«Россия – дир тарих» абураб музей-паркалда араб анкьалда бихьизабуна «Мацӏазул мегӏер» абураб документалияб фильм. Гьеб бахъана режиссер Родион Исмагӏиловас ва гьабсагӏаталда рикӏкӏуна Дагъистаналъул мацӏазулги маданияб бечелъиялъулги хӏакъалъулъ бицунеб бищунго кӏудияб проектлъун.
Фильмалъухъ балагьизе рачӏун рукӏана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, министерствабазулгун ведомствабазул нухмалъулел, маданияталъул вакилзаби ва цогидал дагъистаниял.
«Мацӏазул мегӏер» — гьеб буго кӏиго соналъул хӏаракаталъул хӏасил. «Тӏоцебесеб соналда нижеца гара-чӏвариял гьаруна щибаб мацӏалъул вакилзабигун. Кӏиабилеб сон ана тӏабигӏаталъул сураталги видеоги бахъулаго. Гьелъие кутакалда гьунар бугев чи вуго Гӏалихан – дроналдаса видео бахъулев оператор. Кӏудияб икъбаллъун рикӏкӏуна дица, республикаялъул букӏинеселъул тӏалаб гьабулел гӏадамал съемкабазул къокъадулъе ккей», — ан бицана фильмалъул режиссер Родион Исмагӏиловас. Хасаб баркала кьуна гьес ДРялъул хӏукуматалъул министр Батӏал Батӏаловасе (жиндир пикруялъул рахъги ккун, батӏи-батӏиял министерствабазул кабинетазде цадахъ хьвадаралъухъги, фильмалда харж гьабизе гӏарац балагьизе гьабураб кумекалъухъги ва гь.ц.), Болъихъ районалъул Рахатӏа росулъа Патӏимат Мухӏамадзагьидовалъул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏарал руччабазул къокъаялъе (сураталгун видео бахъиялъе квербакъаралъухъ). Гьединго баркала загьир гьабуна Москваялда гӏумру гьабулев «Мега-Дом» социалияб рахъалъ хӏалкъарал гӏадамазе кумек гьабулеб фондалъул нухмалъулев Тажудин Исрапиловасеги. Гьев ккола Чӏарада районалъул Гӏурухъ-Сотӏа росулъа. «Фильмалде харж гьабизеян кьураб гӏарацги лъугӏун хутӏана ниж. Гьеб мехалда кумекалъе ватана Тажудин: гьесул квербакъиялдалъун рес щвана хӏажатабщинаб босизеги, сапарал гьаризеги», — ян абуна Р. Исмагӏиловас.
Фильм бахъулеб къокъа щвана 42 районалдегун лъабнусго росулъе. Гьез фильмалда вихьизавуна 32 миллияб мацӏалъул вакил. Гьезда тӏадретӏун букӏана миллияб партал ва жидерго гӏумруялъулги, халкъиял гӏадатазулги, тарихиял лъугьа-бахъиназулги хӏакъалъулъ рахьдал мацӏалда бицунеб букӏана гьез. Дагъистаналъул халкъазул мацӏазулги маданияталъулги энциклопедия бугин гьеб фильмилан абуни, мекъи ккеларо.
Фильм бахъиялъул мурад щибан гьикъидал, Р. Исмагӏиловас гьадин бицана: «Гьитӏинабго ракьул бутӏаялда гӏасрабаз гӏумру гьабулеб буго дагъистанияз. Тарихалда гьечӏо гьезул дандеккунгутӏиялъе, гьезда гьоркьосеб тунка-гӏусиялъе нугӏлъи гьабулеб цониги хӏужа, амма гьелъул хӏакъалъулъ щибниги лъаларо цогидал пачалихъазда щиб гурин – нилъерго улкаялдаги. Аслияб масъала букӏана батӏи-батӏиял мацӏазулги диназулги вакилзабаз цоцалъ гъункун гӏумру гьабулеб Дагъистаналъул мисал тӏолабго дунялалъе загьир гьаби», — ян.
Дагъистаналда бихьизабилалде «Мацӏазул мегӏер» Австриялда бихьизабуниланги бицана режиссерас. «Гӏажаиблъун хутӏана гьелъухъ балагьарал фестивалалъул гӏахьалчагӏиги эксперталги. Гьедигӏан берцинаб тӏабигӏатги гьайбатал гӏадамалги ругеб бакӏ жидеда жеги бихьичӏин абулеб букӏана гьез», — ан бицана режиссерас.
Кавсарат Сулейманова