-цо бергьенлъабазул хӏакъалъулъги. 1958 соналъ школалъул юннатазул кружок гӏахьаллъана Тӏолгосоюзалъулаб росдал магӏишаталъул выставкаялда. 1978, 1982 соназ школалъул пионеразул гӏуцӏи мустахӏикълъана ВЛКСМалъул ЦКялъул Хӏурматалъул грамотабазе, 1984 соналъ щвана СССРалъул ВДНХялда мазгарул медаль, чанго соналъ тӏатӏалаго ккуна Дагъистаналъул туристазулгун краеведазул слеталда цересел бакӏал, камичӏо районалъул лъай кьеялъул Реццалъул хъорщодаса…
Хӏариколо росдал школалъ 100 соналъ гӏезарулел руго сахал, лъайги иманги бугел гӏадамал, педагогал свак тун хӏалтӏулел руго росуги районги лъикӏаб рахъалдасан гурого бихьизабуларел выпускникал къватӏире риччаялъул масъалаялда тӏад. Таваккалал нухмалъулез (бегавулас, директорас, мугӏалимзабаз, росдал сахаватчагӏаз) росулъ рукӏа-рахъиналъе шартӏал гӏуцӏун, лъай кьеялъул иш роцӏинабун цӏигьабизе тӏаде босун буго Хӏариколо росу. Гьедин, умумузул кьалбазухъе тӏадруссунел руго лъикӏаб гӏумруялда хадуб гӏатӏиракьалде рахъарал гӏолохъанал хъизамал, чӏаголъулеб буго некӏсияб, тарих бечедаб Хӏарикил кули. Школалъин абуни, гьеб ишалъулъ ккола бищун кӏвар бугеб, рухӏияб бутӏа.
Байрамгун, гӏагараб Хӏариколо росдал школа, жеги чанго гӏасруялъ кӏодо гьабизе хъван батаги дуца юбилей, сахаватал, лъай бугел цӏалдохъабаздалъунги сси бугел мугӏалимзабаздалъунги машгьурлъаги дур цӏар!
Ф. Мухӏамадова, Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редактор